Ссылки для упрощенного доступа

ГIицIго рахьдал мацI гIоларо глобализациялъул нухда


Левада-централъул цIех-реххалъ бихьизабулеб буго россиялъулазул 70 проценталда къватIисел улкабазул цогIаги мацI лъалеб гьечIолъи. Бищунго гIемер дунялалда лъазабулеб инглис мацIалда жиндирго пикраби дагьалъ гIаги загьир гьаризе бажарулезул къадар гьезда гъорлъ рагIула 11 гIанаб процент. КъватIисел улкабазул мацIазда информациялдаса пайда босизе россиялъулазул кIудияб къадаралъул рес гьечIин абураб кколин гьебин, рикIкIунеб буго социологаз. Кинаб зарал гьелдаса бугеб улкаялъул жамгIияталъе? Кинаб зарал гьелдаса бугеб улкаялъул жамгIияталъе?

«Кремлалъул информалатаз щибаб къойил гIадатиял россиялъулал хIинкъизарулел руго Европа ва Цолъарал Штатал рехсон. Ахирисел къадги къасиги ургъарулел ругин, Россиялде тIадеги кIанцIун, гьелъухъан бечелъи, гьелдаго гъорлъ рих-риххун унел рукъзалги хварал нухалги, рахъизе къагIидаби ралагьулагойин, бицунеб буго гьез. Гьелдаго цадахъ, пачалихъияб прессаялъ кIвар кьун маргьаби рицунел руго, Россия тун къватIиб бугеб захIматаб гIумруялъул хIакъалъулъ».

Гьедин хъвалеб буго «Новый регион» сайталъул автор Татьяна Деккерица, россиялъулазда улка тун къватIиб бугеб хIакъаб ахIвал-хIал берцинго лъалеб гьечIолъиялде кIвар буссинабулаго.

Гьелъго абулеб буго, гьединаб хIакъикъаталъе бугеб гIиллабазул цояб кколин гIадамазда къватIисел улкабазул мацIал лъангутIи ва гьелъие гIоло альтернативияб информациялдаса пайда босизе рес гьечIолъийин.

ТIибитIизабулеб информация хIакъикъаталде данде кколеб букIиналъул хал гьабизе ккани, цого хIужжаялда сверун батIи-батIиял сурсатаз бицунеб дандбазе ккола. Хасго глобалиял суалазул бицен гьабулеб бугони, гьеб къагIида хIалтIизабизе ккола къватIисел улкабазул информсурсатаз бицунебги хIалтIизабун.

Деккерица абулеб буго, гьеб рахъалда россиялъулазе битI кколеб гьечIин къватIисел улкабазул мацIал лъалезул, ай гьел мацIазда информалатазда хъвараб бичIчIине кIолел гIадамазул къадар цIакъго гьитIинаб букIин ракIалде босанийин.

Жакъасеб хIакъикъаталда гьеб кколин россиялъулаз аслияб къагIидаялда федералиял телеканалаздаса пайда босулеб бугин абурабин ва гьеб жакъа жалго гIадамазе данде кколебги бугин, рикIкIунеб буго журналист Светлана Анохиналъ.

Светлана Анохина: «У, баянаб жо ккола, гIадамазда мацIал дагьал лъалел ругеб гIан, жидерго принципал, жидерго пикру гьечIеб гIан, гьединал гIадамазул манипулияция гьабизе бигьаяб букIуна. Бигьаяб букIуна гьезул жидерго мацIалда бокьа-бокьарал маргьаби рицун, гьезул ботролъ жидеего данде кколеб пикру щулалъизабизе. Нилъеда лъала лъие гьеб жакъа къваригIун бугебали. Лъица ва кинаб информация тIибитIизабулеб бугебалиги нилъеда лъикI лъала.

Жакъани жалго гIадамазеги бокьун гьечIин абизе бегьула альтернативияб информация гьезухъе щвезе. Гьебни, дир пикруялда, мацIазул суалцин кколаро, гьеб бугин абизе бегьула психиятрияб яги психологияб сфераялъул суалинцин.

Бицен гьабулеб гьечIо нилъее цогидал мацIазда бугеб информациялдаса пайда босизе рес гьечIолъиялъул. ГIагсалда, жидерго мацIалде буссинабун бугоницин, гьеб цIалулеб гьечIо. БатIияб къагIидаялъ абуни, гьез гьеб къабул гьабулеб гьечIо. Буго гьелда нахъ жиндирго логика.

