2014 соналда Сочиялда букIине бугеб Олимпиада тIобитIиялъе церего раккарал политикиял ва экологиялъулал квал-квалазде гьанже жубан буго цIияб.
135 сон тIубана Чачанлъиялдаги Дагъистаналдаги гIурус администрациялде данде къокъаб шаригIатин абураб къеркьей байбихьаралдаса. Соназда жаниб гьеб тема гьукъун букIана Шималияб Кавказалда. Гьанжего гьанже загьирарун руго цIиратарал документал.
15 соналъ цебе Тажикистаналда ахиралде щвана гражданияб рагъ. ГIемерал руччаби росал гьечIого хутIана. Тажикистаналъул Исламияб Централъ гьезул тIалаб-агъаз гьабулаго къватIибе биччан буго хасаб фатва. Гьеле гьелъул хIакъалъулъ нижер радиоялъул мухбир Фарангъиз Нажибулаца хъвараб макъалаялъул аслиял пикраби.
1930 соналда Хьаргаби мухъалъул ЧIалда росдал сверухлъиялда Дагъистаналда тIоцебесеб ГЭС балеб мехалда тIолго халкъалъул хьул букIана «Ильичил чирахъалъ» гIумру абадиялъго гвангъизе букIиналда. Ана сонал, Дагъистаналда бан буго гидроэлектростанциязул тIубараб каскад, амма гьеб канлъи ХХI гIасруялдаги гIолеб гьечIо гIадатиял гIадамазе. Щайдай?
2011 соналъул май моцIалда чIварав гьириязул шагIир Джикаев Шамилил цIар кIодо гьабулеб буго гьалкъояз гьириязул кIиябго республикаялда.
Россиялъул ЧIегIераб ралъдал флоталъул десантиял гуми хIадурал руго Шамалъул Тартус абулеб порталде лъедезе дора хасал масъалаби тIуразари мурадалда. Нижер мухбир Рон Сыновица жиндирго макъалаялда къасд гьабун буго гьеб хIужаялъул цIех-рех гьабизе.
2000 соналъул 4 декабралда Цолъарал Миллатазул ГуцIиялъ къабул гьабураб резолюциялда рекъон июнялъул 20-абилеб лъазабун буго жидерго улкабаздаса лъутизе ккаразул ТIолго Дунялалъул къолъун.
Гьалкъоязда россиялъул президент Владимир Путиница гъулбас лъуна «Миллатазда гьоркьосел бухьеназул рахъалъ президентасда цебе хасаб Шура» гIуцIиялда хурхараб амруялда гъоркь. Гьеб Шураялда цебе лъолеб аслияб масъала - анлъго моцIалда жаниб пачалихъияб миллияб политика гIуцIи. КIиго гIасруялда жаниб Россиялда хIалтIизабичIеб политика гьеб цIияб Шураялда гьедигIан къокъаб заманалда ургъизе бажариладай?
1999 соналда Шамиль Басаевасул бетIерлъуда гъоркь яргъид гIуцIарал къукъабаз Дагъистаналде гьабураб тIаде кIанцIиялъе чачаназул президент Аслан Масхадовас квешаб къимат кьун букIана. Досул доб баян бихьизабун букIана Россиялъул телевидениялъ. Амма додин букIаниги, Дагъистан республикаялъул тIадтараз Аслан Масхадовасде гIайибал гIунтIизарун абуна, гьес тIаса-лъугьин гьаричIин. Гьединлъидалин гьес гьел экстремистазе квербакъи гьабулеб батилин.
1990-абилел соназда Цолъарал Штатаздаса Дагъистаналде тIад буссинабун буго Магърибалъул Европаялда цIар рагьарав суратал рахъулев кIудияв устар Мусаясул Халилбегил цIакъго бечедаб ирс.
Цолъарал Штатазда гьабураб ахирисеб цIех-рехалъ бихьизабулеб буго жиб-жиб мацIалъ гIадамазе батIи-батIияб асар гьабулеблъи. Амма гьеб хIасил щакаблъун бихьула цо-цоязда.
Цолъарал Штатазул Пачалихъияй Секретарь Гьиллари Клинтоница Кавказалде бухьулеб сапаралъул авалалдаго азирбижаназул ва эрменазул аскаразда гьоркьоб нахъеги тунка-гIусси ккун бугоан. КIиябго рахъалъ цоцазда чIвазабулеб буго провокация гьабиялъул гIайиб.
Россиялъул маданияталъул министрлъул тIамурав Владимир Мединскиясул хIакъалъулъ гIалимзабаз ва экспертаз абулеб буго гьев вугин чияр пикраби рикъулев ва тарих мекъса бихьизабулев пропагандистилан.
«Стратегиялъул тIанч» ("Strategy Page") абулеб интернет сайталда загьирабураб макъалаялда бицен унеб буго Исламал ва Цолъарал Штатазул дандечIеялъул. КигIан хIалуцараб хIалалда гьеб кIиябго рахъ цоцаде данде чIун бугониги Америкалъ Исламалде данде рагъ бачунеб гьечIин абулеб буго доб макъаладаялда.
26 маялда Россиялъул тахшагьаралда байбихьараб ва 27 маялда Чачан республикаялъул тахшагьаралда халат бахъараб халкъаздагьоркьосеб динияб конференциялъул гIахьалчагIаз тарихалда жаниб тIоцебесеб нухалъ къабул гьабун буго Иджма абулеб гIаммаб фатва.
Дагьалъ цебе къватIибе биччан буго буго батIи-батIиял мацIазде (гьезда гъорлъ магIарул мацIалдеги) руссинарурал цIар арав бусурбабазул шагIир ва кIудияв гIалим Мавляна Жалалудин Румил тIаса рищарал рубайязул тIехьги CD-ги. Гьеб аудио хъвай-хъвагIай гьабун бугоан 2009 соналда Туркиялъул Конья шагьаралда тIобитIараб Жалалудин Руми ракIалде швезавиялъул тадбиралда. Гьелъулъ гIахьаллъизе рес швана «Эркенлъи» радиоялъул мухбирасеги.
Ахираб заманалда гIемер бицуна гIурус миллатчилъиялъул хIакъалъулъ. Инсанасул ихтиярал цIунулез радикалиял миллатчагIазул хIаракатчилъиялъе квешаб къимат кьолеб бугониги, миллатчилъи тIадеялдаса тIаде загьирлъулеб буго къватIахъ ва прессалда гуребги, хIатта пачалихъияб даражаялдаги. Кьалбалин абуни гьелъул гъваридал руго.
Бугищ кIудияб батIалъи империялъулаб бербалагьиялда ва миллияб бичIчIиялда гьоркьоб? Гьадинаб суалалъе жавабал кьолел руго адабият лъазабулез.