Ссылки для упрощенного доступа

ЖамагIатаз Россиялъул туснахъал кверде росулел руго


Эспертаз ва туснахъазда рукIарал гIадамаз кIвар буссинабулеб буго гIадамал жанир тIамурал бакIазда исламалъул кIвар цIикIкIунеб букIиналде ва гьелъ криминалиял элементазул ай «блатноязул» къанунал нахъе цулел рукIиналде.

Туснахъазул абулел жамагIаталгун рагъ кьваризабизе ракIалда буго Россиялъул туснахъазул тIалаб гьабулеб хъулухъалъул хIалтIухъабазда ай ФСИНалда. Туснахъазда бусурбабазул формалиял гурел гIуцIаби ракIкIиялъе гIилла бугин Россиялда гьукъараб ДАГIШ террористияб гIуцIиялъул жигар цIикIкIинин хъвалеб буго «Коммерсант» газетаялъ рехсараб хъулухъалъул хIалтIухъабазда мугъчIвайги гьабулаго. Амма Россиялъул туснахъалда рукIараз рикIкIунеб буго гьеб экстремистияб къукъагун туснахъазда ругел бусурбабазул цIар бухьинабулеб бугин гьезде тIадецуй гьабизе цIикIкIун ресал щвезелъунин.

Эспертаз ва туснахъазда рукIарал гIадамаз кIвар буссинабулеб буго гIадамал жанир тIамурал бакIазда исламалъул кIвар цIикIкIунеб букIиналде, гьелъ криминалиял элементазул ай «блатноязул» къанунал нахъе цулел рукIиналде ва туснахъазул тIалаб гьабулел ай ФСИНалъул хIултIухъаби гьениб хIалтIи гIуцIун бугеб къагIида хисизабизе тIамулел рукIиналде. Россиялъул ФСИНалъ цин нахъчIвалеб букIана туснахъазда жамагIатал ругин абураб лъазаби. Гьелъул хъвалеб букIана «Национальная служба новостей» абулеб агентлъиялъ. Хадуб, гьебго агентлъиялъе, гьел жамагIатал ругеблъи чIезабуна Москваялъул муфтияс.

ХIакъикъаталдаги ругищ гьел бицен гьабулел жамагIатал Россиялъул туснахъазда ва рукIун щиб гьез гьабулебан нижеца гьикъана Алан Бергманида. Гьес 8 сон бана Россиялъул Сибиралда бугеб анкьго батIи-батIияб туснахъалда. Алан туснахъалде ккун вукIана лъидаго бачIеб Ичкериялъе гIоло абун рагъулаб конфликталда гIахьаллъаралъухъ. Жакъа гьес гIумру гьабулеб буго Европаялъул цо улкаялда.

Жинца бищунго цIикIкIун заман бахъаралда килисаги мажгитги букIанин бицана гьес. Жидер туснахъалда Россиялдаса, хас гьабун Шималиб Кавказалдаса ва Гьоркьохъеб Азиялдаса кинабниги 200-гIан бусурманчи вукIаниги бусурбабазул къадар гIаммаб къадаралде дандеккун гIемерго дагьаб букIанин бицана гьес Эркенлъи Радиоялъе. Мажгитги гьез бан буго жидецаго жидерго гIарцуде гьеб базе изну кьеян гIемер гьардон хIалихъе изну щун хадуб.

Россиялъул туснахъалда
Россиялъул туснахъалда

Туснахъалда ругел цоги криминалиял элементалгун бусурбабазул гьоркьорлъаби лъикIал рукIунаанин туснахъалда активистал абулел чагIигун хутIизегIанин бицана гьес нахъеги. Активисталин гьез туснахъалда абулеб букIун буго цоги жанир тIамуразда нахъасан туснахъалъул тIалъиялде мацIал гьарулел чагIазде.

Туснахъалдаги бусурбабазул лъиениги зарал букIанарин рикIкIунеб буго Аланица.

Алан Бергман: «Туснахъазда бусурбабазул зарал лъиениги букIунаро. Гьез хIаракат бахъуларо туснахъалде гIаракъи, наркотикал ва цоги гьелда релъараб къваригIел гьечIеб жо балъго жанибе босизе. Гьел цохIо бусурбаби рукIиналъ руго гьенир чиярал чагIи, жанир тIамуразеги туснахъазул администрациязеги».

