Цересел саназде дандеккун полициялъулаз къанун хвезабиялда хурхун рагьулел такъсиргьабиялъул ишал цIикIкIун руго. Хасго нухда ругел полициялъул хIалтIухъабазда тIад гIемер гьарулел руго гьел ишал. Масала, 2013 соналда жаниб автомобиль бачунезухъа рищват тIалаб гьабиялъухъ ва гьеб босиялъухъ 12 дагъистаналъул нухазда вугев полициялъуласе тамихI гьабун буго. Цересел саназул статистика босани лъагIалида жаниб гьединаб цо яги кIиго хIужа гурони букIун гьечIо. Щайин гьединал такъсирал гIемерлъаралин цехIедал, Дагъистаналъул нухлул полициялъул бетIерхисулев ГIисамухIамад МухIамадовас, дагьаб цебегIан букIараб пресс-конференциялда журналистазе бицана цересел саназде данде ккун гьанже жалго полициялъулаз къанун хвезабунгутIиялде кIвар кьолеб бугила Россиялъул жанисел ишазул идарабазилан, гьединлъидал полициялъулаз гьарурал такъсиралги тIатинариялде жидецаги кIвар буссинабулеб бугилан. Гьелда тIадеги нухазда рищват бакIари лъугIизабиги жидер хIалтIул цойги аслияб рахъ бугилан бицана МухIамадовас.
ЦерегIан саназ Россиялда бищун нич бахъун автомобильбачунехъа гIарац тIалаб гьабулел нухлул полициялъулал ругин Дагъистаналдайилан абулаан гIадамазда гьоркьоб. Гьез щиб багьана батунги рищват босичIого чIоларилан.
МахIачхъалаялдаса Расулов Шамилил пикруялда рекъон цебеялде дандеккун Дагъистаналъул нухлул полициял гIезегIан магIнаялда хIалтIулел руго ва гьез рищват тIалабгьаби дагьлъун буго.
Расулов Шамиль: «Дагъистан тун къватIир ругел нухлул полициялъулазде дандеккун нилъерал гIезагIан мадарал руго. Гьенир къватIир ругезда нилъ гIадамалиланцин кколаро. Жидералго гуреллъи лъараб мехалда тIаделъула гьел. Гьел полициялъулазе харжар цIикIкIинарун хадуб, рищватал тIалаб гьаби дагьлъун бугин абизе кIола дида. Нухда хьвадизе кколеб къагIида хвезабун гьечIони чIезецин гьаруларин нилъер полициялъулазин абизе кIола дида. Цебе гIадин багьа-багьана батун гьез чIезарулел гьечIо нухда унел гIадамал. Жалго автомобиль бачунездаги буго гIайиб, нухда букIине кколеб къагIидаялъги хьвадичIого, полициялъулаз чIезарун хадуб жидеда гIайиб гьечIин лъугьуна гьел».
Россиялдаго бищун ничбахъаралин цIар бугел Дагъистаналъул нухлул полициялъулаздаса квешал низамцIунулел кирин дуда ратаралин цIехедал Шамилица гьадин бицана.
Расулов Шамиль: «Бищун ничбахъарал нухазда низамцIунулел руго Гъалгъаязулъ ва Каламыкалъ. Нич бахъун гIарац тIалаб гьабизе лъугьуна гьел. Гьединалго ругин Кабардиялдагун- Балкариялда ва Карачаевагун-Черкессиялдагилан бицунаха, гьеб мухъалдани дун цониги нухалъ чIезавун вукIинчIо.
Нухазда рищват бакIариялде данде кинин къеркьезе кколелилан цIехедал Шамилица абуна, гIадамазда нухда хьвадизе кколеб хIалги, къанунги лъалеб бугони гьел ришватал ракIари дагьлъулила. ГIадамазул лъавукълъиялъ ругилан гьел низамцIунулел жидеего бокьахъе хIалтIулел. Гьез чIезавунщинасда жидерго ихтияралги, къанунги, гьев полициялъуласда щиб тIадаб бугебалиги лъалеб бугони гьеб гъалмагъир нухда дагьлъулилан рикIкIунеб буго гьес.
Дагъистаналъул нухазул полициялъул хаслъилъун кколила гьез хириял, батIиял хIукуматазда гьарурал автомобилал чIезарунгутIи, гьезукьа хIинкъулила низам цIунулел, гIадатиял автомобилазда рекIарал гIадатиял гIадамазде тIаделъизе цIакъ бокьулила гьезиейилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе МахIачхъалаялъул таксиялда хIалтIулев вугев Маратица.
Марат: «Дир буго хирияб автомобиль, батIияб хIукуматалда гьабураб автомобиль. Гьелда рекIун унелъул къанагIат гурони чIезавуларо дун нухлул полициялъулаз. Амма цеве гIадатияб автомобилалда унелъул гьез битIахъе гали бахъанщиналъув чIезавулаанин абуниги мекъи ккеларо. Иномаркабазда рекIарал гьез къанагIат гурони чIезаруларо гьез, щай гурелъул гIемерисел хIакимзаби яги, цойги, жал кутакал чагIийин лъугьарал рукIунеллъидал гьезда рекIун. ГIадатиял гIадамаздасаги, хасго таксистаздасаги битIахъе цIоко бахъизе хIадур рукIуна гьел. Гьедин полициялъулазги хIалтIизе толарого чара хун ругел нижее тIадежоялъе исана таксистлъун хIалтIизе рес кьолеб лицензиялъул багьаги 5 азаргоялдаса 30 азаргоялде щвезегIан бахинабун буго. Гьедин гIадатияб халкъ битIахъе гIанкъулеб буго».
Ахирал саназда жаниб Дагъистаналда автомобилал рачунел руччаби гIемерлъун руго. Нухазда бихьиназул кинаб бербалагьийин букIунеб, нухазда низамцIунаразулгун кинаб гьоркьоблъийин букIунебилан цIехана «Эркенлъи» радиоялъ кIиго соналъ автомобиль бачуней йигей Натальяда.
Наталья: «Полициялъ дун гIемер чIезаюла нухда щай гурелъул гIурус ясазул хал гьабеян абун лъазабун букIунелъул гьезда. ЛъикI автомобилалъухъги ралагьула гьел. Ахираб заманалда террактал Ислам босарал гIурусясаз гьарулел рукIиналда бараб жо буго гьеб. Дун диналдехун кинабгIаги гьоркьоблъи гьечIей гIадан йикIин лъайдал, тIокIал киналгIаги суалал кьечIого берцинго нухдаги йиччала. Цебеялде дандеккун гьанже рулалда нахъа ругел ясазул къадар гIезегIан цIцIикIкIун буго нилъер гьаниб. Дидехун нухда кидаго лъикIаб бербалагьи букIуна бихьиназул, гьез кидаго нухги кьола дие, цо-цоял чIезабун автомобильгун лъай-хъвай гьабизецин лъугьунги рукIуна».
Натальял пикруялда рекъон рищват босулел полициялъулазе кьварараб тамихI гьабулеб бугони гьединал хIужаби дагьлъизе руго, жал полициялъулал ругин жидеца бокьараб гьабизе бегьулин абун гьел хьвадиялъ кинабго хвезабун бугилан.