Ссылки для упрощенного доступа

Анлъго чи чIван вуго Унсоколо мухъалда


Унсоколо мухъалда рузман къоялъго байбихьараб хасаб операция халат бахъунеб буго ва жакъаялде гьенив чIван рагIула кинавгIаги анлъго чи.

Рузман къоялъул 4 июлалъул радалиса байбихьун Унсоколо мухъалъул Майданское, Балахьуни, Зирани росабалъ Россиялъул аскарияз тIобитIулеб буго хасаб операция. Гьел росабазул гIадамазул гIарз буго сардилъги, къадги рачIун минабахъ чIухь балаго, аскарияз гIадамаздехун хъачIлъиги, согIлъиги биччалеб бугилан.

Майданское росулъ 5 июлалъул маркIачIулъ чIван вуго экстремисталин щаклъи бугезул лъабгояв. Гьел кколел рагIула Балахьуни росулъа ХIажиев ГIабдухIалим, гьесул вац ХIажиев Расул, ГIадухIалимил дурц ГIадалаев МухIамад.

ХIажиев ГIадухIалим абун паспорталда хъван букIаниги, гIадамазда гьев лъалаан Багьавдинил АхIмад яги Сварщик абураб тIокIцIаралдалъун. ГIадухIалимги вац Расулги дурц МухIамадги лъабалго чанго соналъ цIех-рехалда ругел чагIи кколлилан хъвалеб буго цIех-рехалъул комитеталъул сайталда.

Хасаб операция унеб мехалда чIварав ХIажиев АбдухIалим.
Хасаб операция унеб мехалда чIварав ХIажиев АбдухIалим.

ГьатIан къояъул сардилъ Майданское росу сверун ккурал россиялъул аскарияздаса балъго лъутизе къасдгун унел рукIарал кIигоял ОМОНалъулаз чIван руго. Гьел киса щал кколел мухIканаб баян щун гьечIилан абуна Унсоколо мухъалъул полициялъул хIалтIухъабаз. Информалатаз лъазабулеб буго, Майданск росулъ тIобитIулеб тадбиралъулъ чIван вугин Хабаровск шагьаралдаса 34 сон барав Александр Гладченко. Гьесул йиго лъади ва кIиго гьитIинаб лъимер.

Россиялъул омоналъул лъабго хIалтIухъанги батIи-батIиял ругъналгун азарханалда ругилан, хъвалеб буго интернеталда.

4 июлалдаса итни къоялде щвезегIан ОМОНалъул хIалтIухъанги малъун Майданск росулъ чIван вуго кинавгIаги 6 чи. Унсоколо мухъалъул гьел росабазда тIад хъаравуллъи гьабун сверулел руго аскариязул терелаби.

Балахьуни, Майанск, Зирани росабазул гIадамазе росулъа къватIирехун инеги жанире рачIинеги изну кьолеб гьечIо россиялъул аскариз.

XS
SM
MD
LG