«ГIадлу-низам цIунулел идарабазул хIалтIухъабаз гьарулел такъсирал тIадеялдаса тIаде цIикIкIунел руго. Гьелдалъун гьез хвезарулел руго гIадатиял гIадамазул ихтияралги, нахъе ккезабулеб буго къанун цIунулезул хIалтIиги. Жанисел ишазул министерлъи хIалтIун бажаруларел ва ришватал росулел хIалтIухъабаздас а бацIцIад гьабизелъун ургъараб реформа Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хъатIунгицин гьечIо»,-гьедин хъвалеб буго Дагъистаналдаса полковник СалихI ХIажиевас Россиялъул президентасухъе.
ХIажиев СалихI: «Дица гьаб жакъа байбихьараб жо гуро хъвазе. Анлъго-анкьго сон буго полициялда ришватал росулел рукIиналъул дица хъвалеб. Ришватал кьун гурони хIалтIуде чи восуларо, ришватал кьун гурони тIадегIанал цIарал кьоларо, хъулухъал кьоларо. Гьелъ буго кинабго хвезабун. Терроризмалда данде къеркьолелинги абун, гьеб жо хIалел руго. Дир хIисабалда, Дагъистаналда террор ва экстремизм цIикIкIиналъе аслияб гIилла гьеб ришватчилъи буго».
СалихI ХIажиевас бицана жансиел ишазул министрелъиялъул нухмалъи жинда дандечIун букIанин цебего, амма тIуванго жив хъулухъалдаса нахъе рехизе гьез хIукму гьабунин гъоркьисала маялда Москваялда пресс-конференци я кьедал. Гьенив гьесда цадахъ вукIана чанго офицерги. Байбихьуда гьезие къваригIун букIун буго Россиялъул жанисел ишазул министр Колокольцевгун дандчIвазе. Гьеб рахъалъ гьез кумек тIалаб гьбаун Федотовасвухъе кагъаги хъван букIун буго. Гьев ккола инсанасул ихтиярал цIуниялъул ва гражданияб жамгIият гIуцIиялъул рахъалъ Россиялъул президентасда цеве вугев вакил. Амма гьесдасан кумекги щвечIого хIукму ккун буго пресс-конференци я кьезе.
ХIажиев СалихI: «Нижеего хъулухъал къваригIун гьабураб жо букIинчIо нижеца гьеб, гIицIго Дагъистаналъул халкъалъул ургъалида гьабураб жо букIана. Россиялъул президентас абулеб бугоха ришватчилъиялда данде рагъ баян, хIукуматалъул нухмалъулес гьебго бицунеб буго. Гьебго жо гьаниб жанисел ишазул министерлъиялдаг и абула, амма чIванкъотIарал жал гьечIо гьарулел, хабар бицин гурони. Статистикаги гъоз жидеего рекъезабун кьолеб буго. Гурони щайха гъоз бицунареб такъсирал гьарун ккурал чIахIи-чIахIиял полициялъул хъулухъчагIазул, гьез гIуцIун ругел такъсириял къокъабазул? Гьелъул букIана дица бицунеб. АнцIгониги чи вуго гьединан жанив лъурав, чамалиго вуго цIех-рехалде кьун валагьулев. Низам цIунулездехун гIадамазул божилъи бижизабизе къваригIун бугилан буго бицунеб. Кин гьеб бижизабулеб гьадинал хIужабиги рукIаго? Бюджеталдаса бикъулеб гIарцулги гIадлу гьечIо гъоба. Цогидаб бакIалда бикъулеб гIарцуда хадуб халкквезе тарал чагIи жалго руго гьеб бикъулел».
СалихI ХIажиевасул пикруялда рекъон, гьелщинал гIунгутIаби Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хIалуцине байбихьун руго 2006 соналдаса нахъе. Гьебги гьеб идараялъ жибго лъикIаб лъугьун гьабулеб жо гурин, гьелда тIадехун, Шималияб Кавказалда бугеб идараялдасан бачIунеб чороклъи бугила. Гьединлъидал гIицIго президент Путинида гурони кIоларин гьеб роцIцIинабизеян абураб пикру буго ХIажиевасул.
ХIажиев СалихI: «Заман щведал пенсиялдеги ина дун, амма гьадинан витIизе мустахIикъав чи гуроха дун. РакIбацIцIадго хIалтIана дун 36 соналъ».
ЭР: «Цинги кинха Путиница гьеб суалалъулъ гIадлу гьабизе кколеб? Дагъистаналъул жанисел ишазул министр нахъейищ рехизе кколев? Яги Гуржиязул президент Саакашвилица гIадин киналго нахъеги ритIун, тIаде тIубан цIиял чагIийищ полициялде росизе кколел?»
