Ссылки для упрощенного доступа

Бадиб магIу ххулараб байрам


Махlачхъалаялъул аслияб майданалда, 09Maй2014
Махlачхъалаялъул аслияб майданалда, 09Maй2014

Исана Дагъистаналда Бергьенлъиялъул Къоялъул тадбиразда хIинкъигьечIолъи чIезабулеб букIана кинабниги 14 азарго низам цIунулес, гьезулги 6000 полицияс цохIо МахIачхъалаялда. Республикаялдаго 500 гIан гурони гьечIев рагъул ветеранасда 9 май баркиялъул ва гьезие сайгъатал кьеялъул тадбирал анин абизе бегьула гьез гIумру гьабулелщинаб росабигун шагьаразда. Гьебго заманаялда камичIо байрам пашман гьабураб хIужаги.

Щибаб санайилго гIадин исанаги Россиялда киса-кибего кIодо гьабуна фашистазул Германиялда тIад бергьенлъи босиялъул байраб 9 май. Гьеб къоялъ кьвагьа-гIанхъи бахъине цIакъго кIудияб хIинкъи букIаниги, гьеб кIудияб байрамалдаса гьоркьоса бахъичIого, Дагъистаналъги кIодо гьабуна бергьенлъиялъул къо.

8 маялъул сардилъадласа 9-абилелъул радаллъагIанги МахIачхъалаялъул аслиял къватIазда, ва майданалда аскIоса гIебеде киса-кирего къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби рукIана хал-шал гьабулел. Гьабиги рачун щибаб бокIнире раккун хал гьабулеб букIана гьез щибниги щаклъи кколеб жо бугищ гьениб бахчунали. Гьел киналго тадбирал хIинкъигьечIолъи букIинабиялъе тIоритIулел ругин, чанги аза-азарчи вакIарараб бергьенлъиялъул парадалда бокьараб жо гьабизе хIинкъи бугин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул хIалтIухъабаз. Гьезул рагIабазда рекъон байрамкъолъ хIинкъигьечIолъи букIинабиялда халкквезе цохIо МахIачхъалаялда 6 азарго низамцIунулев вукIине вугинги бицана гьез.

Гьедин хасаб чалуялъ ва полициялъул хIалтIухъабаз сверун ккураб МахIачхъалаялъул аслияб майданалда 9 маялъул радал I0 тIубараб мехалда байбихьана бергьенлъиялъул хIурматалда тIобитIараб митинг. Тадбиралъулъ гIахьаллъизе рачIунел киналго махх-балагьулеб хасаб алаталда жанисан гурони риччалел рукIинчIо. Гьеб киналъго бихьизабулеб букIана терракт гьабиялъул кIудияб хIинкъи букIин. Гьедин букIаниги бокьаниги бокьичIониги парадалде рахъинарурал школлъималги, студенталги гурониги гIадатиял гIемерал шагьаралъулалги рукIана байрамалде рачIун. Исана цIакъго гIемер лъималги ругоан гьенир. Цересел саназде дандеккун исана гIемер чи гIахьаллъана гьеб митингалъулъги парадалъулъги. 2002 соналъул 9 маялда Каспийскалда терракт гьабун хадуб чанги саназ МахIачхъалаялда гьеб 9 маялъул тадбиразулъ цIакъго дагьав чияс гурони гIахьаллъи гьабулароан. Исана гьеб байрамалда гIахьалъизе кинавниги 2 азаргониги чи вачIун вукIанин абизе бегьула.

Байрамалда хурхун тIобитIулеб митинг рагьана МахIачхъалаялъул мэрхисулев ХIасанов Абусупьяница. Гьес баркиялъул кIалъайги гьабун, кIалъазе рагIи кьуна Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазание.

9 маялъул байрамалда ветеранал, 9Май2014
9 маялъул байрамалда ветеранал, 9Май2014

Республикаялъул бетIерас кIудияб байрамги баркулаго киналго рагъул ветераназе гьарана сахлъигун халатаб гIумру, гьединго гIун бачIунеб гIелалда ГIабдулатIиповас лъазабуна, нилъер халкъалъ кIудияб ВатIанияб рагъулъ босараб бергьенлъиги, гьеб рагъулъ гIахьаллъаралщиналги кIочон тезе биччай гьеб такъсир бугилан.

ГIабдулатIипов Рамазан: «Гьеб буго нилъеда киданиги ракIалдаса унареб, нилъее ва нилъер ВатIаналъе букIинесеб кьураб байрам. Гьелъие гIоло гIодобе тIурабщинаб биги, бихьанщинаб къоги киданиги кIочене бегьуларо нилъеда. Ракьарда накуги чIван баркала кьезе ккола нилъер гьаб гIумру букIиналъе гIоло рухIги-хIалги кьунщиназе. Жакъа нилъ цоцалъ рагъизеги, нилъеца къезабураб, тIагIинабураб фашизмалъул тIанчIаз гьанже нилъер ВатIаналда бетIер борхизелъун гуро советияб халкъ миллионалккун хварал ва чIварал. Нилъ руго кутакаб бергьенлъи босараб кутакаб халкъ. Бергьенлъи босарал солдатазда ва нилъер гIаммаб ВатIан цIунарал киналго советиял гIадамазда цебе дица цойги нухалъ къулула бетIер. ЧIахъаги советияб халкъалъул кIудияб бергьенлъи, чIахъаги бергьенлъи босарал солдатал».

МитинглъугIун хадуб гьенире ракIараралщинал бищун цеве ГIабдулатIипов Рамазанги гьавун майданалдасан ХIажиевасул къватIчIван Бергьенлъиялъул монумент бугеб ахикьехун ана. Гьенир монументалда цере руцIцIухIун чIун рагъда хваралги ракIалде щвезарун, гьенир тIугьдулги лъун тIалъиялъул вакилзаби ана къватIире рахъине кIоларел рагъул гIахьалчагIазда байрам баркизе рокъо-рокъоре.

Гьедин бергьенлъиялъул къоялда хурхун батIи-батIиял тадбирал тIоритIана тIолго Дагъистаналда, амма исана гьеб байрам Гъуниб мухъалъул Сугъралъ росулъ киназго гIадин гуреб батIияб къагIидаялъ гьабуна. Бергьенлъиялъул къоялъул хIурматалда гIадамаз салютал кьвагьулелъул, сугъулдерица кьвагьун буго ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазе бараб монумент, ва рагъдаса руссинчIезе чIвараб заниги.

Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ «Эркенлъи» радиоялъе бицана Сугъралъа ГIалиев Шамилица.

ГIалиев Шамил: «Нолъ сардилъ кьвагьизабун буго росдада цебе букIараб кIудияб ВатIанияб рагъдаса руссинчIезе бараб монумент ва зани. Гьеб кьвагьиялъул хIасилалда лъиениги заралги ккун гьечIо, аскIор рукъзал гьечIеб бакI букIиналъ лъилниги мина-къайиги хвезабун гьечIо.

Сугъралъ цохIо гурони хутIун гьечIев рагъул гIахьалчиясе гьединаб кутакаб сайгъат гьабурав чи щивали жеги лъаларила, гьелъул цIех-рех унеб бугин абураб баян кьуна «Эркенлъи» радиоялъе Гъуниб мухъалъул полициялъул дежурныясги. Кинавниги Дагъистаналда хутIун вуго 500 гIан рагъул гIахьалчи, гъоркьисала гьезул къадар 2000 ялде бахунаан.

XS
SM
MD
LG