М. Къебедов: «Парламенталъул мандат халкъалъул мандат гуро…» (2)
Дагъистаналъул нухмалъулев вищизе кколеб къагIидаялда хурхун бахIсал гьоркьоса къотIулел рукІинчІо гьанжелъезегІан. Амма 18 апрелалда Халкъияб Мажлисалъ гьел дискуссиязул багьана тІагІинабизе бегьула. Парламенталъ жаваб кьезе ккола республикаялъул бетІер парламенталъ депутатазул гьаркьаздалъунищ яги тІолабго халкъалъул рищияздалъунищ вищизе вугевали, абураб суалалъе. Гьеб суалалда сверун ЭР-лъе жидерго пикраби загьир гьаруна гІемер жамгІиял хІаракатчагІаз, политологаз, экспертаз ва гІадатиял гІадамаз. Парламенталъул данделъиялда цебе нижер мухбир Зульфия ХІажиевалъ гьабураб гара-чІвариялда гьеб суалалда сверун жиндирго бербалагьи загьир гьабулеб буго жамгІияв хІаракатчи Къебедов МахІамадицаги.