Нилъеда кIочон буго лидерал рищизе 1
КΙиабилеб апрелалда Россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъуна Пачалихъияб Думаялъ хехаб къагΙидаялда къабул гьабураб губернаторал кинабго халкъ гΙахьаллъичΙого рищизе рес кьолеб къануналда гъоркь. Гьелда рекъон, федерациялъул щибаб субъекталъул ихтияр буго гьанже рищиял тIолгохалкъалъул гьаризе яги регионалъул бетIер парламенталъ вищизе тезе. Гьеб суалалда сверун кIудияб бахIс унеб буго жакъа Дагъистаналда. Рищиязда сверун жиндирго пикру Эркенлъи Радиоялъе кьураб веб-интервьюялда загьир гьабулеб буго жамгIияв хIаракатчи Набиев ГIисалмухIамадица.