Россиялъул президент Владимир Путиница ракIалде щвезабуна Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадыровасул жигар. Гьес абуна улкаялда цохIого цо Россиялъул Федерациялъул президент гурони, тIокIал ресрублиткабазул президентал рукIине ккеларин. Татарстаналъул пачалихъияб Шураялъ гьеб рикIкIана Кремлалъул ишаралъун.
ГьанжелъагIан Татарстан букIана цохIого цо регион жиндир бетIерасе президентасул статус Кремлалъ тараб. 2010 соналдаса нахъе Россиялъул субъектазул бутIрузул статусал хисулел руго.
Гьединаб цIаралдаса инкар гьабурав тIоцевесев республикаялъул президентлъун вахъана Рамзан Къадыров. Киналго регионазе бихьизабун букIана заман – 20I5 сон. Исана Татарстаналъе ахирисеб болжал кьун букIана – 20I6 соналъул тIоцебесеб январь.
Амма гьелъул Пачалихъияб Шураялъ цо гуреб нухалъ лъазабун букIана жиндир хиял бугин президентасул статус цIунун тезеин. Щиб букIине бегьулеб гьанже республикаялда.
Нижер радиоялъе гьелда бан гьадинаб баян гьабуна Татарстаналъул политолог ва журналист АхIмадов Рашидица.
Рашид АхIмадов: «Путинил лъазаби узухъда бокьухъе бичIчIулеб лъазаби ккола. Гьев гьеб ахIвал-хIалалдаса ватIалъулев вугев киннигин. Гьаб масъала жибго Татарстаналъул халкъалъ тIубазабизе кколин абулаго.
Цо соналъ цебе Селигералдаги гьес гьадинго абулеб букIана. МоцIалъ цебе Москваялда цIалулел Татарстаналдаса студенталгун букIараб данделъиялда республикаялъул президентас лъазабуна, жиндирго президентлъиялъул болжал ахиралде щвараб мехалъ жинца хъулухъ тезе бугин абун.
Гьалеха тIаде бачIунеб соналъул тIосебесеб январалдаса байбихьун Миннихановасухъа президентасул статус нахъе бахъиналъ гьесул напсияб къадру хвезабизе бегьула. Дида ккола Путиние бокьун гьечIин шовинистазул лобби ай асар цIикIкIараб къукъаялъул ццим бахъинабизе.
Хасго гьеб къукъаялъул гIахьалчагIаз цере рахъана гьадинаб жигаргун - улкаялда цохIого цо президент вукIине кколин - Россиялъул Федерациялъулилан абун.
ХутIаралщинал президентазул хъулухъал нахъе рахъине кколин. Путин гьелда разилъана, аммаила, тIаде жубана гьес, Татарстаналъул халкъалъе жиндирго президентасул хъулухъ бокьун батани, жибго халкъалъ хIукму гьабизе кколаян.
23 декабралда букIине буго татарстаналъул пачалихъияб шураялъул сессия рехсараб суалгун гьоркьоб. Дир хIисабалда референдут тIобитIизе хIукму гьабулебани - лъикI букIинаан.
Суал: "Путиница мисалалъе Чачан республика бачула. Гьале чачаназ гьадинаб хIукму гьабуна, нужедаги кIвела гьадинабго хIукму гьабизе, ян абун. Гьениб цо бахчараб магIна, ахIи рагIулеб гьечIищ?
Рашид АхIмадов: "У, абуна. Амма доб букIана чачаназул тIаса бищи. Гьадинаб хIукмуялъе, ай - республикаялъул президентасул статус нахъе бахъизе ккола ян абураб хIукмуялъе Рамзан Къадыровасги квербакъи гьабуна, жибго халкъалъги гьабуна.
Татарстаналъул гIадамаз гьадинабго хIукму гьабиялда ракI чIараб гьечIо дир. Татарстаналъул халкъалъул тIаса бищи тIубанго батIияблъун букIине бегьула».