Ссылки для упрощенного доступа

ЦIиял автобусазде кьвагьулебцин буго


ГьанжегIагар МахIачхъалаялде рачIарал чIахIиял хъахIал автобусал хIалтIизе риччазе руго цо чанго къоялдасан. Гьел кьун руго республикаялъул мал-мулклъун кколеб 1736 абулеб автоколоннаялде.

Гьедин къогониги соналъ МахIачхъалаялда ханлъи гьабулеб букIараб маршруткабазул заман дагь-дагьккун ахиралде щолеб бугин рикIкIуна шагьаралъул гIадамаз. Маршруткабазул бетIергьаби ахиралде щвезеги божулел рукIинчIо шагьаралъул автобусал хьвадизе рукIиналда. МахIачхъалаялда гьеб транспорт цевесев мэр СагIид Амировасул ирслъун бихьула. Гьез берда бихьун дандечIей гьабулеб буго шагьаралде рачIарал автобусазда. Масала, фейсбукалда цояс хъвалеб бугоан жинда бихьанила маршруткаялъул шоферас автобусалъул шоферасе дагIба гьабулеб, дуца жиндир клиентал рачунел ругилан.

Гьединго гьал къоязда ккана автобусазде кьвагьдеялъул кIиго хIужаги. КIиабилеб нухалда кьвагьдарав чи лъанин бицана ЭР-ялъе Къурбан ИсмагIиловас. Гьев ккола автобусазул идараялъул нухмалъулев.

Къурбан ИсмагIилов: «Кквезеги ккун, гъозухъе (низам цIунулезухъе – авт.) кодове кьуна гьев, таманчаги бахъана. Балугълъуде вахинчIев вас вукIана гьев, кодобе таманчаги кьун, чIахIияз витIанин живилан абуна гьес. Щал гьелали лъазабизе ккеларищха, гурони тIокIалъ чIечIого кьвагьдолел рукIинарищ».

Жидер транспорт хекко унелъул, хIинцго гуроини хьвадуларел автобусазда гIадамал рекIине гьечIин абураб пикру билълъинабулеб буго маршруткаялъулаз. ТIадежоялъе гьел халатал, кIудиял автобусал чIезе хасал бакIалги гьечIин МахIачхъалаялда.

Амма Къурбан ИсмагIиловас абулеб буго жидеда лъалин гIадамазе щиб къваригIунебали.

Къурбан ИсмагIилов: «ГIадамазе къваригIун буго цодагьаб учузаб багьаги жидедехунго лъикIаб бербалагьиги. Гьагъадинал къваридал маршруткабазда жанир къан кидалъагIан рукIине ругел? Нилъер гьаниб гурони гьединаб транспорт гьечIо цогидал шагьаразда. Заман щвана нилъееги маршруткабаздаса къватIире рахъине – заманалъул тIалаб ккола гьеб. Автобусал жеги рачIине руго, рачIине руго. Нух гьеб рахъалдехун босун буго республикаялда. Гьелдаса кьуризеги бегьуларо. Гьел чIорогоял харбал рицунел рукIинчIого, жидеего хIалтIи балагьизе къватIире рахъаян абе гьел маршруткабазул бетIергьабазда. ГIелин гьанжелъагIан гьаб шагьар рощнол цIезабураб. МоцIида жаниб цо нухалда гурони чуруларо гъоз гьел маршруткаби. Риххизе къачIарал машинаби руго гьезул. Дагьалго мадаралги руго. Гьединал тун, басриял нахъе рехизе ккелаха. Шагьаралъул администрациялъ абулеб буго иш тартибалде бачинилан. Балагьилаха гьанже».

МахIачхъалаялъул мэриялдаса чагIаз ЭР-ялъе бицана цевесев мэр Амиров туснахъалда вугониги, гьесул ирсилал хутIун ругин шагьаралда. Шагьаралъул магIишат 70 проценталъгIаги гьезул кверщаликь бугилан.

Амма гьеб пикруялда разилъулев гьечIо ГIисалмухIамад Набиев. Гьев ккола лъидаго рачIел предпринимателазулгун шоферазул махщалилаб цолъиялъул нухмалъулев. Гьес абулеб буго Амиров цевего анин тахшагьаралдаса, гьединлъидал «Махачкала-трансалдаса» хайирги шагьаралъул цIиял нухмалъулезе щолин. Шагьаралда гъорлъе унеб гIуцIи гьеб батани, шагьаралъул кIудияс гурищдила гьелъул жаваб кьезе кколеб.

ПалхIасил, рекIее бокьани, анкьида жаниб кIолила транспорталъулъ гIадлу гьабизе.

ГIисалмухIамад Набиев: «Гьабизе жого гьечIо гъоба. Прокуратураялъги, транспорталъул полициялъги, экономикиял такъсиразда хадуб халкколеб бутIаялъги гьабизе ккола гъоба хIалтIи. Цониги чи гьечIо гьенив къануналда рекъон хIалтIулев. Гьагъал маршруткабазул шоферал щалниги кколаро – я предпринимателал, яги цогидал ихтияразул чагIи. Гьединлъидал ихтияралги гьечIого гьел хIалтIизарулел рукIунилан «Махачкала-трансалъул» чагIазе тамихI гьабизе бегьула. Магъалоги кьоларо маршруткабазул вакилзабаз. Магъалоялъул бакIалда «Махачкала-трансалъул» нухмалъулезе гьезул щивас 3, 500 гъурущ кьола гьез моцIие. Гьедин цо моцIида жаниб киназдасаго бакIарун I5 млн гъурущ щола гьезие. Кибниги хъвай-хъвагIайги гьабичIого гIарац бакIарулеб мехалда кибе балагьун бугеб прокуратура, цIех-рехалъул идараби, экономикиял такъсиразда данде къеркьолеб полиция, ГИБДД?»

мма гIадатияб халкъалъин абуни гьел суалал гьел идарабазе кьолел гьечIо, гьел балагьун чIун руго республикаялъул нухмалъулев ГIабдулатIиповасухъ – кIолищ гьесда гьеб суал тIубазе, кIоларищали.

XS
SM
MD
LG