Низам цIунулел идарабазда официалияб баян кьечIо миграциялъул хъулухъалъул идараялъул нухмалъулев ккун вугин абураб информациялда тIаса.
Республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда абуна ГIабдулатIиповасухъа сорав босанин, амма щиб гIилла букIарабали абичIо. ЦIех-рехалъул Комитеталъул Дагъистаналда бугеб идараялдаги гьебго жо абуна ва тIаде жубана низам цIунулез ГIабдулатIипов ккун вукIинчIин.
Миграциялъулаб хъулухъалъул идараялдаса баянал «Эркенлъиялъе» щвечIо. ГIабдулатIиповасул кабинеталда бугеб телефоналде кигIан ахIаниги гьеб лъицаниги кодоб босичIо. БорхичIо телефон идараялъул пресс-хъулухъалъи. Къадеялда нахъе живго ГIабдулатIиповас лъазаби гьабуна журналистазе.
Гьес гьадин абуна: «Дун лъицаниги кквечIо ва дида гIунтIизабулеб гIаийб гьечIо. Кидаго гIадин халтIулев вуго ва сонги хIалтIуда вукIана. Низам цIунулел идарабазул рахъалдасан дидехун суалал гьечIо. Республикаялъул нухмалъулесул вацлъун вукIаго, дун кидаго хIадур вуго гьединал гIадал провокациязе.
Рагьун тушманлъи дие лъазабурав чи гьечIо. Амма дида хъинтIичIого чIолел гьечIо. Дие бокьун буго киназдаго бичIчIизабизе, дун политикаялда гъорлъ вугев чилъун кколарин. Дица дирго хIалтIи гьабула».
ГIабдулатIиповасул лъазабиялъ жеги цIикIкIун суалал раккизаруна. Гьелги, мисалалъе, гьесда хъинтIичIого чIоларел чагIи щал ва кинал провокациязул гьес бицунеб бугеб.
Республикаялъул прокуратураялда хIалтIулес «Эркенлъиялъе» аноним хIисабалда абуна, ГIабдулатIиповасухъа сорав босанин фермер Нариман ГIалиев ва гьесул чIужу РахIимат чIваялда тIаса гьабулеб цIех-рехалъул тадбирал тIоритIулаго.
РакIалде щвезабила, ГIалиев ва гьесул чIужу чIвана 2007 соналда. ГIалиев Дагъистаналда лъалаан машгьурав фермер гIадин. Росдал магIишат цебетIезабиялда тIаса гьес чанги хIалтIи хъвана. Ахалъул совхозалъул нухмалъулевлъун вукIана гьев.
«ГIабдулатIиповгун лъай-хъвай бугев чи рикIкIунев вуго гьеб такъсиралъулъ гIайбиявлъун. Гьелдалъун низам цIунулел рачIун рукIана миграциялъул хъулухъалъул нухмалъулевгун гьикъа-бакъи гьабизе», - ян абуна «Эркенлъиялъе» прокуратураялъул хIалтIухъанас.
Политикиял цIех-рехал гьарулел журналист МухIамад ГIабдурашидовас «Эркенлъиялъе» абухъе, Рамазан ГIабдулатIиповасде данде гьабулеб хIалтIи буго гьеб кинабго.
МухIамад ГIабдурашидов: «Февралалъул байбихьуда Пачалихъияб Шураялъул данделъи тIобитIине ккола ва гьеб къо щвелалде республикаялъул нухмалъулесул креслоялда сверухъ хIаял рагъарана. Республикаялда гьабсагIаталда бугеб нухмалъиялде данде гьабулеб хIалтIилъун бихьула дида интернеталда тIибитIараб гьеб хабар.
Бокьарал нухал ралагьун Рамазан ГIабдулатIипов квешаб рахъалдаса вихьизавизе бокьун буго гьесул оппонентазе. Халкъалъул данделъи абуна банкеталъул залазда тIоритIана гургинал столал, ракъи лъазабиялъул тадбирал гьаруна.
Гьез щибго кьолареблъиги бихьун, гьанже цогидал нухал ратун руго. Гьелдалъун гьабсагIаталда бугеб жо дида бихьула республикаялъул вугев нухмалъулев нахъе ине бокьарал чагIазул багъа-бачарилъун».
Гьес гьединго тIаде жубана, низам цIунулел Ражаб ГIабдулатIиповасухъе сорав босине рачIун рукIун ратаниги, ахIи-хIур бахъинабизе кколеб жолъун гьеб жинда бихьуларин.