Дагъистаналъул бетIерлъуде Рамазан ГIабдулатIипов тIамуралдаса исана 28 январалда кIиго сон тIубала. Гьев хъулухъалде вачIун хадуб гьев нахъе унев вугин абун киса-кирего харбал тIиритIизарун рукIана 6 нухалда.
Гьаб соналъул байбихьудаги 7 абилеб нухалдаги раккана гьелго харбал. Цере-цере гьел раккиялъе гIилла цIехараб мехалда гIемерисел экспертаз абулеб букIана гьел тIиритIиялъе гIиллалъун бугила ГIабдулатIиповасул цIияб политикаялда разигьечIел, гьес хъулхъаздаса рахъарал, хIатта гьев нухмалъуде вачIун хадуб туснахъаздегицин ккарал республикаялъул ва бакIалъул нухмалъиялда рукIарал гIемерал гIадамал рукIин.
Гьанжеги гьелго чагIи ругила гьел харбал тIиритIиялда нахъа, гьез гьереси баянал тIиритIизарун, батIи-батIиял уял гурел экономикаялъул ва цойгидал хIисабал интернеталда лъун, Россиялъул тIалъиялъухъе гьел щвезаризе хIаракат бахъун, кIвараб квалквал гьабизе хIалбихьулеб бугила Рамазан ГIабдулатIиповасул хIалтIуейилан рикIкIунеб буго журналист Маркъо ШагIбановас.
Маркъо ШагIбанов: «Гьерсал хъван, гьересиял харбал ва баянал тIоритIизарун гьел чагIаз хIаракат бахъулеб буго республикаялъул бетIерасул хIалтIуе квалквал гьабизе, амма гьезул жо кколеб гьечIо. ГьечIониги гIаммаб ахIвал-хIалгIаги багъа-бачаризабичIого чIеларин лъугьун руго гьел. Гьел руго магIна гьечIел, кьучIгьечIел харбал. Масала, гъоркьисалаги риччан рукIана гьез харбал ГIабдулатIипов цIияб соналъ нахъе ине вугилан, исанаги абулеб буго цо кинабалиго къоялъ ине вугилан, амма гьеб цохIонигияб тIубалебги гьечIо, гьелъул жаваб кьезе бокьарав чиги дида вихьулев гьечIо. Гьел гIинтIамичIого тезе ккола, гIадамасул тIабигIат буго гьединаб, жидеего бокьахъин щиб букIаниги кколеб гьечIониги, гьедин букIине бугин абун харбал риччала гьез».
Цере-цере ГIабдулатIипов хъулухъалдаса ине вукIиналда хурхун риччарал харбазулъ гьесул бакIалда вачIине вугев чилъун аслияб къагIидаялъ Россиялъул пенсиязул фондалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул нухмалъулев МуртазгIалиев Сайгид рехсолев вукIана. Гьединго гьел харбазулъу жиде-жидер роль хIанин абизе бегьула миллиардер Сулейман Керимовас, Россиялъул Федерациялъул Шураялъул спикер Ильяс ГIумахановас ва «Сумма» компаниялъул бетIер Зиявудин МухIамадовасги, кьучIгьечIел баяназда рекъон гьез хисизе кколев вукIана ГIабдулатIипов.
Амма исана гьел киналгоги кIочонтун ГIабдулатIипов хисун Дагъистаналъул нухмалъулесул тахбакIида хабарчагIаз Шималияб Кавказалъул федералияб округалъул бетIер Сергей Меликов вахинавулев вукIана. Амма гьесул цIаралда сверунги багъа-бачари лъугIулеб гьечIо. Дагъистаниязул цо-цояз абулеб буго гьев лезгияв вугин абун цIар бугев чи вукIин гурони, я республикаялда гIумру гьабурав, я гьаб мохъ лъалев чи гурила гьединав чияс нухмалъи гьабизе кколарила Дагъистаналъейилан. Гьелда тIадеги гIемерисел гIадамазул разигьечIолъи буго гьев Меликов насранияб диналъул чи вукIиналдасаги. Гьединазда гьоркьов вуго журналист Маркъо ШагIбановги.
