Чехиялдасан машгьурай журналист Петра Прохазковалда лъикΙ лъалеб рагΙула Шималияб Кавказалъул регионалъул проблемаби. Жиндир заманалда макъалаби ракΙалъе гΙечΙого, Россиялъул нухмалъиялъ гьелъие щуго соналъ нух къан букΙана нилъер улкаялде. Аммаян абуна гьелъ, жинца кΙвар кьун хал гьабулеб букΙанила регионалда лъугьа-бахъунелда хадубила, Чачаналъги Гъалгъалъги ругел гьудул-гьалмагъзабазулгун бухьен хвезе течΙила жинца, абун бицана гьелъ ЭР-лъе комментариял гьарулаго. Гьелъул пикруялда, Дагъистанада ахΙвал-хΙал рукΙалиде бачине, чΙагояб гражданияб жамгΙият гΙуцΙизе ва халкъ цолъун, жидерго гΙумру лъикΙлъизабизе нухал ралагьизе квал-квал гьабулел рахъазул цояб ккола республикаялда гΙемер миллатал рукΙин. Гьеб ккола къватΙисан бугеб бербалагьи. Кин бихьулеб бугеб Прохазковалъул пикру жанисан? Гьелъул пикруялде бугеб жидерго бербалагьи загьир гьабулеб буго дагъистаналъул машгьурал журналистаз.