Ссылки для упрощенного доступа

ГIалибег ГIалиев: «Дагъистаналъул бюджеталдаса кепекги инчIо Донецкалде»


Шималияб Кавказалдаса кумекалъе къайи бачIарал гIадамазе баркала кьолеб буго Донецкалъул мэр Игорь Мартыновас.
Шималияб Кавказалдаса кумекалъе къайи бачIарал гIадамазе баркала кьолеб буго Донецкалъул мэр Игорь Мартыновас.

Гьал къоязда Дагъистаналъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевгун цадахъ Донецкалде щвана, гуманитарияб кумек хIисабалда, батIи-батIияб къайи – кванил нигIматазул, горда лъолеб цIорол, ретIел-хьиталъул, хинлъизаризе хIажалъулел печазул, цементалъул ва цогидалъул 120 тонна.

Амма интернеталда камулел гьечIо зама-заманалдасан Крымалдегун Украинаялдаса ратIалъарал ракьазде гуманитарияб кумекги босун унел Дагъистаналъул хIакимзабазда тIасанкIалъаял. Гьелдалъун гьез Россиялъул президентасда жалго берцин рихьизарулел ругила. Аскарияз чурхъун бараб Временное росулъе щайила гьеб кумек битIулареб, яги цIадуца бухIараб ЦIунтIа мухъалъул росдал гIадамазе щайила гьеб кьечIеб?

Гьелда бан гьадинаб пикру буго Дагъистаналъул бетIерасул официалияв вакил ГIалибег ГIалиевасул.

ГIалибег ГIалиев: «ЧIалгIанаха! Гьабураб жо кирилъун хъвайин абизе кколеб бакIалда … Щиб? Бюджеталдаса кепекги инчIо гьенибе. Дица командировкаялъухъ кьолеб гIарацгицин босичIо».

ЭР: «Бечедал чагIазищ кумек гьабураб?»

ГIалибег ГIалиев: «Гуро. Гъизляралъул «КЭМЗ» абураб заводалъ биччалеб буго къуватаб продукция. Гьелъул директор Ибрагьим АхIматIовас кьуна гьенисан къайи. Лаваша мухъалъул бетIерас жиндирго хуриса кьуна хъапустIа, гьединго ГIахъуша мухъалдаса – картошкаги. Гьеле гьединал яхI бугел чагIаз кьолеб буго гъоб. Амма къватIиреги рахъун жидеца гьабунилан бицунеб гьечIелъул гьез гьелъул хIакъалъулъ. Цинги интернеталдасан дол чагIи щай гьедин хъвадаризе кколел?».

Хадубго ГIалибег ГIалиевас тIаде жубана 1970 соназда Дагъистаналда ракь багъарараб мехалда Украинаялъги цере Советияб Союзалда гъорлъ рукIарал республикабазги гьабураб кумек кIочон тезе бегьуларин. Гьединго инкъилаб ккун хадур Дагъистаналъул рикIкIада мугIрузде ритIун рачIун рукIанин гIурус ва Украинаялдаса мугIалимзаби.

ГIалибег ГIалиев: «Нижехъги (ЛъаратIа мухъалда – ЭР) рукIана дол, цогидал бакIаздаги рукIана. Жакъа нилъ роххизе ккола гьададинаб къварилъиялдаса цIунун танин нилъилан. БатIаго нилъедаса гIемер рикIкIад гьечIо дол, гьанибго гьебго балагь-базар букIине бегьулаан. Жидерго гурони ургъел гьечIеб халкъалъ чIезабун буго дозда доб къо. ХIисаб гьабе дуцаго, 1970 соназда Совет Союзалда рукIарал гIадал тукабиги, минабиги, къватIалги гьабсагIатги руго дора. ТIад ретIине жоги гьечIого мискинго хутIараб халкъ бихьизе бокьилаан дуда доба. Нух ккун унеб мехалъ рихьула гьанжего-гьанже рухъарал хобазул кьерал. Аллагьасе рецц гьабизе ккеларищ гьададинаб къоялда гьечIин нилъилан. Гьаниб (Дагъистаналда – ЭР) гIолареб жо щиб бугеб? Гьедин гIайибал чIвалел чагIаз щай гъол рощногохIазде чед рехулел чагIаздаги малъулареб гьедин гьабизе бегьуларилан?»

Донецкалде гуманитарияб кумекги босун Северияб Кавказалдаса киналго республикаби ун руго, Чачан Республика хутIизегIан.

XS
SM
MD
LG