Шималияб Кавказалъул республикабазда гьоркьорги жалго республикабазда жанирги чIовудабакIазда нухда низам чIезабулеб полициялъул хIалтIухъабиги республикаялде Россиялъул цоги регионаздаса ритIун рачIарал аскариялги цадахъ рукIуна чIун.
ЦIикIкIунисеб нухалда гьел рукIуна шлако-блокал абун лъалел бакIал ралелъур хIалтIизарулел чIахIиял къаналги сверун лъун щула гьарурал бакIал. Республикабазул нухмалъияз гьеб бичIчIизабула хIинкъигьечIолъи цIуниялъул мурадалда рарал бакIаллъун. ГIадамазги нухмалъиялъул гьеб мурад бичIчIун гьезда тIасан щибниги абуларо, щайгурелъул гьезда цо нухалда гуреб бихьараб, хасго Дагъистаналда жалго гьел чIовудабакIазде гьужумал гьарулеб ва гьезда аскIор терактал гьарулел.
Гьеб буго цо рахъ, амма цоги рахъ буго гьеб бакIазда унел рачIунел автомашинаби рачунезухъа гIарац босулеб букIин.
Масала, щибаб гьединаб бакIалда жиндир юк баччулеб автомашинаги цIун унев мехалда 50-100 гъурущ кьезе кколин бицана Эркенлъи Радиоялъе КАМАЗ автомашиналъул бетIергьан Ражабица. Эфиралде жиндир гьаракь кьезеги разилъичIо гьев.
Гьеб гIарац сундухъ кьезе кколебин гьикъараб мехалда гьес абуна щиб гIилла батунги жидехъа гьеб босичIого толарин, гьединлъидал гьел "рикIаризаричIого" жидеца рачIинахъего бегьулин гьенир чIаразухъе гьебан. Ражабил рагIабазда рекъон, гьединаб буго ахIвал-хIал, масала, Дагъистаналда.
Гьебго заманаялда Дагъистаналдаса юк баччулеб автомашинаялъул цоги бетIергьан ИсмагIилица абуна жидер нухда букIунеб полициялъулгун яги чIовудабакIазда рукIунел низам цIунулелгун киналгIаги проблемаби гьечIин жал киналго ругин цоцазда лъалел чагIийин.
ИсмагIил: «Нижер гьаниб кинабго лъик1 буго. Гьанир киналго нилъерго чаг1и руго, кинал рук1аниги прблемабиги нижер гьеч1о».
Дагъистан бахун унагоги чIовудабакIазда жидеца гIарацги кьезе кколарин, бицинегIанасел проблемабиги гьенир рукIунарин абуна Хасавюрталдаса Пятигорскаялде автобусалда гIадамал раччулев Тимирица.
Тимир: «Нижер киналниги проблемаби рукIунаро гьел чIовудабакIазда. Гьенир гIарац тIалаб гьабулел чагIиги рукIунаро. Дагъистаналъулгун Чачаназул гъорхъода автобусалда рекIаразул паспортал ракIарула, гьезул халги гьабун унаха. Цебе букIана нижер проблема, автобус бахъунгицин букIана нижехъа гьелда жанир гIадамал гъодорчIезе бакIал гьечIинги абун. Нахъисел бакIалги рахъугн нижеца гьенир нухда свакарал гIадамал региледухъ къачIан рукIана. Гьедин бегьуларин абун бахъун букIана гьеб нижехъа. Хадуб, полициялъул тIалабалда рекъон нижеца гьеб къачIан хадуб тIадбуссинабунаха».
Амма Хасавюрталдаса автобусалда рекIун анкь цеве Пятигорскаялде ун вукIарав ГIалица бицана жал рекIараб автобус бачунес щибаб чIовудабакIалда 100-100 гъурущ кьунин.
ГIали: «Хасавюрталдаса Пятигорскаялде унеб нухда бугеб щибаб чIовудабакIалда кьуна нижер автобус бачунес нус-нус гъурущ. Нижеда гьединаб чIовудабакI анцIгониги дандчIванги батула. Чачаназул Герзель кьо бахараб бакIалда хал гьабула рекIаразул паспортазул. Гьеб халгьабулесеги кьуна гьес 100 гъурущ. Цо-цо мехалда автобусалъуса къватIивегиин вахъинчIого бихьиларедухъ сунда букIаниги гьоркьобги лъун гордухъанго бегьулаан гьес гIарац. Цо къойида жанибин абуни Дагъистан бахун унеб батула 50 автобус, гьедигIанго нахъеги рачIинарищха».
Чачаналъа юк баччулеб автомашинаялъул хважаин МухIамадица бицана Эркенлъи Радиоялъе жинца киб кигIан кьезе кколебали. Цониги цебетIураб улкаялда Россиялда гIадин жидерго низам цIунулез жиндирго халкъ инжит гьабулареб батилин рикIкIунеб буго гьес.
МухIамад: «Моздокалда бугеб кьода тIасан автомашина бачаралъухъ кьезе ккола 50 гъурущ. Чачаназул гъорхъода бугеб Октябрьский абулеб чIовудабакIалда кьезе ккола 100 гъурущ. Гьенисан махх-къач босулеб бугони, автомашинаялъул бакIлъиялде балагьун кьезе ккола 5000-6000 гъурущ. Гьенисан атомияб ракетагицин кIола босизе гIарац кьолеб бугони. Масала дида кIола картошкаялда гъоркь рахчун автоматал яги цогидаб ярагъ босизе, гьеб чIовудабакIалда 100 гъурущги кьун. Европаялъул цониги улкаялда яги цоги бакIалда цебетIураб улкаялда гьечIо Россиялда гIадин цо улкаялда жанир гьебгощинал чIовудабакIалги, гьедин инжит гьаруларо гIадатиял гIадамалги».
Чачаназул Братское абулеб росулъа Русланил пикруялда гьел киналго чIовудабакIал руго тIалъиялъе гьездаса жо щолеб букIиналъ гьенир ран ва ккун ругел бакIал.
Руслан: «Дуца гъорхъодасан цоги республикаялде махх босулеб бугони, кьезе ккола 5000 гъурущ. Сали яги цоги бакIал раялъулъ хIажалъулеб къайи бугони кьезе ккола 100 гъурущ. Гьел чIовудабакIал тIалъиял гьенир тезе гьечIо гьениса жидее щолб жо гьечIони. Гьеб буго тIалъиялда ругел гIадамал кваназарулеб бакI. Нижеени гьезул хIажалъи щиб букIинеб».
18 гIасруялъул авалалда Россиялдаса унеб ва Россиялде бачIунеб къайиялъухъ магъало бакIаризелъун кумурукханаби ай таможенияб хъулухъ гьабурав Петр тIоцевесесухъе гьенир хIалтIулел гIадамазе харж къваригIун бугин гIарзалъе рачIараб мехалда «Гьеб жанавар жибго жинцаго кваназабизе ккола»-ян абун букIарабин къираласин хъвалеб буго цо-цо тарихиял тIахьазда. 21 гIасруялдаги Петр тIоцевесес малъараб гьабулеб бугин Дагъистаналдайин рикIкIунеб буго Хасавюрталдаса ГIалица.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяназда рекъон, араб соналда автомашинаби рачунезухъа рищватал росаралъухъ тамихI гьабун буго нухда низам чIезабулеб хъулухъалъул 12 хIалтIухъанасе. Цересел соназ гьединаб хIужа лъагIалие цо-кIиго гурони букIун гьечIо.
http://www.youtube.com/watch?v=07Z2uJgqeTw