Украиналдаса лъутизе ккарал Дагъистаналда
Украиналдаса лъутизе ккаразул лъабабилеб къокъа къабул гьабуна Дагъистаналъ шамат къоялда. Донецк ва Луганск областаздаса 200-ялдасаги цIикIкIун чиясе чIезе бакI кьун буго Каспий ралъадал рагIалда ругел санаториязда. Видео бахъун буго «гьалбазе» бихьизабураб «Леззет» абураб санаториялда.