«Шималияб Кавказ ва 21-леб гIасруялъул тIалабал» ян абураб гургинаб стол тIобитIана МахIачхъалаялда. Тадбиралъул данделъиялъиял тIоритIана гьаб анкьалъул ахиралда ва гьел рачана Россиялъул машгьурал политологаз, социологаз, жамгIиял хIаракатчагIаз.
АнцIила хадуб соналъ Россиялъул финансазул министрлъун вукIарав Алексей Кудриница рагьана тIоцебесеб данделъи. Гьес бицана улкаялда кина реформаби гьаризе кколебали. БатIаго гьес цIияб жо бицанин абизе кIоларо. Сахлъи цIуниялда, лъайкьеялда, экономикаялда ва цогидал сферабазда хиса-басиял гьаризе кколин абуна экспертас. Гьесул пикруялда рекъон, тIубанго хисизе ккола Россиялъул финансияб политика.
Кудринил лекциялъухъ гIенеккаразул рес букIана гьесие суалал кьезе. Лъан букIине: Шималияб Кавказалда социалиялгун экономикиял цIех-рехал гьарулел рукIана ахирисел 2-3 соназда жаниб Кудринил фондалъ. Егор Гайдарил цIаралдалъун бугеб экономикиябгун политикияб Институталъул вакилаз гьаруна гьел цIех-рехал. Гьелдалъун, Кудринида жакъа-къоялда Шималияб Кавказалда ва хасго Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал лъикIаланго лъала. Гьесие кьезе бегьулел рукIана регионалда тIаса суалал, амма Кавказалда хъинтIараб цо-кIиго суал гурони букIинчIо.
Дагъистаналъул гIелмабазул централъул вакилас, мисалалъе, гьикъана Кудринида макроэкономикалъул моделалда тIаса кинал пикраби ругелали, республикаялъул гIолилазул парламенталъул депутатас кагътиса цIалун кьуна суал - меседгун валютаялъул нахърателалъул фонд тIагIине рес бугищали гIагараб заманалда. ГIемерисел суалал гьеб тайпаялъул рукIана.
Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул студентасни Кудринида гьикъана Россиялда байбихьараб кризисалъ республика кинаб ахIвал-хIалалде бачинебали. Экспертас бицана экономика цебетIеялъул рахъалъан ахирисел I5 соназда жаниб Дагъистаналъ улкаялда тIоцебесеб бакI кколеб бугин. «Амма гьеб цебетIеялъ республика экономикаялъулаб лидерлъун бахъинабичIо, щайгурелъул хIасилал батIаго роххизе бегьулел гьечIо. Кризисни Дагъистаналда бихьичIо дунялалдаго кризис букIараб мехалда ва гьанжеги батIаго бихьизе гьечIин абизе бегьула. Щай? Щайгурелъул республикаялъул экономика тIубанго бан буго федералияб бюджеталдаса щолел дотациязда», - ян бичIчIизабуна Кудриница.
Гьесул рагIабазда рекъон, Россиялда кризис кIиго-лъабго соналъ халатбахъине буго ва экономика гIодобе ккезе биччангутIиялъе бюджеталда гIарац буго. Гьелдалъун дотациялъул гIарацги Дагъистаналъе щвезе буго.
Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалалъе хадуб къимат кьуна Москваялъул пачалихъияб университеталъул профессор, политолог Наталья Зубаревичалъ. Дагъистаналда гьей чанги нухалда щун йикIана ва республикаялда гьелъ жамгIиял, экономикиял ва политикиял цIех-рехал гьаруна.
«Дагъистаналъул хIакимаз данделъабазда бицунаан, республикаялда тIабигIиял сурсатал ругин, республика геополитикаялъул рахъалъан Россиялъул лъикIаб бутIаялда бугин ва гь.ц. Амма гьеб гьедин гьечIо. Республикаялда берцинаб тIабигIат буго, амма тIабигIиял сурсатал батIаго гIемер гьечIо. Дагъистаналъул экономикаги туризмалъ хвасар гьабиларо, росдал магIишаталъ гьабила. Жакъа къоялда хвасар гьабулеб буго дотацияз», - илан абуна Зубаревичалъ.
