Ссылки для упрощенного доступа

Дагъистаналъул цIияв амирги «Имарат Кавказалъул» лъазабиги


«Имарат Кавказ» гIуцIиялъул цевехъан ГIалиасхаб Кебековас лъазабуна Дагъистаналъул амир Абу-МухIамад рохьилазда гъорлъ дагIба-къец баккиялъулъ гIайибияв вугин. YouTube сайталда лъураб видеориликалда Кебековас абулеб буго Абу-МухIаммад хиянатчилъун кколин.

РакIалде щвезабила, цодагьалъ цебе Дагъистаналъул амирин жинда абулев Абу-МухIамадицаги Шамилхъалаялъул секторалъул амирин жинда абулев Агъач-аулалдаса Абу-МухIамадицаги «Исламияб пачалихъилан» абулеб радикалияб исламияб къукъаялъе ритIухълъиялъул гьа бана.

Интернеталда лъураб видеороликалда гьез абуна жидеца рахъ кколеб бугин «Исламияб пачалихъалъул» цевехъанасул ва жал ралагьун чIун рукIанин «Имарат Кавказалъул» цевехъанас байгIат кидадай гьабилебян. Жидеда бичIчIулеб гьечIин Кебековас жеги гьа бачIебали, абуна гьез. Абу-МухIамадица тIаде жубана, «Имарат Кавказалъул» буюрахъал жинца тIокIал тIуразе гьечIин. Ноябралда «Исламияб пачалихъалъе» гьединабго байгIат гьабуна Хасавюрталдаса рохьилазул къукъаялъул цевехъан Сулейман ЗайлангIабидовасги.

Жиндирго видеожавабалда «Имарат Кавказалъул» цевехъан Кебековас абулеб буго Абу-МухIамадица «Исламияб пачалихъалъе» гьа бан батани, Сириялде ине кколин гьев.

Дагъистаналъул амирлъун Абу-МухIамад тIокIав кколарин, лъазабуна Кебековас ва цIияв амирасул цIар тIатинабуна. Гьев вуго Унсколо мухъалдаса Саид ГьаракIунисев. Кебековас гьединго абуна «Имарат Кавказалъул» рахъкколезе жинца гьукъулел ругин Абу-МухIамадгун бухьенал.

Дагъистаналдаса рохьилаз «Исламалъул пачалахъалъе» байгIатал гьарулел руго, амма «Имарат Кавказалъ» «Аль-Каидаялъул» рахъ кколеб буго. Жибго «Исламалъул пачалихъ» «Аль-Каидалъул» кумекалдалъун баккараб гIуцIи буго. Амма «Аль-Каидаца» гьаб соналъул байбихьуда лъазабуна «Исламияб пачалихъгун» бухьенал жидеца хвезарулел ругин. Гьелдалъун Шималияб Кавказалда букIине бегьулеб конфликт хIалуцинабизе бегьула цоцада дандечIерал гьел гIуцIиязул рахъкколел регионалда рукIиналъги.

Гьанибго тIаде жубала, Кебековас, «Имарат Кавказалъул» цевехъанлъун вахъараб мехалъ, лъазабуна, жиндир рахъкколез ва жиндие мутIигIаз Шималияб Кавказалда гIадатиял гIадамазде данде терактал гьаризе гьечIин ва руччабазе рохьилазул кьерда лъугьине гьукъулеб бугин.

Конфликтаздехун бугеб Кебековасул бербалагьи «Исламияб пачалихъалъул» принципалгун дандекколареблъун бугин абизе бегьула. «Исламияб пачалихъ» дуниялалдаго лъалаан вахIшияб методазул гIуцIилъун. Гьеб гIуцIиялъул рахъккун рагъизе Шималияб Кавказалдаса чанги чи ана.

БатIи-батIиял информалатаз лъазабун букIана Сириялъул оппозициялъул рахъккун рагъулел ругин гIемерал кавказалъулал. Азарго кавказалъулав гъорлъе унев батальон гIуцIун бугин, хъван букIана NewsRu.com информалаталъ. Цо-цо экспертазул баяназда рекъон, Сириялда жакъа къоялда рагъулел руго Россиялдаса 2 азарго чи, гIемерисел кавказалъулал.

Россиялъул хIукуматалъ рахъкколеб буго Сириялъул официалияб хIукуматалъул. Цодагьалъ цебе Россиялда цIияб къанун баккана. Гьелда рекъон, цогидал улкабазда ругел конфликтазда гIахьаллъулел россиялъулазе тамихI гьабизе буго гьел Россиялъ рахъккураб официалияб хIукуматалде данде рагъулел рукIун ратани. Сириялъул оппозициялъул рахъалде рагъулел рукIарал цо-цо дагъистаниял тIадруссун хадур низам цIунулез ккуна ва диваналде кьуна гьезда хурхун рагьарал такъсир гьабиялъул ишал.

Политолог Алексей Малашенкоца абуна «Эркенлъиялъе» Кебековасул лъазабияз рохьилазда гъорлъ конфликт баккизабунин.

Алексей Малашенко: «Ахвал-хIал халуцинабизе бегьула гьел лъазабияз. Кебековас цIияв амир тана ва амирасул хIакъалъулъ батIаго лъалеб жо гьечIо. Гьединго Дагъистаналъул рохьилал гьанже тIубанго кIийиде рикьанин абизе бегьула. Цоял цIияв амирасда хадур ина, цогидал Абу-МухIамадгун чIела. Рохьилазда гьоркьор раккине ругел суалал кин тIуразе ругел бичIчIизе захIмалъулеб буго. Абизе бегьула конфликталъул перекрестокалда ругин гьанже».

Ахиралда тIаде жубала, «Исламияб пачалихъалъ» сентябралдаго Россиялъул президент Владимир Путинида лъазабуна Сириялъул хIукуматалъе кумек гьаби течIони жидеца Шималияб Кавказалда рагъ байбихьизе бугин. Экспертазул баяназда рекъон, Шималияб Кавказалда рагъулал провокациял гьаризе «Исламияб пачалихъалъе» кIвезе гьечIилан абураб жоялда божи дагь буго, щайгурелъул гIеб гIуцIиялъул рахъкколел гIемерлъулел руго рохьилазда гъорлъ.

XS
SM
MD
LG