Украиналъул Донецк икълималда бугеб Пески абулеб бакIалда гьатIан къоялъ цIияб кьал багъарун буго. Украиналъул рагъулал хъулухъчагIи сепаратистазул кIиго танк тIагIинабуна. Гьадин лъазабулеб буго «ЧIегIераб комитет» абулеб жамгIияб гIуцIиялъул вакилас.
Европаялда хIинкъи гьечIолъи ва цадахъ рекъон хIалтIи гьабиялъул гIуцIиялъул баяналда рекъон шамат къоялъ Украиналъул Широкино абулеб росдал сверухълъиялдаги цIидахъан кьал багъарана.
Кьвагьа-гIанхъи лъабго сагIаталда жаниб халат бахъулаан. ОБСЕ-ялъул тохалчагIи хIужа ккараб бакIалде сепаратистаз риччачIо ва гьелдалъун гъозие рес щвечIо чIварал ва лъукъарал ракълилал гIадамазул хIисаб гьабизе.