Жив Дагъистаналде вачIине рес гьечIин гьанже, щайгурелъул чара гьечIого республикаялъул бетIер хисизе вачIун вугин живилан харбал раккулел рукIиналъ, гьеб кутакалда гIадлъун бугин. Гьеб хабар абуни республика тун къватIибегицин щун бугила. Гьедин абуна Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда улкаялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовас Рамазан ГIабдулатIиповасулгун ва блогералгун журналистазул, хIукуматалъул вакилзабазулгун, жамгIиял хIаракатчагIазулгун букIараб дандчIваялда.
Гьел харбал раккун рукIана анкьалъ цере. Халкъияб Мажлисалде хитIаб гьабулаго Рамазан ГIабдулатIиповасги ралъаргъунел рукIана депутатал ва республикаялъул тIалъи – гьа, щибин, кверкьовуда гIадин руго гурийин, пашманго халккунги чIун.
ГIемерисел божунги рукIана Меликовас ГIабдулатIипов хисулев вугин абураб харбида.
Гьединлъидал 26 январалда МахIачхъалаялде хIалтIул ишалъ вачIарав Сергей Меликовас баянлъизабуна гьеб. Россиялъул федерациялъул президентас нижер щивасда тIадкъан буго хасаб хIалтIи. Жидеца гьарурал кIалъаязулъа нужеда берцин рихьарал гIадал бакIалги къотI-къотIун, тIиритIизаризе. Гьелъ унголъунги кIудияб зарал гьабулеб бугила.
Сергей Меликов: «Дица Дагъистан унголъунги цебечIезабула цо кутакалда бихьинаб гIамалалъул, къадруял чагIи ругеб бакI гIадин. Гьединго Кавказалъул цогидал республикабигиха. Амма цо-цо мехалда блогал цIалулеб мехалда ккола лъицадайин гьеб хъвараб – бихьинчиясищ, яги чIужугIаданалъищали. ЧIужугIадан ятилин тола, кутакалда мацIилай, кидаго гIадамалгун ягъдолей. Амма авторасул цIар бихьидал, гьев ватула бихьинчи, 40 сонил ригьалда вугев гIадав. ТIокIаб гьабизе жо тIагIунищ гьел ругел? Дие Дагъистаналде вачIине бокьулебги бугони, гьанир ругел гIадамазул, гьезул яшавалъул кIварги бугони, гьанже щибаб къватIул харбал раккулел рукIунилан, кьурун нахъищха дун вуссине кколев?»
Дагъистаналъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповасул политикаялда рази гьечIого интернеталдасан хъвадарулел дагъистаниязул цояв ккола «Яблоко» партиялъул Дагъистаналъул вугев вакил Альберт Эседов. Сергей Меликовас абуралда бан ЭР-лъе пикру загьир гьабулаго, гьес абуна жив гIажаиблъизавулев вугила цин бугони, Рамазан ГIабдулатIиповасул бакIалда Сергей Меликов теялъул хабар баккараб параялъго, гьеб гьереси бугилан республикаялъул бетIерасул пресс-хъулухъалъ лъазе гьабичIолъи. Гьез гьедин гьабичIолъиялъ байбихьанила гIадамазда батI-батIиял жалги ракIалде ккун, цIи-цIиял харбал раккизе.
Альберт Эседов: «Официалияб куцалда гьел харбазе жаваб кьунгутIиялдасанги бихьулеб буго гьединаб суал тIадегIанал идарабаз унголъунги гьоркьоблъун букIараблъи».
Хадубго Эседовас тIаде жубана жив вачIаралалдаса гIезегIан лъикI хиса-басиял кканин абулила Рамазан ГIабдлуатIиповас, масала, терактал лъугIанин Дагъистаналда. Амма гьелъие гIилла бугила хIукуматалда данде рагъизе къваригIарал къуватал Шамалде рагъизе ин. Гьединго школалгун ясли-ахал разе лъугьанила абулила. Гьебги бугила 20I3 соналдасаго Мосвкаялдасанго байбихьараб федералияб программа.
Альберт Эседов живго вукIинчIо Сергей Меликовасулгун Рамазан ГIабдулатIиповасул данделъиялда. Амма ГIабдулатIипов нахъе иналъул харбазда бан Меликов кIалъай гьеб данделъиялда рукIарал оппозициялъул вакилзабаз суал кьеялда хурхинабулеб буго Эседовас. Гурин, Меликовас вачIинахъего жинцаго байбихьанин гьебилан бицунеб буго ЭР-лъе МикагIил МикагIиловас. Сергей Меликовасулгун Рамазан ГIабдулатIиповасул данделъиялде гьев ахIун вукIана блогер, гьединго гIолилазул министерлъиялъул хIалтIухъан хIисабалда.
МикагIил МикагIилов: «ГIабдулатIиповасгун Меликовас букIана модерация гьабулеб. Лъицаниги суалги кьечIого, жинцаго байбихьана Меликовас – Дагъистаналде вачIунареб хIаладе ккезабулеб бугила иш цо-цо журналистаз, блогераз, жамгIиял хIаракатчагIаз батIи-батIиял харбалги риччан. Цинги гъос абуна жинца гIадаталде буссинабизе бугила гьеб – зама-заманалдасан Дагъистаналде вачIин».
ЭР: «Гьесда данде кIалъазе чиго вахъинчIевищ?»
МикагIил МикагIилов: «Данде кIалъазе щивгIаги вахъинчIо. ГIицIго гьесул кIалъаялдаса хадур байбихьана гIодорчIараз суалал кьезе – МахIачхъалаялда бугеб ахIвал-хIалалъул, гьединго блогер ХIамидовас гьикъана ясли-ахазул, цогидаз – къватIазул, нухазул. ГIолилазул ишазул рахъалъ рагIи дицагоги абунаха».
ЭР: «Меликовасда лъалеб бугоанищ Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIал?»
МикагIил МикагIилов: «Нижер суалазе кьолел жавабаздасан бичIчIулеб букIана гьесда гьеб лъикIго лъалеб букIин. БитIараб бицани, хIалтIизе гъосул бугеб гъира бокьана дие. ХIукуматалъул хIалтIуда вугев чияс гIадин гуреб, гIадатияв чияс хIисабалда абулеб буго дица гьеб. РакI рагьун абулеб букIана гьес бокьарав чи жиндихъе вачIине бегьулила. Гьединго гъоре ракIарал гIолохъабазул цо-цо суалалги тIурана гьес, жиндирго хIалтIухъабазе буюрухъалги кьун».
ЭР: «ГIабдулатIиповасулги Меликовасулги гьоркьоблъи гьечIеб гIадин бицунеб гьечIищ гьанже гIемерисез?»
МикагIил МикагIилов: «Гьезул гьоркьоблъи хвараб гIадаб къагIида бихьичIоха дида гьениб».
Шималияб Кавказалъул федералияб мухъалда улкаялъул президентас тарав вакил Сергей Меликовас Дагъистаналда кIиго къо бана. ТIоцебесеб къо – МахIачхъалаялда, кIиабилеб – Дербенталда.