Жакъа гIадамаз бищулеб буго «Россия – 24» яги ТIоцебесеб телеканал, мисалалъе телевидениялъул бицунеб бугони. Ай, гьезие гьенисан бицунеб жо бигьаго бичIунеб буго, гьел тIамулел гьечIо ургъаризе. Гьезда бичIчIунеб буго Россия тушбабаз сверун ккун букIин ва жалго нилъ цIакъ лъикIал гIадамал рукIин. Нилъеда сверун бугебщинаб жо чурукаб, нахъегIанаб жо букIин.

Гьезул бербалагьилда улкаялъул нухмалъуда вуго пача. Гьесда лъала щиб гьабизе кколебали. Гьес гьабулебщинаб жоги битIараб буго. Америка тушман ккола ва гьелдаса нилъго цIунизе ккола. Цогидал улкабиги тушбаби ккола. Евроцолъи гьеб пайда гьечIеб гIуцIи ккола. Балагье гури, Греция гьенисан лъутун нилъехъе бачIунеб бугеб куцин, абулеб буго гьез г1адамазда къадги къасиги. Гьеле гьединаб дунялалъул сураталъул трансляция гьабулеб буго киналго федералиял каналаз.

Гьеб кинабго данде кколеб буго гIадамазул жанисел пикрабазде, хьулазде. Щай? Щайгурелъул гьеб кинабго къабул гьабулеб гьечIони, холеб буго г1адамазул жанисеб комфорт, раккулел руго гIемер суалал ва къварагIел баккулеб буго цо-цо галаби гьариялъул. Гьедамазе экраналда бихьизабулеб ахIвал-хIал бичIчIизе бигьаяб букIуна ва гьеб гьезие ракIалъе гIолебги буго, щайгурелъул гьезул бакIалда кинабго жо нухмалъиялъ гьабун кьолеб бугелъул».

Анохиналъул пикруялда, гьеб ккола ахирисел анцIгоялдаса цIикIкIун соналда жаниб, улкаялъул талъиялъ билъанхъизабулеб нухмалъиялъул къагIидаялъул хIасил. Гьелъ босараб курсалъул, ахирисел соназда рахъарал гIантал къануназул ва хIалтIизарулел кIигьумерлъиялъул къагIидабазул хIасил. Жакъа нилъер улкаялда загьирлъулеб хIакъикъат хурхараб бугин хIакъаб демократия бихьичIеб улка жинцаго жибго изоляциялде ккезабиялдайин, абулеб буго гьелъ.

Светлана Анохина: «Лъазе ккола инглис мацI. Гьеб лъазабизе ккола, дуе карьераялъул болъоялдаса тIаде ине бокьун батани. КъватIисел улкабазул мацIал лъазаризе ккола, дуе бизнес гьабизе бокьун батани. Гьел лъазаризе ккола, дуе мунго гьаб заманалъул чи вукIине бокьун батани. МацIал лъазаризе ккола, ресал ругони, щвезе ккола къватIисел улкабаздеги, бихьизе ккола кин гьениб гIумру гьабун бугебали гIадамаз. Гьеб мехалда нилъер жанисеб хIакъикъаталда тIад гIадамал ургъаризе руго, кигIан нилъер нухмалъиялъе гьеб ракIалъе гIечIониги.

Нилъин абуни гьанже, гIагсалда нилъедего, жанирехун руссунел руго. Дагъистаналда цо-цояз кIудияб кIвар буссинабулеб буго рахьдал мацIазде. Гьеб лъикIаб иш ккола. Жидерго мацI лъаялъ чиясул къиматги борхизабула, гьесул хаслъиялдеги тIадеги цIикIкIун кIвар буссинабула. Амма рахьдал мацI лъазабураб гIоларо. Жакъасеб дунялалда къватIисел улкабазул мацIал лъаялъ рагьула цIиял горизонтал, циял ресал. Цоги жоялъул бицинчIониги, ресал рагьулел руго цогидал халкъазул гIумруялда дурго гIумру дандбазе, дудего хьибилалдасан балагьизе.

Нилъецайин абуни, гьел горизонтазде нухал къалел руго. Дагъистаналда загьирлъулеб цогидаб хаслъиги. Улбуз жидерго лъимал гIараб мацI цIализе тIамулел руго, амма практикияб мурадалда гуреб, динияб бербалагьиялдаса. Ай, бицен гьабулеб гьечIо ГIагараб Машрикъалдеги гьел ритIун, гьениб гьеб мацI лъаялдаса жидеего пайдаяб рахъ балагьиялъул.

Гьединлъидал дица абулеб буго, нилъер жакъасеб курс бугин нилъецаго нилъго изолициялде ккезабулебин. Цо рахъалъан балагьани, гьеб мацIал лъангутIиялдаги хурхараб буго».

XS
SM
MD
LG