Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалдаса олигарх МухIамадов Зиявудинил хIакъалъулъ жиндирго ватIаналдагицин чанго соналъ цебе гурони байбихьичIо бицине. Дагъистаналда гьесул бизнес гьечIо, амма Россиялдаги гьеб тун къватIивги МухIамадов Зиявудин лъала "Сумма" компаниялъул бетIергьан гIадинги, "Объединенная зерновая" абулеб компаниялъул акциязул цIикIкIарасеб къадар кодоб бугев чи хIисабалдаги. Руго баянал кватIичIого гьес Аэрофлот, АЛРОСА ва цогидал компаниязул акциял росизе рукIиналъулги.
Гьал къоязда дунялалдасаго машгьурал бизнесменалгун, политикал ва экономисталги гIахьаллъун Владивостокалда тIобитIана АТЭС-алъул данделъи. Гьелъул гIахьалчагIазда Россиялъул президент Путин Владимирица официалияб куцалда вихьизавуна МухIамадов Зиявудин. Дагъистаналдаса бакIаб цIайиялъул бизнесмен Зиявудин абун хъвалеб буго гьелда бан журналистазги.
Владивостокалда гьеб данделъи тIобитIизе кинабниги хIукуматалъ харж гьабун буго миллиард доллар. Гьебщинаб гIарацги кьун гьелдасан бугеб пайда щибилан абулел гIадамалги рукIун руго. Амма гьеб саммиталда гьабураб къотIи- къаязул хIасилалда улкаялъул экономикаялъе щвезе ругин миллиардал долларазул хайирилан абуна Зиявудин МухIамадовас журналистазе.
Дунялалдаса чIахIи-чIахIиял бизнес- элита гIахьалъараб гьеб данделъиялда Дагъистаналдаса Зиявудин МухIамадовас нухмалъи гьабулеб букIиналъул магIна кколин жакъасеб дунялалъул бизнес аренаялде лъаялдалъун ва бажариялдалъун кIудияб гIарац гьабизе лъалел гIадамал рачIунел рукIинилан абуна ЭР-ялъе магIарулазул лъиданиги бачIеб «Миллат» газеталъул бетIерав редактор БисавгIалиев МухIамадица.
Жибго Зиявудинил биографиялъухъ халгьабуни –меседил медалалдалъун МахIачхъалаялда лъугIараб школа, тIокIлъиялдалъун лъугIараб Москваялъул пачалихъияб университет. Гьес бизнес гьабуна жиндирго лъаялдалъун, улкаялъул экономикаялда сверухъ лъугьунелда хадуб халги ккун. Гьаб соналъул февраль моцIалда Дагъистаналде вачIун вукIана Зиявудин.
Хасавюрталда магIарулазул интеллегенциялъулгун букIараб дандчIваялда жидеца кьун букIанин гьесие суал тIоцебе бизнесалде байбихьараб куцалъул хIакъалъулъ. МГУялъул 4-абилеб курсалда цIалулеб вугеб мехалъго Польшаялъулги Россиялъулги гIорхъода электроникаялъул даран- базар гьабун щун букIун буго гьесие I5 млн. гъуруш. 1994 соналъ, улкаялда эконимикияб кризис байбихьараб, дефолталъул заманалда гьединаб гIарац гьабизе кIвей кколин лъикIго экономикаги, дунялалъул дармил хIалги лъикI лъаялъул гIаламатлъунилан тIадежубана «Миллат» газеталъул редакторас хадубги.
Дагъистаналда ахираб заманалда цо-цо политикиял къуватаз хIаракат бахъулеб буго республикаялъул нухмалъулев МухIамадов МухIамадсаламида жиндирго хIалтIи кколеб куцалда гьабизе бажарулеб гьечIин абураб пикру россиялъул нухмалъиялда рагIизабизе. Масала «РитIухъаб Россия» партиялъул, бакIалъул бутIаялъул нухмалъулев ГIумаров ХIажимурадил хIаракаталда президент Владимир Путинихъе гьал къоязда битIараб кагътида абулеб буго МухIамадсаламица бицен гьабулел полициялъе хIалае гIадатиял гIадамаздасан хасал къукъаби гIуцIизе кколарин, гьелъ парахалъи кьезе гьечIин ва республикаялъул бетIерасда бажарулеб гьечIин ахIвал-хIалалда тIад контроль гьабизейин.
