2013 соналда Россиялъул 9 регионалда тIоритIила бутIрузул рищиял. ТIалъиялъул хиял буго Дагъистаналдаги Гъалгъастаналдаги гIаммал рищиял нахъе рахъизе. Гьеб суалалда тIаса жиндирго пикраби Эркенлъи радиоялъе загьирабуна гIемерал соназ Дагъистаналъул Рищиязул Централияб комиссиялда хIалтIулев вукIарав юрист Сулайманов Сулайманица. VIA Skype.
Ахирисеб заманалда Белоруссиялда кIудияб бахIс багъарун буго мацIалъул политикаялда хурхараб. Цоязул рахIат хвезабун буго гIурус мацIалъул позиция Белоруссиялда загIиплъизабулеб букIиналъ. Цогидаз гIамал гьабулеб буго белорусс мацI латин хIарпаздалъун хIалтIизабизе. Амма гьеб проблема гуро цохIо Белорусссиялъе хIасиятаб.
19 февралалда Россиялъул президентасда цебе бугеб миллатаздагьоркьосел бухьеназул Шураялъул данделъиялда гьоркьоб лъун букIана Россиялъул халкъ цолъизабиялъул Декларациялъул проект.
Дагъистан республикаялъул бетIер МухIамадсалам МухIамадов хисун хадур Шималияб Кавказалъул цогидал республикабазул бутIрул хисизе бугин кватIичIого, ян лъазабулеб буго Россиялъул гIемерисел информалатаз. ТIоцебесеб иргаялда – Гъалгъастаналъул бетIер Юнусбег Евкуров. Щиб гьадинаб букIине бегьулеб хIукмуялъе гIиллалъун ккун бугеб?
10 февралалда Пятигорскалда тIобитIана «Россиялъул лъарагIазул жамагIатазул» абулеб гIуцIиялъул данделъи. Гьелъулъ гIахьаллъи гьабун буго Дагъистаналдаса, Чачан республикаялдаса ва Шималияб Осетиялдаса 375 делегатас. Гьез гьоркьор лъуна лъарагIазда цере ругел кIвар кIудиял проблемаби ва къабул гьабуна хасаб резолюцияги Россиялъул президентасухъе битIизесеб хитIабги.
Дагьалъ цере Америкалъул Цолъарал Штатазда къватIире риччан руго Мавлави тарикъаталъул шайих Цолъарал Штатазул Калифорниялда гIумру гьабулев Ибрагьим Гамардица ингилиз мацIалде руссинарурал Жалалудин Румил киналго рубайал. Гьелдалъун гьес рагIалде бахъинабуна Магърибалъул цIар арал гIалимзаби Артур Арберрица, Анне Мари Шимелица ва цогидаз байбихьараб хIалтIи.
Нью-Йоркалда штаб-квартира бугеб Журналистал ЦIуниялъул Комитеталъ гьаб анкьалда лъазабуна тIолго дунялалда жанир тIамурал журналистазул къадар баханин мисал гьечIеб рикIкIеналде: батIи-батIиял улкабазда 232 журналист жанив вуго гьабсагIат.
Алманиялъул къватIисел ишазул министр Гидо Вестервеллеца ахIи балеб буго Туркия Евроцолъиялде гъорлъе жубаялъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаял цIигьариялде. Гьадин гьес абуна талат къоялъ Берлиналда Туркиялъул вакиллъиялъул цIияб мина рагьулеб тадбиралда.
Исана 30 сентябралда Москваялъул Тверская ва Моховая абулел къватIал къотIулеб бакIалда дагъистаниязул бертадул тIел чIезабун букIана. Гьеб хIужаялъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна тIолго улкаялда. Дагъистаниязде гIунтIизабураб гIайиб – Москва бакьулъ кьвагьдей гьаби ва жамгIияб низам хвезаби. Рехсараб лъугьа-бахъиналда тIасан багъарараб дагIба халат бахъунеб буго. ГIемерал жамгIиял хIаракатчагIаз гьеб иш цебеккунго ургъун гьабураблъун рикIкIунеб буго.
Гьал къоязда кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна татаразул цо-цо жамгIиял хIаракатчагIаз исанасеб хIеж борхиялъул суалалда сверун. Гьез гIайибал гIунтIизарулел руго Россиялъул Федерациялъул Шураялъул нухмалъулев хисулев ва хIежалъул суалазда сверун Шураялъул бетIер ГIумаханов Ильясиде.
