Россиялъул Федерациялда инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъан Президентесда цее йигей вакил Элла Памфиловалъ какана туснахъазул ва цIех-рех гьабулел изоляторазул хъулухъчагIазе цIикIкIарал ихтиярал кьеялда хурхараб юстициялъул Министерлъиялъул жигар. Памфиловалъ хасаб кагъат битIана премьер-министр Дмитрий Медведевасухъе. Гьелда гьелъ гьарулеб буго цIияб къануналъул проект Пачалихъияб Думаялда цебе лъогеян абун.
Хамиз къоялъ Шотландиялъул халкъалъ тIобитIараб референдумалда хIукму гьабизе кколаан – хутIизе бугищали гьеб улка КIудияб Британиялъул Цолъараб Къираллъиялда, ялъуни батIа чIараблъун букIине бугебали. КIудияб квербакъи гьабулеб букIана Шотландиялъе Абхазиялъул халкъалъ.
Исана май моцIалда Россиялъул Уголовияб кодексалде гъорлъе жубан букIана цIияб бутIа – «Россиялъул территориялияб цолъи бикьизабиялде жамгIияталда бараб ахIи» абураб. Гьале тIоцебесеб нухалъ гьадинаб гIайиб Краснодар икълималъул ФСБ-ялъул идараялъ гIунтIизабун бугоан 25 сон барай Дарья Полюдовалде ва жеги кIиго чиясде.
Сочиялда Олимпиадаялде хIадурлъи унеб мехалда гьениб рукIа-рахъин гьабулел гIадамазеги сверухъ бугеб тIабигIаталъеги кIудияб зарал щун буго. Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицулаан дунялалъул прессалъги инсанасул ихтиярал цIунулезги.Амма хIаял лъугIун хадуб добго ахIвал-хIал бихьулеб буго шагьаралда.
Жинда «Исламияб пачалихъилан» абулел яргъид гIуцIараз талат къоялъ тIибитIизабуна Америкалъул кIиабилев журналист Стивен Сотлофф чIваялъул видео хъвай-хъвагIай. Гьадин лъазабулеб буго интернеталъухъ хал-щал гьабулеб Reuters агентлъиялъул хасаб хъулухъалъ.
Дагьалъ цебе кIудияб ахIи-хIур Дагъистаналъул жамагIаталда багъарун букIана Республикаялъул гимн хисиялда бан. Гьанже гимналъул суал борхизабулеб буго гъалгъазул бетIер Юнус-Бек Евкуровасги.
2004 Бесланалъул мактабалъул цIалдохъанал гъоркьлъалие росараб мехъалда Надежда Гуриевалъул кIиго лъимер хвана. Гьеб балагьалъ гIемерал гIадамазул гIумру хвезабуна. ГьанжелъагIанги, 10 сон ун хадуб, гIадамазда хIехьезе кIоларо доб лъугьа-бахъиналъул хIасилалда ккараб пашманлъи.
Сочиялда Олимпиялъул хIаязде хIадурлъи унеб мехалда гьенир рукIа-рахъин гьабулел гIемерал гIадамал захIматаб хIалалда хутIана. Цоязул рукъзал риххун, цогидазул минаби ругеб бакIалда тIабигIаталъе зарал щун буго. Олимпиада тIобитIун хадуб, цIакъ къиматал спортивиял бакIал чIорого хутIана. Амма гьелда балагьичIого шагьаралъул администрациялъул хиял буго цIиял объектал разе ва гьаб нухалъги гIадамаз зигардулел руго.
Америкалъул журналист Джеймс Фоули чIван хадусала Цолъарал Штатазда ругел социалиял сайтазул администратораз къана «Исламияб пачалихъ» абулеб радикалиял суннитазул багъа-бачариялъул рахъ ккуразул гIемерал аккаунтал. Амма гьединал гIадамазда ратула батIиял нухал жидерго пикраби загьираризелъун.