ХIажиев СалихI: «Гьеб суал буго Россиялъул хIукуматалъги Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъги тIубазе кколеб суал. Дица гьелъие жаваб кьеларо. Гьезда лъала гьелъие кинаб къимат кьезе кколебалиги, гьаниб бугеб ришватчилъи кинаб даражаялда бугебалиги».
Кагъат битIун анкь аниги, полковник СалихI ХIажиевасухъе жеги щун гьечIо Россиялъул президент Владимир Путинил администрациялда са жаваб. Дагъистаналъул полиция такъсирияблъун лъугьунеб бугин хъвалеб буго гьениб. Гьелда бан кIиго мисалги бачине бегьула. Гьалк ъоязда Москваялда ккуна террористазда данде къеркьолезул бищун лъикIавин рикIкIунев вукIарав Гъизилюрталъул полициялъул нухмалъулев. Низам цIунулезул щаклъи буго гьес Дагъистаналда гIадамал рикъулеб къокъа гIуцIиялда, туснахъазда гIадамазе гIакъуба кьолеб букIиналда.
Гьединго гьабсагIаталда туснахъ гьавун вуго цеве полициялда хIалтIулев вукIарав «колхозник» абураб тIокIцIар бугев ГIабдулхIалимов. Низам цIунулезул щаклъи буго МахIачхъалаялъул администрациялъу л мэрлъун вукIарав Амировасулгун гьесул такъсириял бухьенал рукIиналда.
ХIажиев СалихI: «Дица гьаб жакъа байбихьараб жо гуро хъвазе. Анлъго-анкьго сон буго полициялда ришватал росулел рукIиналъул дица хъвалеб. Ришватал кьун гурони хIалтIуде чи восуларо, ришватал кьун гурони тIадегIанал цIарал кьоларо, хъулухъал кьоларо. Гьелъ буго кинабго хвезабун. Терроризмалда данде къеркьолелинги абун, гьеб жо хIалел руго. Дир хIисабалда, Дагъистаналда террор ва экстремизм цIикIкIиналъе аслияб гIилла гьеб ришватчилъи буго».
СалихI ХIажиевас бицана жансиел ишазул министрелъиялъул нухмалъи жинда дандечIун букIанин цебего, амма тIуванго жив хъулухъалдаса нахъе рехизе гьез хIукму гьабунин гъоркьисала маялда Москваялда пресс-конференци
ХIажиев СалихI: «Нижеего хъулухъал къваригIун гьабураб жо букIинчIо нижеца гьеб, гIицIго Дагъистаналъул халкъалъул ургъалида гьабураб жо букIана. Россиялъул президентас абулеб бугоха ришватчилъиялда данде рагъ баян, хIукуматалъул нухмалъулес гьебго бицунеб буго. Гьебго жо гьаниб жанисел ишазул министерлъиялдаг
СалихI ХIажиевасул пикруялда рекъон, гьелщинал гIунгутIаби Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда хIалуцине байбихьун руго 2006 соналдаса нахъе. Гьебги гьеб идараялъ жибго лъикIаб лъугьун гьабулеб жо гурин, гьелда тIадехун, Шималияб Кавказалда бугеб идараялдасан бачIунеб чороклъи бугила. Гьединлъидал гIицIго президент Путинида гурони кIоларин гьеб роцIцIинабизеян абураб пикру буго ХIажиевасул.
ХIажиев СалихI: «Заман щведал пенсиялдеги ина дун, амма гьадинан витIизе мустахIикъав чи гуроха дун. РакIбацIцIадго хIалтIана дун 36 соналъ».
ЭР: «Цинги кинха Путиница гьеб суалалъулъ гIадлу гьабизе кколеб? Дагъистаналъул жанисел ишазул министр нахъейищ рехизе кколев? Яги Гуржиязул президент Саакашвилица гIадин киналго нахъеги ритIун, тIаде тIубан цIиял чагIийищ полициялде росизе кколел?»
ХIажиев СалихI: «Гьеб суал буго Россиялъул хIукуматалъги Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъги тIубазе кколеб суал. Дица гьелъие жаваб кьеларо. Гьезда лъала гьелъие кинаб къимат кьезе кколебалиги, гьаниб бугеб ришватчилъи кинаб даражаялда бугебалиги».
Кагъат битIун анкь аниги, полковник СалихI ХIажиевасухъе жеги щун гьечIо Россиялъул президент Владимир Путинил администрациялда
Гьединго гьабсагIаталда туснахъ гьавун вуго цеве полициялда хIалтIулев вукIарав «колхозник» абураб тIокIцIар бугев ГIабдулхIалимов. Низам цIунулезул щаклъи буго МахIачхъалаялъул администрациялъу