Россиялъул политикияб жаргоналъ «паравозаллъун» рикIкIула цIар арал политикал. Нагагьлъун гьадинав пуланав политик Пачалихъияб Думаялде рукIинесел рищиязда бергьани, ва депутатлъун вахъине гьесул хиял гьечIони, депутаталлъун рукIине руго кIиабилеб-лъабабилеб бакIазда сияхIазда ругел кандидатал.
БатIияб къагIидаялъ тIоритIула регионалиял рищиял. Россиялъул субъектазул бутIрузул хъулухъалде кандидатал рихьизарулел руго Россиялъул президентас.
Амма мисалалъе 2012 соналда Чачан Республикаялъул Конституциялде гъорлъе журарал хиса-басияз политикиял партиязе ихтияр кьун буго гьадинав кандидат вихьизавизе.
Гьалкъояз журналистаз ракIалде щвезабуна Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадыровасул болжал исана 5 апрелалда ахиралде щолеб бугин абун. Живго Къадыровасда гьеб хIужа кIочон тана.
Бугищ дур хиял рукIинесел рищияздаги гIахьаллъизе кандидат хIисабалда? - ян абураб суалалъе жаваб кьолаго, Рамзан Къадировас абуна жинца жеги гьадинаб хIукму гьабичIин, аммаила тIаде жубана гьес, республикаялъул бетIер тIоцебесеб иргаялда Россиялъул президентас вищизе кколин. Хадуб гьесул кандидатура къабул гьабизе бугин бакIалъулаб парламенталъ.
Рамзан Къадыровас Чачан Республикаялъе нухмалъи гьабулеб буго 2007 соналдаса байбихьун. Гьалгощинал соназда жаниб гьесде гIемерал гIайибал гIунтIизаруна Россиялъул оппозициялъ.
Инсанасул ихтиярал цIунулел хIаракатчагIи Анна Политковская, Наталья Эстемирова ва Россиялъул оппозициялъул церехъабазул цояв Борис Немцов чIваялда хурхен букIин, жибго Чачан республикаялда инсанасул ихтиярал хвезари, гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьей ва гьелда релъарал цогидал.
Ахирисеб заманалда Къадыровас кутакалда какулеб буго Россиялъул оппозиция. Гьел халкъалъул тушбаби ва хиянатчагIи ругин абун. Гьеб гуребги, жалго оппозиционеразул рагIабазда рекъон, гьес хIатта чIвазе хIинкъицин кьолеб бугин цо-цоязе. Масала ПАРНАС партиялъул нухмалъулесе.
Итни къоялда интернет кьвагьизабунин абизе бегьула Чачанлъиялъул бетIер Рамзан Къадировасул Инстаграммалда кьураб цо видеоялъ. Гьелда снайперасул тункIица гIужие восун кинниги кьолеб буго ПАРНАС-партиялъул цевехъан Михаил Касьяновасул сурат.
Россиялъул оппозициялъул церехъабаз абулеб буго гьелдалъун Рамзан Къадировас Касьяновасул гIумруялъе унго-унгояб хIинкъи кьолеб бугин.
Гьединаб хьвада-чIвадиялъ кIудияб дандерижи багъаризабуна гIицIго Россиялда гуребги – къватIисел улкабаздаги. Россиялда Евроцилъиялъул вакил Вигаудас Ушацкас Россиялъул тIадтаразде ахIи бана Чачан республикаялъул бетIерасул гьадинаб хьвада-чIвадиялъе кватIичIого рекъолеб къимат кьеян абун. Гьелдаса нахъе Къадыровасул инстаграммалдаса рехсараб сурат нахъе босун букIана.
Цо-цо журналистаз абулеб буго Къадыровас гьадинал ишал гьарулел ругин Россиялъул президентасде жив берцин вихьизавизелъун. Ва батизе бегьула Путиние Къадыровасул цо-цо гьадинал ишал рокьулаанин. Цогидаз абулеб буго, Къадыровас гьелдалъун Путинил къадру хвезабулеб бугин. РукIинесел рищияз хIакъикъат баянлъизабизе бугин.