Москва бакьулъ бертадул автомобилазул читIир унеб мехалда гьаваялде таманча кьвагьиялъ кIудияб ахIи-хIур багъаризабуна гьел унел рукIараб къватIалда гуребги – социалияб сфераялдаги. ГIурус миллатчагIаз кидагогIадин гьаб нухалъги абулеб буго дагъистаниял гьениса нахъе гъезе кколин, гьел гIалхьулал гIадамал ругин. Москваялда гIумру гьабулел Дагъистаналъул хIаракатчагIазги гьединаб хьвада-чIвади беццулеб гьечIо.
Араб анкьалда тIолго дунялалда гIемер бицунеб букIана «Бусурбабазул гIайиб гьечIолъи» абулеб Америкалда пуланал гIадамаз бахъараб киноялъул. Ислам дин хIакъир гьабулеб гьеб киноялъ бусурбабазул ццим бахъинабуна. ГIезегIанго улкабазда тIоритIана демонстрациял ва гьезул хIасилалда анцI-анцI чи чIван вуго. Цого мехалъ Россиялда бахъараб «Орда» абулеб киноялда сверухъ кIудияб ахIи-хIур рагIулеб букIинчIо гьеб фильмалъ татар миллаталъул тарих мекъса бихьизабун бугониги.
Гьалкъояз Россиялъул прессаялда тIибитIизабун букIана Ростов икълималда гIурусазда ва кавказиялъулазда, хасго дагъистаниязда гьоркьоб багъарараб дагIбаялъул хIакъалъулъ информация. Щиб гьелъие гIиллалъун ккун букIараб - миллияб рокьукълъиищ, рукIа-рахъиналъул шартIалищ?
2012 соналъул 12 январалда «Дагестанская правда» газеталъ такрар гьабуна цебе чанги нухалъ цогидал газетабазда бахъараб цо гъалатIаб макъала. ТIадехун рехсараб макъалаялъул автор – калмыказул хъвадарухъан Андрей Цобдаевас бицен гьабулеб буго ГIурус пачаясул, хадуб Польшаялъул армиялъул полковниклъун вукIарав Хуршилов Багьавудинил къисматалъул.
Шайих СагIид Афанди чIваялъе гIемерал гIиллаби рукIун ратилин рикIкIунеб буго Дагъистаналъул жамгIиял хIаракатчагIаз, аммаила гIаммаб мурадлъун шаклъи гьечIого кколилан Шималияб Кавказалда бугеб ахIвал-хIал жегиги хIалуцинаби, шай гурелъул - зулмуялъги рагъалъги гIемерисезе кIудияб пайда кьолеб букIиналъул.
Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзаница буюри кьуна республикаялъул имиджалда тIад ургъун, хасал сайтал рагьизе. Дагьалъ цебе Дагъистаналъул бетIер МухIаммадсалам МухIаммадовасги журналистазде абулеб букIана Дагъистан лъикIаб рахъалдасан бихьизабизе гIаммал гьабеян.
29 маялда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъа цIар арав гIалимчи Дибир-къади гьавуралдаса 270 сон тIубаялда хурхараб гIелмияб сессия. Советияб заманалъул тIоцересел соназда квершеллъиялъ кIудияб хIаракат бахъана Дагъистаналъул некIсияб рухIияб ирс тIагIинабизе.
Татарстаналъул Пачалихъияб Шураялъ араб анкьалда «Динияб эркенлъиялъул ва диниял идарабазул хIакъалъулъ» абулеб къануналъулъ журана цIиял хиса-басиял. Гьеб цIигьабураб къануналъ диниял гIуцIабазда тIадаблъун гьабулеб буго жидерго хъулухъчагIигун хIалтIул къотIи-къаял гьари.
ЧIохъ росу бугин рагьараб зодикь унго-унгояб музейилан абулеб буго гIадамаз. ГIалимзабазул хIисабалда гьеб росдал архитектураялъул азарго соналъулаб тарих буго. КъанагIатаб махшалида рарал чIахъадерил некIсиял рукъзал гьанже лъалкI течIого паналъизе бегьулин абураб ахIи-хIур багъаризабулеб буго журналистазги, гIалимзабазги.
Исана тIолго дунялалда ракIалде швезаруна1912 соналда Атлантикияб океаналда гъанкъараб «Титаник» абулеб кIудияб гамида рекIун рукIарал къурбанал. «Титаникалъул» пассажиразда гъорлъ вукIун вуго Шималияб Гьириялдаса Мурзакан Кучиев. Гьесул ясалъул ясалъ Эркенлъи радиоялъе бицен гьабуна жиндир кIудаинсул къисматалъул.
Загрузить еще