Страсбургалда бугеб Инсанасул ихтиярал цIунулеб халкъаздагьоркьосеб диваналъ хIукму гьабун буго ахирисеб 10 соналда жанир араб бакI лъачIого камурал чачаназул гIагаразе гIоло кIиго бащадгун миллион доллар компенсация хIисабалда Россиялъул хIукуматалъухъа бахъизе.
Исана тIубала 155 сон имам Шамилил нухмалъиялда гъоркь унеб букIараб гъазават Гъуниб магIарда ахиралде щваралдаса. Гьеб тарихияб хIужаялда пачаясулги советиялги тарихчагIаз абулеб букIана имам Шамил кверде восиялдалъун рагIалде бахъараб гIурус аскаразул бергьенлъиян.
1961 соналъул 25 ноябрялда Доминиканияб Республикаялда доб мехалда гьелъул бетIерлъун вукIарав Рафаэль Трухильол буюриялдалъун вахIшияб къагIидаялда чIвана лъабго чIужу-гIадан. Гьел кколаан политикал яцал Мирабал. Цолъараб Миллаталъул Генералияб Ассамблеялъ гьеб къо – ай 25 ноябрь – лъазабуна руччаби зулмуялдаса цIунулеб къолъун ва киналго хIукуматаздеги, халкъаздагьоркьосел ва хIукуматалъул гурел гIуцIабаздеги буссун ахIи бана гьеб проблемаялъе кIвар кьеялда.
Сириялда халат бахъунеб рагъда гIахьаллъулел кавказиязул къадар цIикIкIунеб бугин моцIалдаса моцIалде. Раккулел руго гъозул цIаралги. Гьез рагьараб къагIидаялъ лъазабулеб буго жидеца жигьад бачунеб бугин.
Москваялъул Бирюлёво мухъалда Егор Щербаков чIваялда шаклъи бугев Орхан Зейналовасу эмен Загьидица абулеб буго жиндир васасде гIайиб гIунтIизаби – цебеккунго ургъараб иш бугин политикияб мурадалда гьабураб.
«Шималияб Кавказ. Интеграциялъул захIмалъи, пачалихъияб нухмалъи, рищиял ва низамалъул тIалъи» - гьадинаб цIаралда гъоркь гьалкъояз Брюсселалда загьирабун бугоан Халкъаздагьоркьосеб кризисалъул къукъаялъул доклад.
Москваялде олимпиялъул цIа щун хадусала Amnesty International гIуцIиялъ хъващтIан байбихьана Россиялда инсанасул ихтиярал хвезариялда сверухъ бугеб ахIвал-хIал бихьизабулеб кампания. Гьадин лъазабуна рехсараб гIуцIиялъ гьалкъояз.
Миллияб хаслъиялъул ва миллияб бичIчIиялъул гъваридаб кризис бихьулеб буго Шималияб Кавказалъул республикабазда, хасго Дагъистаналда. Гьадин абулеб буго Россиялъул ГIелмабазул Академиялда цебе бугеб этнологиялъул ва антропологиялъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан Ярлыкапов АхIмадица. Гьалкъояз гьес гIахьаллъи гьабуна Чехиялъул ГIелмабазул Академиялъул гьанжесеб тарихалъул институталъ гIуцIараб конференциялда.
Босниягун Герцеговинаялда гьаб анкьида байбихьила 1993-95 соназда букIараб рагъдаса хадуб лъидаго-бачIеблъи щвараб гьеб улкаялъул халкъалъул тIоцебесеб хIисаб гьаби. ьеб тадбиралъ бихьизабизехъин буго киндай гIемер миллаталъулаб пачалихъалда кIвараб жиндирго миллияб бичIчIи ва миллияб хаслъи гIуцIизе.
Гьалкъояз Кавказская политика абулеб сайталда загьриабун буго– «Рагъухъаби гьечIеб шаригIаталъе гIолоилан» абураб цIаралда гъоркь къокъаб макъала.