ЭР: Бусурбаби рукIунин абун нужеде гьабулеб тIадецуй букIанищ гьениб?

Алан Бергман: «БукIана, буго ва букIинеги батула къиямасеб къо бачIинегIан. Нилъ киналго руго Россиялъул гражданал диналде ва миллаталде балагьичIого-гьеб буго гIицIго кагътида бугеб жо. ХIакъикъаталда бусурман чи туснахъалъул администрациязда вихьула кIиабилеб сорталъул чилъун».

ЭР: Россиялъул туснахъалдаса сах-саламат тIадвуссине ккани бусурманчиясе туснахъазда ругел бусурбабазул жамгIиязда рукIин лъикIаб бугин рикIкIунищ дуца?

Алан Бергман: «Узухъда, рикIкIуна. Гьенир цIогьазе яги цоги криминалиял элементазе ай «блатноязе» дандекколеб жо бусурбабазе тIубанго данде кколаро. Гьел жакъа гьудулзаби рукIуна метер наркотикалъул бутIа бикьулаго цоцаца чIваялде ккола. Бусурбабазда гьоркьоб гьединаб жо букIунаро. Исламалъул кьучIалде балагьичIого, Кавказалдаса чиясул гIамал-хасияталде дандекколаребги жо гIемер букIуна гьениб».

ЭР: Россиялъул ФСИНалъ гIемерго разилъичIого къабул гьабулеб буго улкаялъул туснахъазда бусурбабазул жамагIатал рукIин. Гьел гьелъие мукIурлъулел ругониги гьез абулеб буго гьел ругин гIадамал ДАГIШалде ине ахIулел чагIийин, туснахъаздаса эркенлъаралго гьел Сириялде ине къачIарал чагIи ругин ва гьез туснахъазда пропаганда гьабулеб бугин. Террористияб хIинкъи цIикIкIараб букIиналъ бусурбабазул жамагIаталгун гьабулеб жидер хIалтIи цIикIкIунеб бугин абун буго ФСИНалъул вакилзабаз «Коммерсант» газетаялъеги. Амма Бергманил пикруялда, ДАГIШалде иналде гIадамал ккезарулел чагIи жалго ФСИНалъул хIалтIухъаби руго.

Алан Бергман: «ДАГIШалде иналде гIадамал ккезарулел чагIи руго жалго ФСИНалъул хIалтIухъаби. Щай? Щайгурелъул гьез инсан ДАГIШалде щиб гурин Марсалдаса жал ругин абулеб сектаялдецин лъугьиналде ккезавулев вукIун щидерго тIасан ккарал ишаз. Дагьалищ гьез камерабахъ чIухь балаго Къуръан хIакъир гьабураб? Исламалда тIадчIарав гьечIонигицин кинав бусурманчиясда кIолеб гьелъухъ гIодове виччан балагьизе? ДАГIШалде ахIулел гьенир гьечIо рукIине ресги гьечIо, жалго УФСИН ва гьелда релъарал цоги идарабазул хIалтIухъаби тун батIиял. Гьел руго Россиялъул пачалихъалъулго бищунго квешал тушбаби. Гьел ругони цоги тушбаби къваригIунаро. Щуго, анлъго, анцIго, къого соналъ чIечIого гьавеха инсан хIакъир гьесул миллаталде яги диналде балагьун... Гьев чи туснахъалъуса къватIиве вачIуна я чицин гурев тIенкел лъугьун, яги машина хъарсунгIаги нужее зарал гьабичIого жив чIоларин абураб пикругун».

Россиялъул туснахъазда ДАГIШалде гIадамал ахIулел ругин бусурбабазул жамагIатзин ФСИНалъ гьарулел лъазабиял ритIарал рукIине ресго гьечIин рикIкIунеб буго Аланица. Гьелъие бугеб аслияб гIиллалъунги гьесда бихьулеб буго ДАГIШ экстремистияб къукъа букIин ва гьезул къагIидаби гIадатияб гуребин абулеб исламалъул гIаркьел ккуразеги данде кколарел рукIун.

Алан Бергман: «Лъиего балъголъи гуро, диналда тIадчIарал чIагIазулги ДАГIШ рекIее гIоларел гIемерал рукIин. Масала, дица гьел гIадамаллъун рикIкIунаро. Щай? Щайгурелъул, цоги жоялъул гьезул вахIщилъабазул бицинчIого, гьез бигьаго мунафикълъун лъазавула щиб букIаниги, гьезул пикруялда, мекъса гьабурав чи».

