Кирпич къотIулел заводазда лагъазал рижун рахъунел ругин цIад бан хадуб гIурдахIанал кинигиян бицана «Эркенлъиялъе» «Альтерантива» абураб группаялъул вакилас. Чанго сон буго гьесул гьеб къукъаялда цадахъ гIакъубаялда гъоркь хIалтIулел гIадамал лагълъиялдаса эркен гьариялда тIад хIалтIулев. Белоруссиялдаса чиясул цIех-рех гьабулаго Каспийскалда жеги гьединав кIигоги лагъ вукIиналъул хIужа тIатинабун буго гьес гьал къоязда. «Эркенлъи» радиоялъе баян кьолеб лахIзаталъги гьев кIиго лагъасул суалалъ Каспийскалде щун вугоан. Гьел кколел руго цояв Хабаровск шагьаралдаса цогидав Калугаялдаса.
Белоруссиялдаса чиясул хIакъалъулъ бицунаго гьес абуна жал гьабсгIат ралагьун чIун ругила гьеб республикаялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ кьураб жавабалъухъ. Гьев чиясул документал гьез гьанирейищ ритIилел ялъуни жалго гьезул вакилзабийиш Дагъистаналде рачIинелали жеги мухIканго лъалеб гьечIилан бицана Закирица.
2013 соналъ гIемерав чи лагълъудаса эркен гьавуна Закирил къукъаялъ. Нижеца гьесда гьикъана гьел тадбираздаса хадуб кинаб букIаниги хиса-баси лъугьинчIин Дагъистналъул кирпич къотIулел заводазда лагъзадерил къадар дагьлъичIищан, дагьлъичIин гьел дагьалги цIикIкIунел ругилан абулеб буго Закирица. Кинавниги жакъ къоялъ лъагIан Закирил «Альтернатива» групааялъ эркен гьабун вуго 120 лагъ. Амма лагълъуда гьабсагIат ругезул чIванкъотIараб баян гьечIилан мукIурлъана гьев.
ИсмагIилов Закир: «Жиндир заманалъ нижее гIемераб кумек гьабуна СагIид Амировас. Гьев МахIачхъалаялъул нухмалъулевлъун вукIаго цо кIиго хутIун хутIаралщинал кирпич къотIулел заводал къан рукIана гьенир. Гьев вачун аравго нахъойги рижун рахъана гьел. БитIахъе цIад бан хадуб гIурдахIанал киниги раккун ратулел руго гьел. Нижеца гьабулеб хIалтIи гIадада кколеб гIадаб хIисаб кколеб буго, кигIан цIикIкIун лагъзал нижеца эркен гьаруниги гьелдасаги цIикIкIун ратула цогидал заводазда гьел. Асллияб куцалда Дагъистаналде гьел рачун рачIуна ихдал. Гьеб гIуж буго кирпич къотIулеб сезон цIи гьабулеб, бищун хIалтIул кор боркьулеб гIуж».
МахIачхъалалаялдагун Каспийскалда гьоркьор ругел 70 гIанасев кирпич къотIулел заводазда ругин къануналда рекъон киналго ихтияралги цIунун хIалтIулел заводалилан бицана Закирица хадубги аммма гьезул къадар цIакго дагьаб бугин, хутIаралщинал гьабулеб жо гIадан бицун божулеб хIалалда гьечIин. Гьенив хIалтIизе вачарав чиясулгун гьез хъваларин кинабниги хIалтIул къотIи-къай, паспорталги нахъе ракIарун рогьаралдаса рукIкIинегIан хIалтIизе тIамулин гьез лагъзал.
ИсмагIилов Закир: «Бокьараб кирпич къотIулеб завод босе, бищун дагьалдасан 15 чи гьечIони гьеб заводалъул мукагIалъи букIине гьечIо. Гьел гIадамал чара гьечIого къваригIарал гIадамал ккола заводалъе. Гьединал заводал МахIачхъалаялдагун Каспийскалда гьоркьор 70-ниги руго. ГIажаибаб жо жалго хIалтIулел бакIазда гара-чIвари гьабулеб мехалъ кинабго бугеб къагIидаялъ бицунаро нижее. ХIалтIул бакIалъул нухмалъулесухъа хIинкъулев ватизе вуго гьев».
Гьаниб даьаб баян гьабизе ккола щай хас гьабун ихдал гьенир лагъзал цIикIкIунилан Закирица абура рагIи. Хасало кирпич дагьаб гурони къотIулеб гьечIо, гIемерисеб заман гьезул хIухьбахъиялда унеб бугилан бицана гьес. Ихдал абуни хасало гьел хьихьизелъун гьезда тIад харж гьабураб гIарац кIиго бутIаялъ бецIизе кколеб буго гьес хважаинасе.