ЦохIо сордо-къоялда жанир республикаялъул батIи-батIиял мухъазда ункъо полициялъул хIалтIухъан чIвана Дагъистаналда. Октябралъул тIоцебесеб къоялъ Лаваша мухъалда байбихьараб хасаб операциялда лъабго чи гIумруялдаса ватIалъанилан кьуна информалатаз, гьезда гьоркьор кIиго полициялъулавги цо гIадатияв чиги, гьесул цIар щиб букIарабали рехсолеб гьечIо баяналда. Гьединго лъукъун вуго жегиги лъабго полициялъул хIалтIухъан. Мухъалда контр-терроралъу
КIиабилеб октаябралъул къалъул гIудалде щварал баяназдаса лъана хасаб операциялъул хIасилалда рохьилазул лъабго чи чIан вукIин. Гьеб баян кьуна цIех рехалъул комитеталъ.
Гьединго Гъизилюрт мухъалда арбагI къоялъул радал чIван вуго жиндирго хъулухъ тIубазе унев вукIарав полициялъул хIалтIухъан. Полициялъул кIудияв сержант кинологасед тIаде кIанцIи гьабун буго сагIат ичIго тIубараб гIужалда Чонтаул росулъ
ТIоцебесеб октябралъул сардилъ Хасавюрт шагьаралда аскIоб щалали лъаларел чагIи кьвагьдон руго полициялъул хIалтIухъанасде, щварал ругъназул хIасилалда гьеб бакIалдаго хун вуго гьев. Такъсирияб лъугьа-бахъин ккун буго Хасавюрт-Герменч
Сордо-къоялда жаниб полициялъул щугогIанасев чи хвеялда бан официалияб пикру загьир гьабуна Эркенлъи радиоялъе плициялхул хIалтIухъабазул махщалил цолъиялъул нухмалъулев жамгIияв хIарактачи Шамилов МухIамадица.
Жакъа полициялъул хIалтIухъаби чIвалел ругин, жиб жиб къоялъ гIадин гьел хIужаби такрарлъулел ругониги гьелъие жаваб кьезе кIолев чи ватулев гьечIилан абуна гьес.. Бищунго мекъса ккараб жо бугин жакъа Дагъистаналъул жанисел ишазул министр Республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас
Шамилов МухIамад: «Полициялъул хIалтIухъаби чIвалел руго, цо рахъалдасан гьезги чIвалел руго гIадамал, гьезда тIад зулму гьабизе гьел тIамулел руго хасал чагIаз. Гьелъухъ рецIел босулеб гIадин гьелги чIвалел руго. Гьа, чIварал гIадамазул жваб кьолев, гьелъул хIисаб гьабулев чи вукIине кколариш? ГьечIо! ЧIван вугищ, вуго. Васалам вакалам. ГIаммаб магIишаталъул цо бече хвананицин кIудияб ахIи-хIур гьабулаан коммунистаз цебе. Гьанжейин абуни полициялъул хIалтIухъан чIван вугилан рагIани гьелде ругьунлъун руго церего гIадамал. Кутакалда ракI гурхIараб хIалалда буго Дагъистаналда низам цIунулел хIалтIухъабазул иш.
Жакъа Советский мухъалъул жанисел ишазул идараялъул минаялда аскIоб бугеб квана-гьекъезе гIадамал рачIунеб бакIалда дун вугеб мехалъ гьенире рачIана I5 гIансев полициялъул офицер. ТIаса ярагъгъ-къолденг
Октябралъул кIиабилеб къоялъ къалъудаса хадур щварал, дагьалги мухIкан гьарурал баянздасан лъана Лаваша мухъалда изну гьечIого яргъид гIуцIаразулгун букIрааб кьвагьа-гIанхъия