Гьал къоязда Москваялда Ганивалъул «БахIарав ва бахIарай» абураб цIияб тIехьалъул презентациял тIоритIана. ГIадатал ва дин, некIсияб ва жакъасеб, криминалияб политика ва хIалимал такъсирчагIи, салафиял ва суфиял – Ганиевалъул романалда гьеб рехсарабщинаб дандчIвазе бегьула. Ва гьеб кинабго жуба-гъубараб жамгIияталда гIумру гьабулеб буго чIужу ячине къачIарав гIолиласги росасе ине кватIарайин рикIкIуней ясалъги.
Критиказе роман бокьанин абизе бегьула. Гьезул рагIабазда рекъон, тIехь гьезда бихьана интересаблъун, щайгурелъул гьенир рорхулел руго киназего гIаммал социалиял суалал. Гьединго роман этнографиялъулаблъун бугин абизе бегьула.
Жийго Ганивалъ абухъе, романалда бицунебщинаб кколеб буго Каспий ралъадалда гIагарда бугеб поселокалда. Москваялдаса рокъове щварав васасе чIужу ячинехъин руго гьесул эбел-эмен. Банкетал гьарулеб кIалгIа ккун буго гьез, бертин букIинесеб къоги чIезабун буго, гьалбалги ахIун руго, амма бахIарай жеги ятун гьечIо.
ТIехьалъул редактор Александра Лесковаялъул рагIабазда рекъон, гIолилазул хIакъалъулъ хъвараб романлъун ккола «БахIарав ва бахIарай». «Россиялда гIемер романал риччала, амма гIолилазул хIакъалъулъ хъварал социалиял романал къанагIат гурони ратиларо», - ян абуна редакторалъ.
«Дагъистан какулеб иргадулаб тIехь хъван бугин Ганиевалъ», - илан баянал цIализе бегьула цо-цо блогазда. Социалиял сайтаздаги бахIсал унел руго тIехьалда тIасаги, Ганиевалъул интервьюязда тIасаги.
Цо-цо дагъистаниязе рекIее гIечIо Ганивалъул пикраби ва дагъистаниязул рукIа-рахъиналъул хIакъалъулъ гьелъ загьир гьабураб пикру. ГIагараб ракь бокьуларей, манкуртай, Москваялда жий машгьурлъизе бокьун чIанда бицуней – хъвадарухъаналъул рахъалде рехичIел рагIаби течIо. Амма гьелъул рахъ кколелги камичIо. Гьезул пикруязда рекъон, Ганиевалъ хъвалеб жо ккола жакъа къоялъул хIакъикъатлъун ва гьелъ интервьюязда бицунебщинабалъе ратизе бегьула далилал.
Ганиевагун гара-чIвариялъулъ «Эркенлъи» радиоялъ рорхана гьелги гьел гурел цогидалги суалал.
ГIагараб ракьалда тIаса пикраби рукIине кколин хъвадарухъанасулилан абуна Дагъистаназул хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас. Ганиевалъул хъвадарухъанлъиялда тIаса ва гьелъул асаразда тIаса «Эркенлъиялъ» гара-чIвари гьабуна АхIмадовгун.
Ганиевалъул романалда сверухъ бахIсал гьоркьор къотIиларо бачIунеб заманалда. Жибго тIехь машгьурал премиязул сияхIазде ккана. «Русский букер» ва «Большая книга» премиязул лонглистазда ай халатал сияхIазда рехсон буго Ганиевалъул тIехь.