14 октябрялъ МахIачхъалаялъул тIалъиялда тIобитIараб данделъиялда гьоркьоб лъхурал суалазул цояблъун букIун буго шагьаралда жамгIияб траспорт хьвадиялъул ва гьединго гьеб бихьизабураб, хасаб чIолеб бакIалда гурого лъалхъунгутIиялъул суал.
Гьедин лъазабулеб буго МахIачхъалаялъул администрациялъул пресхъулухъалъ.
Дагъистаналда жамгIияб траспорталъул суал кидагоги кIвар бугеб букIанин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьеб бараб буго маххул нухалъул нухазул бухьен гьечIеб, гьелъ киналгIаги поездал, электричкаби хьвадунгутIиялъ, гIицIго автобусал, маршруткаби гуреб. Гьелъ кинабгIаги багьа рекъезабиялъул бицине рес гьечIила.
Дагъистаналъул траспорталъул министерлъиялъул баяназда рекъон, республикаялда гIадамал рачччиялъул аслияб бутIа кколеб буго маршруткабазде. МахIачхъала шагьаралда кинабниги 63 батIияб маршруталда хьвадулеб 800 цIикIкIун маршрутка.
Шагьаралда «МахIачхъалатранс» ва «МахIачхъалатранс-1» унитариял предприятиз жаваб кьолеб буго МахIачхъалаялда хьвадулеб жамгIияб транспорталъул.
МахIачхъалаялда жаниб хьвади гуребги, маршрутаз бухьен гьабулеб буго Ленинкент, Семендер, Редукторный ва цогидал поселокалгун.
Амма маршруткабазда хурхун гIемерал гIарзал руго гIадамазул. Гьел аслияб куцалъ хурхарал руго гьел цIакъ хварал, жаниса чорокал, яги санагIат гьечIел рукIиналда бан.
Камуларо гIарзал жалго маршруткаби рачунел гIадамазда хурхунги. Амма гьел кIиялго кколел руго къурбаналлъун «МахIачхъалатранс» ва «МахIачхъалатранс-I» унитариял предприятиязул.
МахIачхъала шагьаралда хьвадулеб жамгIияб транспорталъул 70% кколеб буго цIакъ хвараб. Камулел гьечIо гьединал маршруткабазда ккарал лъугьа-бахъиналги. Масала, 5 октябрялъ Амет-хан Султанил къватIалда каналалъубе бортун буго маршрутка. Жанир рукIарал кIиго лъимал аскIоб бугеб машинаби къачIалеб бакIалда хIалтIулев чияс хвасар гьарун руго.
2008 соналъ МахIачхъалаялъул шагьаралъулаб собраниялъ къотIараб хIукмуялда рекъон, гьукъун буго хьвадизе изну кьезе 10 соналдаса цIикIкIун хIалтIизабураб маар, гьединго, заводалъ биччаралдаса тIаде хис-басал гьарурал маршруткаби. Гьединго, хас гьабун бихьизабураб бакIалда гурого гьел лъалхъунгутIизе.
Амма гьелдаса хадуб 7 сон аниги, маршруткаялъухъ раччаралъухъ кьолеб багьа, 7 гъурщидаса 14 гъурщиде бахин гурого тIокIаб жо хисичIолъи мухIканаб буго.
Маршруткаби гIицIго бихьизабураб бакIалда гурого лъалхъунгутIи гьеб бачунел чагIазе лъикI бугин, амма гIадамал ругьун гьечIин нилъер гIицIго, бихьизабураб бакIалда гурого маршрутка лъалхъизабилдейилан баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе гIемер соназ шагьаралда маршруткаялда хIалтIулев вугев ХIусейнов МухIамадица.
Гьединго бихьизабураб бакIалда жамгIияб транспорт лъалхъиялъе квекIен кколеб буго, гьенир гIадмамаца машинаби лъун рукIиналъ. Цинги маршрутка лъалхъизе бакI гьечIолъиялъ гьеб нухдаго лъалхъулила.
ХIусейнов МухIамад: «Щибаб остановкаялда, щибаб перекрестокалда лъун рукIуна машинаби. БакI гьечIолъиялъ нухдаго чIезабизе ккола маршрутка. ГIемерал гIакIабиги къотIула гьелъухъ. ЧIезабизе бихьизабураб бакIалда чIей гIемер лъикI буго, гали бахъа-бахъаралъуб лъалхъизабулеб букIигналдаса. Амма гIадамалги ругьунлъун гьечIол гьелде».
ГIадамаз жидее бокьараб бакIалда чIезабейилан абулин маршрутка, кигIан хъвай-хъвагIаял чIваниги, хас гьабураб бакIалда гурого лъалхъуларилан. Гьезда гьеб бичIчIуларин баян гьабуна МухIамадица.
Хвараб траспорт хьвадиги, маршруткаялъухъ кьолеб багьаги, гьеб жидеда бараб бгурилан баян гьабуна гьес.
ХIусейнов МухIамад: «Нижеца путевкаялъухъ кьола 3100 гъурущ. Гьеб гIарацги кьун, моцIие путевка босула хьвадизе. Хайтги гьедигIан букIунаро.
Гьаниб хвадулеб маршруткабазул 80% буго хIалтIизабизе босараб. Гьез гьеб босараб чагIазеги кьола гIарац.
Цин гьесие къойие кьезе ккола 700 гъурущ. Жеги путевкаги. МУПалъул цIакъ дагьал машинаби гурого гьечIо. Гьелъ киналъго буго гьеб гьедин».
МухIамадил рагIабазда рекъон, жакъа 14 гъурущ маршруткаялъухъ букIин бараб буго МУПалъ гьезухъа моцIие 3100 гъурущ босулеб букIиналда.
Гьез гьеб хьвадизе изну кьуралъухъ босулеб гIарац цIикIкIинабун гурого дагь гьабуларила. Гьез, гьеб дагь гьабунани рекIадухъ багьаги дагьлъизе рес букIанила.
Дагьаб цебегIан шагьаралъул тIалъиял гьабураб хIукмуялда рекъон, маршруткаби хисун, автобусал хьвадизе риччазе ругилан букIанин, амма жакъаги гьеб хIукму тIубан гьечIилан лъазабулеб буго экспертаз.