Ссылки для упрощенного доступа

Генуб росу буго нахъеги гьалдон


Генуб росдал гIадамал
Генуб росдал гIадамал

Унсоколо мухъалъул Унсоколо росдадаса бакъбаккул рахъалдехун 4-го километралъ рикIкIад бугеб полициялъул блогпосталде 12 апрелалъул сардилъ щалали лъаларел чагIи автоматаз, пулеметаз кьвагьдон руго. Полициялъул посталда дандбитIун буго Унсоколо росдал жамагIаталъ гIуцIараб хъаравуллъиялъул постги.

Сардилъ сагIат 12-го тIубараб мехалъ росулъ гIакIа ахIун Унсоколо росдал 3000 гIолохъанчи вакIарун вукIана гьеб лъугьа-бахъин ккараб бакIалде. Посталде кьвагьдарал чагIи автомашинаялдаги рекIун ХарачIи росулъехун тIерхьун ун руго, гьел кьвагьдеялъул хIасилалда я лъукъарав я чIварав чи цониги гьечIо.

Полициялъулазул 30 хIалтIухъан вукIана ярагъги борчун гьеб иш ккараб бакIалде рачIун, амма посталде кьвагьдаразда хадур ине гьез къасд гьабичIо.Гьужум гьабурал ралагьизе кколилан гIолохъабаз абидал полициялъулаз жаваб гьабуна, жидее тIасахун буюрухъ кьун гьечIилан ва посталде кьвагьдаразул лъалкIда хадур ине гьез инкар гьабуна.Генуб росу сверун ккун щула гьабизе 13 апрелалъ тIадеги аскариял рачIана танкабигун,гIарадабигун, гумпарабигун, хьиндалазул жаниблъиялде.

Шамат къоялъул къалъул гIужалда гендерил гIадамаз бицухъе росу сверун ккун буго россиялъул 4000 аскарияс. КIиго къойил болжалалда росуги тун нахъе гочун айилан лъазабун буго аскарияз гендерил жамагIаталда. Мех-мехалда гьаваялдасан терелобаз хъаравуллъи гьабулеб буго Генуб ва сверухъ ругел росабазда тIад.

Эркенлъи радиоялъе цIар загьир гьабизе бокьичIел гIадамаз абулеб буго, нужер росдал рахъу гьабизе рачIарал ругин жалилан кIалал гьикъулел ругила аскарияз гIадатиял гIадамазда ян.

Рохьилал абулел чагIи росдал гIадамаз рачун жидехъе кьечIони кьучIдасанго киназулго минаби щущазаризе ругилан хIинкъабиги кьолел руго ракълилаб гIумруялда ругел гIадамазе россиялъул аскарияз.

РикIкIадаб гIалахалдасан дурнабаз балагьун бихьулеб букIана Генуб росулъе танкабиги, гIарадабиги кьвагьулел руго аскарияз. Я мухбирзаби я инсанасул ихтиярал цIунулел росдал свериялде аскарияз раккизе толел гьечIо.

Ракълилаб гIумруялда ругезе аскарияз рес кьолеб буго Буйнахъск шагьаралдехун гочун ине рагъулаб тадбир лъугIизегIан тIад русинчIого рукIиналъул къотIиялда.

МугIрузул мухъвздеги шагьараздеги автотранспорт хьвадулеб тоннелги аскарияз рахан буго аза-азар чиясе зарал кколеб буго тоннел рахаялдалъун, гьеб кидал рагьулеб абураб суалалъе жаваб щолеб гьечIо я Унсоколо мухъалъул я дагъистаналъул нухмалъулездасан.
XS
SM
MD
LG