ЭР: Мун вукIана Россиялъул анкьгониги батIияб туснахъалда. Киназдагойищ рукIарал гьел жамагIатал?

Алан Бергман: «ЖамагIат щиб жо кколеб? Лъабго чияс цадахъ как балеб бугони-гьеб буго жамагIат. Гьелъул цо букIине бегьулареб жоялъул гIадин кIодо-кIодо гьабун бицунеб буго. ЖамагIат букIуна щибаб росулъ, щибаб авалалда».

ЭР: Цадахъ какги бан рокъо-рокъоре унел чагIазул гурелъул бицунеб буго. Нилъеца бицунеб буго туснахъазда жал жамагIатин абун батIаги чIун цоцазе кумекги гьабулел, цоцазул рахъги кколел гIадамазул. ГIурус литератураялдаги дагьал гьечIо мисалал советияб заманалда туснахъазда Кавказалъул гIадамаз цоцазул рахъ кквеялъул ва цоцазе кумек гьабиялъул бицарал. Гьелъул хъвалеб букIана Александр Соженицыниде щун чIахIиял хъвадарухъабазги.

Кавказалъул гIадамазе хасиятаб гьеб цолъиялъе гьанже Россиялъул ФСИНалъ ДАГIШалде лъугьине пропаганда гьабиялъул жамагIата ругин гьелин абун гьезда гьел тIагIинаризе бажаризе бугодай?

Алан Бергман: «Дица цоги нухалда абулеб буго гьеб буго ТIадегIанасда божулел ва гьесда божуоарел гIадамазда гьоркьоб къиямасеб къо щвезегIан букIине бугеб дандечIей».

ЭР: Лъиего балъголъи гуро бусурбабазул цоцазда гьоркьоб цолъи гьечIолъи. Кавказалда соназ халат бахъунеб буго суфиязда ва салафиязда гьоркьоб дандечIей. Туснахъазда кинаб бугеб гьезул гьоркьоблъи?

Алан Бергман: «Эркенлъуда вугев мехалда, гIагалигун абулеб буго, дун мажгиталде гIемер хьвадулароан. Чачаналъ рукIарал рагъалги, туснахъазда рарал соналги малъун-гьедин ана дир бащдаб гIумру. Дие гьанже руго 40-йиде гIагарун сонал. Туснахъазда лъицаго лъидаго жидерго гIакъида босизабуларо. Суфиялги руго гьенир салавиялги руго. Дун вукIарал туснахъазда гьезда гьоркьоб киданиги дандеккунгутIи букIинчIо ва букIине ресги букIинчIо. Нижеда гьоркьор рукIана диналдасаго рикIкIадалги чагIи. Жалго бусурбабилъун рикIкIунел рукIиналъ гьезул нижедехун цIайи цIикIкIараб букIана. Дида цадахъ туснахъалда рукIана, гъабардаялги, балкаралги, табасараналги, магIарулалги, лезгиялги, чачаналги- Шималияб Кавказалъул киналго абухъе миллатазул гIадамал. РукIана гьенир ислам дин босаралги. Бусурбабазул цоцаздехун бугеб бербалагьиги лъикIаб хьвада-чIвадиги бихьун, нижер туснахъалда ункъго гIурусас ислам дин босун букIана. Какалги ралаан, кIалалги кколаан, гьабизе кколебщинабги гьабулаан».

СагIид Ниналалов
СагIид Ниналалов

​Россиялда туснахъазда щиб бугебали жинда лъаларин, амма Дагъистаналда туснахъазда салафиязда ва суфиязда гьоркьоб гьединаб цогилъи гьечIин, гьелъул гIаксалда гьел цоцаздаса гIемерго рикIкIад чIолин бицана Эркенлъи Радиоялъе Ниналалов СагIидица. Экономикияб такъсир гьабиялъул гIайибги гIунтIизабун гьес Дагъистаналда туснахъалда бана кIиго сон.​

СагIид Ниналалов: «Дагъистаналъул туснахъазда руго салафиязул жамагIатал. Республикаялъул туснахъазда тIамун ругелщинал чагIазул ункъабилеб бутIа буго салафизул. ГIадатияб исламалда хадур рилъунел чагIаз какал рала жидерго бараказда яги цоги бакIазда. Мажгитал гьенир руго салафиязул асаралда гъоркь. МухIкан абизе кIола Шамхалалда ва Тюбеялда ругел туснахъазда сверун. Ахирал соназда туснахъазул администрацияз байбихьун букIана бищунго кIудиял пропагандистал гьениса Россиялъул бусурбаби дагьал рикIкIадал мухъазде ритIизе. Гьебги гьезул вагIзабазул гIенеккулев чагIи дагьал ругел бакIазде».

