МахIачхъалаялда рачIунел гьалбадерида суричIого рукIине, шималиябги жанубиябги рахъалъан шагьар лъавуде бачIинабизе кколин гьенир шагьранухаздаса авторынокалги, къваригIел гьечIел тукабиги нахъе рахъунин лъазабуна 17 февралалда МахIачхъала сверизе вахъарав республикаялъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас.
Дагъистаналъул бусурбабазул идараялъул рахъкколел цо-цо дагъистанияз гъегъ балеб ва республикаялдаса нахъе аян ахIи балеб буго Дагъистаналъул телевидениялда хIалтIулев Москваялдаса журналист Алексей Казакиде. Гьелъие гIиллалъун ккана жамгIияталъ садакъадуй бачIараб гIарац гIемер батилин бусурбабазул идараялъухъ, гьединлъидал гьеб гIарац Дагъистаналда школалги азарханабиги разе биччаян журналистас муфтияталде гьабураб хитIаб.
Туркиялъ Россиялъухъе кьун вуго Сириялде вагъизе къачIарав Дагъистаналдаса МухIамад МухIамадов.
Фазу ГIалиева. 1932-2016
Щай дагъистаниязе даим чIаго хутIулеб бугеб жинда хурхун цо ккураб пикру гьечIеб Сталинил фигура?
Транспорталъулгун бухьеналъул ва энергетикаялъул министр Сайгидпаша ГIумахановасда лъикIаблъун бихьулеб буго канлъухъгун газалъухъ кьолеб гIарац МФЦ абураб идараялде кьезабизе. Амма энергетикаялдагун газида тIад кверщел гьабулезе гьеб пикру тIубан рекIее гIолеб гьечIоан.
1 февралалда МахIачхъалаялда митингалде рахъун рукIана чамалиго моцIаз харжал щвечIел «ЭКО-М» компаниялъул лъухьарухъаби.
1940 абилел соназда Дагъистаналъе нухмалъи гьабурав ГIазиз ГIалиевасе МахIачхъалаялда монумент лъезехъин буго.
КIиго соналда жаниб Дагъистаналъул бетIерасул тIадкъай тIубазабичIолъиялъ энергокомпания тамихIалде цIайин хитIаб гьабуна прокуратураялде Халкъияб мажлисалъул депутат Фикрет Ражабовас. Гьеб букIана 28 январалда республикаялъул парламенталъ сессия тIобитIулеб мех.
27 январалда МахIачхъалаялда тIоритIарал Дагъистаналъул медицинаялъул академиялъул ректорасул рищиязда бергьана Сулейман Мамаев.
Дагъистаналъул Дагогни шагьаралдаса Ярмаметова Хъистаманица республикаялъул бетIерасде хитIаб гьабулеб буго Сириялъул Ракка шагьаралда ругел жидер нусги кIиябго лъимерги гьениса нахъе бачине квербакъеян.
Пачалихъияб Думаялъ инкар гьабуна Сириялде рагъизе унел гIадамал Россиялъул паспортаздаса махIрум гьаризе. КIигогIан моцIалъ цебе Думаялде гьединаб пикру битIун букIана Дагъистаналъул парламенталъ. Россиялъул Конституциялъул 6 статьяялда рекъон, улкаялъул гражданин махIрум гьавизе бегьулев гьечIо гьеб гражданлъиялдаса яги гьеб хисизе бугеб ихтияралдаса.
Исана 12 январалда Туркиялда теракт гьабурал россиялъулазул цояв Дагъистаналдаса Камалудин Бабаев вугин чIезабулеб буго гьеб улкаялъул хасал хъулухъаз.
Муниципалитетазул газетал республикаялъул аслияб «ХIакъикъат» газетагун цолъизабизе бокьун буго гьеб газеталъул бетIерав редактор Камалов ГIалие
2015 соналда Дагъистаналда бакъудалъун энергия хIадурулеб щуго станция базе хIисабалде босун букIана. Амма цохIо Каспийскалда гурони бачIо гьеб. Гьезул цояб букIине кколаан ралъдал гьумералдаса азаридаса цIикIкIун метралъ борхат бугеб Хунзахъ мухъалъул Макьасда курорт балеб бакIалдаги.
Россиялъул регионазда гьоркьоб гIицIго Дагъистаналда ва Чачаналда гьечIо хьихьизе рачарал лъималазул эбел-инсул школа. Гьебин абуни кколеб буго федералияб къанун хвезаби.
Православиял христианазул версиялда 7 январь ккола ГIиса-авараг гьавураб къо. Гьез гьеб къо кIодо гьабула бищунго кIудиял диниял байрамазул къоязул цояб хIисабалда.
Лъел электростанцияздалъун бечедаб Дагъистаналда гIадамазе квекIенал кколел руго хасалил заманалда электроэнергияги къотIинабун, яги дагьлъизабун. ХIакимзабаз гьелъие гIиллалъун бачунеб буго цIорораб мехалда киназго электроалаталги хIалтIизарун, токалъул кваразде тIадецуй цIикIкIунеб букIин. Амма гIадамаз абулеб буго хIакимзабаз электроэнергия тIокI гьабулеб бугин.
ГIун бачIунеб гIелалда ватIан бокьизе малъулеб программаялъе цо миллиардалдаса цIикIкIун гъурущ биччазе хIукму гьабун буго Россиялъул хIукуматалъ. Гьеб рагIалде бахъинабиялда хадуб халкквезе бугила лъабго министерлъиялъ - лъай кьеялъул, культураялъул гьединго улка цIуниялъул министерлъиялъ. Бокьизе бугищ гьединан гIарацги биччан ватIан?
Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутат Шамил ГIисаев республикаялъул хIукуматалъул вице-премьерлъун толев вукIиналда бан жеги официалияб информация гьечIо.
Загрузить еще