СагIудиязул ГIарабустаналъул муфти шайих ГIабдул ГIазизица талат къоялъ лъазабуна Аль КъагIида ва дагьалъ цебе халифат лъазабураб гIуцIцIаби Ислам диналъул тIоцересел тушбаби ругин абун.
Сергей Гуриев цеве хIалтIулаан Москваялда бугеб ЦIияб экономикаялъул мактабалъул деканлъун. 2013 соналда Россия тун, гьев ана Парижалде. Гьанже Гуриев хIалтIулев вуго доба бугеб Политикиял цIех-рехазул институталда. Эркенал пикраби ругел ва Кремлалъул авторитаризм какулел гIалимзабаздаго гIадин, гьесдаги тIадецуй гьабулаан Россиялъул тIалъиялъ.
Араб анкьида Россиялъул рок-музыкант Андрей Макаревичас жиндирго концерталгун вахъана Машрикъалъул Украиналда тIурун чIаразул лъималазда цеве. Гьанже Россиялъул пачалихъияб Думаялъул депутатазул хиял буго, гьез абухъего - гьеб «хиянатчилъиялъухъ» артистазе жаза гьабизе.
Ахирисел моцIазда Россиялъул хIакъалъулъ гIемер бицулаан дунялалъул прессалъ. Жиндир иргаялда Россиялъул журналистаз ва экспертаз жавабал кьолел руго къватIисел улкабазда рахъарал макъалабазул авторазе ва жидерго баянал гьарулел руго улкаялда цере ругел проблемабазда ва бугеб ахIвал-хIалалда тIаса.
ГIага-шагарго 20 000 тажикас жидерго гIурус къагIидаялъул фамилиял хисана исана сон байбихьаралдаса. Гьадин лъазабуна журналистазде арбагI къоялъ Душанбеялда тIобитIараб данделъиялда Тажикистаналъул юстициялъул министрас.
Газа мухъалда халат бахъунеб зумлумаялъул гIайиб цоцазде гIунтIизабулеб буго ГIизраилалъул тIадтаразги ХАМА гIуцIиялъул церехъабазги. Къойидаса къойиде цIикIкIунеб буго къурабаназул къадарги.
Дунялалъул тIоцебесеб рагъ дагъистаниязе чияр рагълъун букIун гьечIо. Гьелъул хIасилалда борчIана Кавказ халкъазул миллияб бичIчIиги.
Араб рузман къоялъ Россиялъул Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабурал къануназул цояблъун ккола кабелиял телеканалазда реклама гьукъулеб къанун. Депутатазул хIисабалда чIобогоял телеканалазулги гIарцухъ хIалтIулел каналазулги ресал ращадал гьечIин. Гьеб къанун хIалтIизе буго тIаде бачунеб соналдаса байбихьун. Кинаб хIасил гьелъ гьабизе бугеб кабелиял телеканалазе?
ГIиракъалъул ва Сириялъул территориялда аргъид гIуцIарал бусурбабаз исламияб пачалихъ лъазабун хадуб, Магърибалъул гIемерал информалатаз бицен гьабизе байбихьана гьеб цIибараб халифаталъул ва гьелъул бетIерлъун вахъарав Аба-Бакар Багъдадил хIакъалъулъ гуребги, гьез абухъего «Исламияб пачалихъалъул баккулеб цIва» ГIумар аль-Шишанил хIакъалъулъги. Щивха гьев кколев ва сундухъ гьединаб интерес бакканин гьесда бан?
«ГIиракъалъул ва Леванталъул исламияб пачалихъ» абулеб яргъид гIуцIцIарал суннитазул багъа-бачариялъ Сириялъул ва ГIиракъалъул территориялда халиифат лъазабуна. Гьелъул бетIерлъун вахъана Абу-Бакр аль-Багъдади. Гьеб багъа-бачариялъ тIолго бусурбан дунялалдехун буссун, ахIа бана гьав Багъдади цIияв халифлъун къабул гьавиялда ва гьесие гьа баялда.
Загрузить еще