Ссылки для упрощенного доступа

Бищунго Дагъистаналъе къваригIун буго демократия...


Алексей Кудрин
Алексей Кудрин

Гьал къоязда Москваялда гIалимзабаз цебе лъуна «Шималияб Кавказ ва демократияб цебетIеялъул гьанжесеб модель» абураб доклад.

Гьелъул авторал – Россиялъул халкъияб магIишаталъул академиялъул хIалтIухъаби Константин Казениница ва Ирина Старободубровскаялъ рикIкIунеб буго Кавказ тIолгороссиялъулаб юридикияб системялдаса къватIиб буго абураб пикру мекъаб бугин ва гьенир демократиял хиса-басиял гьаризе бегьулин. «Эркенлъи» радиоялъ экспертазда цIехолеб буго, хIадур бугищ Кавказ демократиялде, гьаризе бегьулищ гьанир тIолгохалкъалъул рищиял ва кинаб регионалъул хаслъиялде кIвар кьезе кколебали.

Шималияб Кавказалда Россиялъул къанунал киналго хIалтIулел гьечIо ва киса-кирего хIалтIулел гьечIо. Амма кин бугониги, регион пачалихъияб системаялда жанибе бачине ккани, гьенир рукIине ккола демократиял процессал, тIоритIизе ккола тIолгохалкъалъул рищиял ва экономикиябгун рухIияб рахъалде цIикIкIун кьезе ккола. Гьединаб хIасил гьабуна тIадехун рехсараб докладалъул хIасилал гьарулаго Гражданиял инициативаязул комитеталъул нухмалъулев, цеве вукIарав Россиялъул финансазул министр Алексей Кудриница. Гьесул пикруялда рекъон, пачалихъияб тIалъи разилъун буго Шималияб Кавказалда цо-цо къанунал тIуралел гьечIо абураб хIакъикъаталда.

Регионалда гIадлу гьабизе ккани цохIо къуват хIалтIизабун гIоларо, халкъалъе кьезе ккола жидерго гражданиял ихтиярал гIумруялде рахинаризе. Аслиял ихтияралги ккола тIалъи гIуцIиялъулъ халкъ гIахьаллъизе биччай. Ай, ритIухъал тIолгохалкъалъулал рищиял тIоритIи. Амма гьел рищиязул хIасил батIи-батIияб букIине бегьула. Гьелъ рачине бегьула национализмалде ялъуни динияб фундаментализмалдеян рикIкIунеб буго политолог Сергей Маркедоновас. Гьесда разилъулев вуго цоги политолог Андрей Епифанцев. ТIолгохалкъалъул рищиял гьаруни тIалъиялде вачIине вуго пачалихъалъ тIад кверщел гьабизе кIоларев политик ялъуни радикалал. ГьабсагIаталда гьелъул бицине жеги цудунго бугин рикIкIунеб буго гьес.

Журналист Максим Шевченко гьесда рази гьечIо. «Эркенлъи» радиоялъе гьес гьадин абуна:

Максим Шевченко: «Рищиязул хIасилалда тIалъиялде радикалал рачIине бегьула абураб жо буго чIанда. Щайгурелъул, гьел радикалаз кинабгIаги демократияги, парламенталъулал политикиял инструменталги къабул гьаруларо. Радикалаз тIубанго рикIкIунаро гьанжесеб демократияб пачалихъ. ХIакъикъаталда, декотратиял институтал руго регионалда тIибитIараб экстремизмалдаги, терроризмалдаги, ришватчилъиялдаги, тIалъиялъулгун къуваталъул идарабазул зулмуялдаги данде чIезе бегьулеб цохIого цо инструмент. ТIоцебесеб иргаялда демократиял хиса-басиял хIажат руго Дагъистаналъе. Исана рукIине руго республикаялъул Халкъияб мажлисалде рищиял. Исламиял рукIа, христианиял рукIа, либералиял рукIа, киналго демократаз гIуцIизе ккола цогояб коалиция рищиязда гIахьаллъизе ва гьенире жидер чагIи рищизе ккола. Гурони, парламенталда руго гIицIго жидерго суалал роцIцIунел батIи-батIиял къуватал».

Философиял гIелмабазул кандитат, исламовед Саидов Садикъил пикруялда рекъон, рухIаниял кидаго рукIана тIалъиялде рорчIизе хIаракат бахъулел, бокьараб динияб данделъиялъе къваригIун буго тIалъиялда букIине. Нилъер светияб пачалихъ букIун рагьун гьеб гьез бихьизабулеб гьечIониги, балъго жидерго чагIи тIалъиялде тункула гьез. Динияб партия гIуцIизеги пачалихъалъ гьукъун буго.

Живго Кудринил пикруялда рекъон, Кавказалда буго кIудияб рагIдукь бугеб экономикаялъул сектор. Гьеб къватIибе бахъани, Шималияб Кавказ цебетIураб регион букIине бугин. Жиндагоги гьеб гьедин букIин лъалароанин, чанго соналъ федералияв министр вукIаниги. Амма гьеб гьабизе ккани, нахъойги къваригIун руго демократиял институтал. Гьеб гьечIони регион кланазул, ришватчилъиялъул ва экстремизмалъул асаралда гъоркь букIине бугин.

XS
SM
MD
LG