Амма гьель гьединго бицана, дотациял щвеязул рахъалъан Дагъистан Россиялда тIоцересел кьеразда гьечIин. Гьениб буго Ингушетия, Чечня, Тыва, Алтай, Крым, Севастополь. «Бюджеталъул гIарац Дагъистаналде дагьаб бачIунин абулеб жо гуро гьеб. Цогидал регионазе цIикIкIизабуна гIарац», - илан бичIчIизабуна эксперталъ.
Залалдаса гьелда цояс абуна Москваялъ киналго магъалоби жиндиего росулел рукIичIелани, ахIвал-хIал регионазда батIияб букIине бугилан. Эксперталъ жаваб кьуна гьеб мекъаб пикру бугин ва тарихалги рачун бихьизабуна, мисалалъе, Дагъистаналда ракIарарал магъалобазул 80% республикаялда хутIулеб букIин. Гьелъ гьединго абуна Россиялъул федералияб бюджет «кваназарулеб» анцIила хадуб регион бугин ва гьезда гъорлъ Шималиял Кавказалъул республикаби гьечIин.
Дагъистаналде рачIунел инвестициязул бицунаго эксперталъ абуна, жакъа къоялда республикаялъул вугин цо аслияв инвестор - Россиялъул бюджет. Гьелъ абуна киналго инвестициял щванин «РусГидро» компаниялъе. ХутIарал инвестицияз республикаялда батIаго хисараб жо гьечIин, тIаде жубана эксперталъ.
ДГУялъул профессор, экономист Айгум Айгумовасни республикаялъе тIубанго батIияб къимат кьуна. Гьес абулеб букIана республикаялъул бечедаб тарих бугин, цебе республикаялъул экономика цебетIураблъун букIанин, дагъистаниял хIалтIи бокьулел чагIи ругин.
Айгумовасул ахирисеб тезисгун Зубаревич разилъана. Гьелъ абуна, дагъистаниял хIалтIи бокьулел чагIи ругин ва хIалтIи балагьизе республика тун къватIире ине кколел ругин гьел. Эксперталъ абухъе, статистикаялда рекъон, бищун гIемер хIалтIул мигрантал Россиялда жакъа-къоялда руго кавказалъулал ва хасго дагъистаниял.
Гьелъие жаваб щвана залалдаса. ДГУялъул аспирант жив вугин цIар рехсечIев гIолохъанчияс абуна, Россиялъул регионазда хIалтIи балагьизе арал дагъистаниял цодагьалъ цере кавказофобиягун дандчIвалел рукIанин ва гьанже гьеб миллатчилъи батIаго бихьулеб гьечIин Украинаялъе гIоло. Гьелдалъун кавказалъулазе хIалтIи батизе бигьалъизе бугин, абуна аспирантас.
Гьеб пикру рекIее гIечIо жамгIияв хIаракатчи ва машгьурав журналист Николай Свандизеясе. Цояб миллатчилъи цогидалъ хисанилан роххизе кколарин абуна гьес.
Николай Сванидзе: «Америкагун бугеб нилъер дандечIей гIемерисезда батана миллатчилъигун къеркьезе бегьулеб нухлъун. Амма гьеб гьедин гьечIо. Кавказалъулал гьанже рокьулел ругин, украиналъулал ва америкаялъулал рокьулел гьечIин абураб жоялдаса роххизе бегьуларо. Миллатчилъи гьединаб нухалъ тIагIинабуларо, жеги гIемерлъизабула. Россиялда ксенофобиялъул къадар жеги цIикIкIизабуна Украиналда байбихьараб конфликталъ. Кавказалъулал кIочон ругилан кколеб батила, амма гьеб гьедин гьечIо. Метер цIидасанго ракIалде щвезарила. ГIагараб заманалда кавказофобия жеги цIикIкIине буго. Ва гьеб фобия букIине буго Россиялда цIикIкIунеб шовинизмалъул бутIалъун».
Сванидзеца абуна, миллатчилъигун Россиялда хIукумат къеркьолеб гьечIин ва жамгIияталда ксенофобиялъул бербалагьиял цIакъ тIиритIун ругин. Гьесул пикруялда рекъон, гьеб суал тIубаялъе хасаб политикияб программа къваригIуна ва гьединго кваригIуна политикияб кверщел.