Путиница Зиявудин гIагар гьавиялъулъ ва бакIалъул цо-цо чагIаз МухIамадсаламида тIасан гIарз гьабулеб букIиналъулъ гIаммаб жо букIине рес бугищан гьикъана нижеца БисавгIалиевасда:
МухIамад БисавгIалиев: « Дида ккола Зиявудин МухIамадов Путиница АТЭС-алъул данделъиялда жиндаго аскIов гIодов чIезавиялъулъги, ХIажимурад ГIумаровас дагъистаналъул нухмалулев хъулухъалдаса нахъе рехиялъул мурадалда гьаризе ругел тадбиразда гьоркьобги щибниги гIаммаб жо гьечIилан, щай гурелъул ХIажимурад ГIумаровас жиндирго партияги гIуцIилалде, пикрабиги загьир гьарилалде лъагIелалъ цеве вищун вукIана Зиявудин МухIамадов улкаялъул бизнесчагIаз АТЭС-алъул нухмалъулевлъун.
Зиявудин гьеб даражаялде вахиналдаги дица гIажаиблъи гьабуларо, гьев бизнесалъул гIемер батIиял рахъазул хIалги бихьун, къакъабго заманалда вачIана улкаялъул бизнес- элитаялде гъорлъе. Лъай бугев чи хIисабалдаги, цеветIурав бинесмен хIисабалдаги вахун ватила гьев гьединаб борхалъиялде. Гьединлъидал тIадехун бицараб кIиго политикияб хIужаялда гьоркьоб щибниги гIаммаб жо дида бихьулеб гьечIо».
Хасавюрталда букIараб данделъиялда Дагъистаналъе цIакъ кIвар бугел, хасго магIарухълъи цебетIеялъе квербакъулел чанго проект хIадуризе букIиналъулги бицун букIанин Зиявудиницаян абуна ЭР-ялъе Хасавюрт шагьаралъул нухмалъулев Сайгид- Паша ГIумахановасги. Мисалалъе гьел ккола магIарухъ гIадамазе хIалтIизе бакIал рукIиналъе рес кьолел чанго батIиял цехал, консервал хIадур гьарулел заоводал рагьизе, магIарухълъи цебетIеялъул рахъкколеб фонд рагьизе.
Гьединго гьениб бицен гьабунин Дагъистаналъул бахIарчияб тарихалъул, наслабазе нахъе тараб рухIияб бечелъиялъул бицунел кинофильмал рахъизе рукIиналъулги. Гьезда тIад гьабулеб хIалтIи бугин, гьеб бицунаго лъугIизе бугеб хабар гурилан абуна Сайгид -Пашаца хадубги.
Республикаялъул тIалъиялъ гьабулеб политикаялдаса, регионалда ахIвал хIал къойидаса къойидаса къойиде хIалуцунеб букIиналдаса рази гьечIел гIадамаз абулеб буго Дагъистаналъе цIияв бажариги гIакълуги лъайги бугев цIияв цевехъан хIажат вукIин. Гьединазда гьоркьов рехсолев вуго Зиявудин МухIамадов.
Сайгид-Паша ГIумаханов: « Дида ккола нилъеца киназго гьаризе кколин: ле, гьудул Зивудин МухIамадов мун къваригIун вугин нижее хIалтIи гьабизе бажарулев чи хIисабалдайилан. Жакъа киназдаго бихьулеб бугелъулха Дагъистналда лъугьун бугеб захIматаб ахIвал-хIал, цоцаца чIвалел, щибдай бикъизе- хъамизе щвелалдаян ругел хIакимзабиги, хIатта гъол рохьор ругел хъачагъалцин лъие гIололъун, лъица малъун тIамурал чагIияли гьебги лъаларо гIемерисезда.
Гьелъ къваригIун вуго жакъа гIакълуги бугев лъайги бугев, жиндирго миллатги лъалев, унго унгояв магIарулав вукIине киназего цевехъанлъун. Жакъа Зиявудин МухIамадов гурони гьелъие цогидав мустIахIикъав чи лъаларо дида дагъистаниязул».
СайгидаПашаца хадубги абуна кигIанго Дагъстаналъул халкъалъе бокьаниги жиндирго гьабулеб хIалтIиги цебетIураб бизнесги букIаго Зиявудин Дагъистаналде вачIинилан кколарин жинда. Амма букIаниги гьединаб мурад бугелъул дагъистаниязул, гьелда тIад хIалтIи гьабизе кколин киназго. Гьебги хIисабалде босун Аваразул миллияб автономиялъул нухмалъулев хIисабалда гьесда ракIалда буго гьел ва цогидал суалалги гьоркьоб лъун кватIичIого тIолго магIарулазул митинг тIобитIизе Дагъистаналда.