Цолъарал Штатазул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Америкалъул къанунал къабул гьабуразде абуна Сириялъул хIукуматалъул аскариязде гьужум гьабиялъ Аль-КъагIидаялъе пайда кьезе гьечIин.
Абхазиялъул телевидениялъе интервью кьолаго, Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас лъазабуна, Абхазиялъулги Жанубияб Гьиристаналъулги лъидаго бачIеблъи къабул гьабулел улкабазул къадар соналдаса соналде цIикIкIине бугин.
Гьалкъояз Ростовалда тIобитIараб гIурусазул миллатчагIазул митингалда «Халкъияб гIор» абулеб жамгIияб багъа-бачариялъул церехъабаз лъазабуна Ставрополь икълъималда ГIурусазул республика бук1ине бугин абун. Гьелда разиял гьечIо некIо заманалда гьеб ракьалда гIумру гьабулеб букIарал чергесаул наслудул чаг1и гурелги – цогидал гIурус миллатчагIазги.
Дагьалъ цебе Дагъистаналъул «Настоящее время» абулеб газетаялъ къватIибе биччана «БóцІухъанлъиялъул ракьал ричун мухъалъул администрациялъул бетIерлъун вахъине кин бегьулебилан» цIаралда гъоркь цо макъало. Гьелда бицен унеб буго Гъуниб мухъалъул администрациялъул бетIер МухIамадов Пахрудинил ва цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIазул хIакъалъулъ.
Соназда жаниб гIемер бицулаан Ираналъул атомияб программаялъул хIакъалъулъ. Халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъул рахIат хвезабулеб буго гьелъ. Аму буго цоIги кIвар цIикIкIараб суал Ираналда хурхараб. Гьеб ккола гьелъул къватIисеб политкаялъул суал. Ираналъ кIудияб хIаракат бахъулеб бугин ГIагараб Машрикъалъул ва ГIараб дунялалъул улкабазе асар гьабизецин гуребги, хIатта гьезул жанисел ишазде гъорлъе жубазе.
Мисиралъул президент МухIамад Мурсица нухмалъи гьабулеб «Вацал-бусурбаби» абулеб багъа-бачариялъул политикияб гIаркьеллъун кколеб Эркенлъиялъул ва РитIухълъиялъул партиялъул офисалде тIаде кIанцIи гьабуна гьесул политикаялда разилъи гьечIел гIадамаз. Гьез абулеб буго президентасда кIвечIин Мисиралъул экономикиял ва социалиял проблемабазе асар гьабизе.
Рагъ лъугIараб мехалда Чачаналъги чанго нухалда лъазабун букIана амнистия. Кинабха букIараб гьениб гьелъул хIалбихьи ва рес бугищ Дагъистанияз гьезул хIалбихьиялдаса пайда босизе.
Блог Сочи абулеб интернет-даптаралда загьирабураб иргадулаб баяналда бицен унеб буго Сочиялъул кватIабахъ бугеб ахIвал-хIалалъулги, ралел олимпиялъул объектазулги ва цогидазул. Рехсараб блогалда мухIканаб цIех-рех гьабулеб буго Сочиялда букIинесеб Олимпиадаялда гьабулеб хIадурлъиялъул ва документаздалъунги суратаздалъунги рихьизарулел руго гьенир ругел гIунгIтIаби.
Дагьалъ цеве Туркиялъул цIар рагьарав хъвадарухъан Недим Гюрселица мустахIикълъана Франциялъул Prix Méditérranée абулеб ай – «Ракьаздагьоркьосеб Ралъдал шапакъаталъе». Гьеб шапакъат гьесие щун буго гъоркьиса къватIибе бичараб «Иблис, малаик ва коммунист» абулеб романалъухъ. Нижер радиоялъе гьес баянал гьаруна Гези-ахикь багъарараб протесталъул суалалда тIаса.
Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул Генералияб Ассамблеялъ 2001 соналда хIукму гьабун букIана 20 июнь ТIолго дунялалъул тIурун чIаразул къолъун лъазабизе.
Загрузить еще