Маркъо ШагIбанов: «Гъовила Дагъистаналъул чи вугин абулеб буго. Щиб гьесул дагъистаналъул бугеб? Кидаялиго дагъистаналдаса вукIаравила гьесул эмен, гьевги щив ва киса вукIаравалицин лъалеб гьечIо. Гьесул чIужуги гIурусай йиго, эбелги йиго гIурусай кинабго гIагарлъиги буго гIурусал. Лезги мацIалъ яги цойгидал дагъистаналъул мацIазда цониги хIарпги лъаларо гьесда, гьев вуго каранда хъанчги барав насранияв. Дида гьесулгун Дагъистаналъул кинаб хурхен бугебали бичIчIуларо, кинабго рахъалъ босани гьев вуго гIадатияв гIурусав. Дагъистанги гьесда лъазего лъалеб гьечIо».
Амма Сергей Меликов гIадав гурев батIияв нухмалъулев бегьизего бегьуларин Дагъистаналъейилан рикIкIунезул къадарги гIезегIан буго. Гьез абулеб буго киналгIаги рикьалабазда гъорлъги гьечIев, лъицаниги гьаниве –довеги цIцIан бажаруларев батIияб бакIалдаса чи вукIине кколин республикаялъул бетIерилан. Гьединав чияс гурони гьаниб гIадлу билълъинабуларилан. Гьединлъидал бищунго Дагъистаналъул нухмалъуда Меликов рекъон вугин рикIкIунеб буго жураналист ва жамгIияв хIаракатчи Эседов Альбертицаги.
Альберт Эседов: «Харбал цIакъго цIакъ тIоритIула халкъалъул хиялалги гьел харбалги релълъун ругеб мехалда. ГIабдулатIипов хъулухъалде вачIаралдаса нахъе руго гьесда сверун харбал. Гьев гIадамазда чIалгIун вуго, чIалгун буго гьесул чIобогояб хабарги, халкъалъул божилъи ритIухъ гьабичIо гьес. Гьединлъидал хисизе ккола республикаялъул бетIер. Дида ккола гьеб бакIалда Сергей Меликов рекъелин, щай гурелъул гьев вуго рагъулав офицер, гIадлу бугев ва гьеб букIинабизе лъалев чи. Гьелда тIадеги гьев цониги такъсириялгун коррупциялъулал кьеразулъ, яги рикьалабазулъ вугев чи гуро. Гьединав чи хIажата вуго нилъер республикаялъе, гьанив къваригIун вуго вахIшияв гурев къвакIарав, Россиялъулги Дагъистаналъулги къанунал цIунун бажарунев ва гьел рилълъанхъизабулев менеджер».
Журналист ва политолог Иван Суховас рикIкIунеб буго Меликов Дагъистаналъул бетIерлъун вачIине бегьулин абурал харбал тIубан кьучIгьечIел ругилан рикIкIине бегьуларилан.
Иван Сухов: «Чи тIамун вахъинчIого кинабгIаги тIадкIалъай гьабизе бегьуларо, амма гьев Сергей Меликов Дагъистаналъул бетIерлъун тей букIине бегьулареб жо гуро. Кинав бетIер Дагъистаналъе къваригIун вугев, Меликов вачIун хадуб кинаб ахIвал-хIал гьениб букIине бугебалиги дица абиларо, амма гьев Дагъистаналъул нухмалъулевлъун тезе вугин абурал харбал тIубан кьучIегьечIеллъун рикIкIинеги бегьуларо. Щай гурелъул дагъистаналъул халкъалъулги Федералияб централъулги ГIабдулатIиповасдаса разигьечIолъи гIезегIан буго».