ЭР: Гьединазул вагIзабазухъ гIенеккарал ва гьезда хадур рилълъарал гIемерал гьанже чIаго гьечIин бицана нахъеги СагIидица.

СагIид Ниналалов: «Туснахъалда дида цадахъги рукIун гьениса къватIире риччан хадуб хасал операциязда чIваралги рукIана гIолилал. Гьез жалго шагьидаллъун рикIкIунаха. Туснахъалде ккезегIан гъурхъаби лъаларел гъачахъал рукIарал чагIи диналде гъорлъе лъугьун, кьалбалъе ваккун, конституциялде данде кколареб нухалъ жал алжаналде рачине ругин чIаралги чанги рукIана хIужаби».

ЭР: Туснахъазда мажгитал ругищ, лъица гьел гьенир ралел ва имам киса гьенив толев?

СагIид Ниналалов: «Руго мажгитал абулел какал разе рихьизарурал бакIал. Жанир тIамураз жидецаго тIамула гьенив имамги, гьевги вукIунаха салафиязул рахъалде цIайи цIикIкIарав».

Эр: Суфиязул кинаб букIаниги асар букIунищ Дагъистаналъул туснахъазда.

СагIид Ниналалов: «БукIунаро. ЖамагIатазе гьечIо гьезул кинаб букIаниги асар. гьезул цо-цоял хьвадула рузман базе, гьебги бан нахъе уна. Кинал рукIаниги бахIсазде гьоркьоре гьел лъугьунаро, щайгурелъул туснахъалда ханлъи гьабулеб букIуна цо рахъалдасан блатноял абулез, цоги рахъалдасан салафиязул жамагIаталъ. Гьез цоцазул рахъги кутакалда лъикI ккола. Гьезул чиясда кьабуни яги цоги щиб букIаниги ккани, хъващтIан жамагIат бахъуна гьесул рахъ ккун. Туснахъалъул цо бутIаялъул бетIергьаби ругин абизе бегьула гьел. Масала, колониязда руго гьезул хасал рукъзал, бараказда регелазда гьоркьорбакIал. Гьенир рукIуна гьезул дарсал, къойие 7-8 дарсгицин букIуна гьениб гIараб мацIалъул. Гьез абула мун исламалда ватани, мун щибаб къойил цIалдезе кколин. Дуда лъикI лъалеб дарсие мун вуго мугIалим, дуда лъикI лъалареб дарсие мун вуго мутагIил.

ЭР: Туснахъазул нухмалъиялъул лъидехун бербалагьи лъикIаб букIунеб?

СагIид Ниналалов: «Туснахъазул нухмалъиялъе бокьула туснахъалда низам бугони, гьениб кколеб бугелъул туснахъ бахун лъалеб гьечIони, сихIкъотIи ва парахалъи гьениб бугони. Радал рахъана, къаси регана ва гьеб заманаялда гьоркьоб щибниги ккечIо-гьедин бокьула гьезие. Гьале гьанже журан руго салафиял гьениса Россиялъул цоги туснахъазде ритIизе».

Россиялъул туснахъазда жамагIатал сон раккарал жал гурин рикIкIунеб буго

Россиялъул президентасда цебе бугеб Росдал магIишаталъул ва пачалихъияб хъулухъалъул Академиялда Шималияб Кавказалъул суалазда сверун эксперт Денис Соколовас. Чачаназул кIиабилеб рагъдаса хадуб Россиялъул туснахъазде цадахъго гIемерал бусурбаби ритIараб мехалда хасал хъулухъазе захIмалъанин гьел мукIур гьаризе. Инсан цо вугони мукIур гьавизе бигьаяб букIунелъул, гьел гIемерлъараб мехалда гьеб суалги захIмалъанин абулел гьесул рагIаби кьолел руго Коммерсанталъ. Туснахъазул администрацияз жидерго нухмалъи блатнояздасан гьабулаанин, жамагIатаздасан гьезухъа гьеб лъугьунеб гьечIин абулеб буго Соколовас.

Россиялда туснахъал, колониял, зонаби багIарал яги чIегIарал рукIун ратани, «багIаразда» администрациялъул асар цIикIкIараб, чIегIеразда»-блатноязул асар цIикIкIараб букIун батани, гьанже раккарал «гIурчIчIинал» зонабазул формалияб гуреб контроль гьабулеб рагIула жамагIатаз.

ФСИНалъ кьолел тарихазде балагьун, араб соналда профилактикияб сияхIалде восун рагIула 800 бусурманчи. Кинабниги россиялъул туснахъазда рагIула 600 азарго чи. ГIаммаб къадаралде балагьун туснахъазда бусурбаби гIемерго дагьал ругониги, гьезда бусурбабазул гъункиялъ гьел къезаризе кIолел рагIуларо.

Коммерсанталъ кьолеб буго 2012 соналда Москваялъул «Матросская тишина» туснахъалде ккарав «Кавказ кваназабураб гIела!»-ян ахIулел митингазда гIахьаллъиял машгьурлъарав Даниил Константиновасул ракIалдещвей.

Гьес бицун буго байбихьудасан жив чIухIун валагьулаанин туснахъалъур ратарал бусурбабаздехунин ва гьел гьенир лъиениги рокьулароаанин. Амма хадусан бусурбабаздехун гьесул бербалагьи хисун буго цо гIолиласул къуркьунгутIи бихьун. Диниял тIалабал тIуразарун чIоларелъухъ гьев батIа гьавун къанцIолев вукIун вуго гьенив, амма гIолилав къуркьуларев вукIун вуго щиб гьабуниги, как байги гьес толеб букIун гьечIо.

Иргадулаб нухалда гьев вас вухун хадуб, «братваялъухъе» эркенлъудасан бачIун буго тIокIаб гьев васасда квер хъвани нужер бутIрул къотIизе ругин абураб лъазаби. Гьелдаса хадуб гьев васасе хIалхьиги тун буго. Гьевго националистас бицухъе, гьеб туснахъалъуб бусурбабаз гIарацги ай «общаг» цоги туснахъазулгун жубазабичIого батIа кколеб букIун буго, гьез гIумруги цоги туснахъазда, гьез чIезабураб низамалда рекъезабичIого батIаго гьабулеб букIун буго.

Туснахъазда букIунеб хъвачIеб низамалде ва администрациялъул тIадецуялде дандечIей гьабизе гьениб жамагIатазда гурони бажарулеб гьечIин рикIкIунеб буго тIадехун рехсарав Соколовас. ЖамагIаталда вукIунин абун кидаго гуребин дуца я дуе пропаганда гьабулеб букIунеб, цо-цо мехалда туснахъалъуса гIаданлъун къватIиве вачIине цого-цо бугеб нух бугин гьебин рикIкIунеб буго Росдал магIишаталъул ва пачалихъияб хъулухъалъул Академиялда Шималияб Кавказалъул суалазда сверун эксперт Денис Соколовас.

ФСИНалъул баяназда рекъон, Россиялъул туснахъазда буго 621 мажгитги, 230 как базе бихьизабураб хасаб рукъги. Гьениб рагIула бусурбабазул 950 официалияб гуреб жамагIат ва гьезде гьоркьове унев вуго 9000 бусурманчи. Гьезие вагIза гьабизе эркенлъудаса рачIунел руго бусурбабазул РухIиял идарабаздаса вакилзаби. Гьебго заманаялда гьенир рагIула гьел вагIзабазухъ гIенеккуларел ва батIа чIарал бусурбабиги.

ДАГIШалда ругезда гьоркьоса Россиялъул туснахъазда рукIаразул чан чи вугевали лъалеб гьечIин, амма гьел гьенире ахIизе толел ругин хасал хъулухъаз жидерго агентал гьоркьоре ккезаризелъун. Иш хадубги гьедин тани, Россиялъул туснахъазда тIад контроль хасал хъулухъазухъа борчIизеги рес бугин рикIкIунеб буго Соколовас.

XS
SM
MD
LG