Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул квен-техалъул хΙинкъигьечΙолъиялъул рахъалъан идараялъул жиндирго ахирисеб докладалда кΙвар буссинабулеб буго дунялалъул халкъалъул лъабго миллионалде гΙунтΙун чиясе кванил нигΙаматал гΙолел гьечΙолъиялде.
Гьелдаго цадахъ гьеб идараялъул хΙалтΙухъабаз рикΙкΙунеб буго, дунялалъул халкъазул аслияб бутΙа кванилъ хΙутΙал хΙалтΙизариялде руссани, ракъиялъул проблема ва кьаралъиялъул проблема рагΙалде бахъинабизе бажаризе букΙанин.
.
Инсанияталъул лъабго миллиардгΙанав чиясе гарцΙалъул букΙа, кьужнаялъул букΙа сас ракΙ гΙодобе биччазабулеб табигΙияб сас гуребги ккола тΙагΙамияб кванил гьаракьги. Цолъарал милллатазул гΙуцΙиялъул хΙисабалда дунялалъул халкъалъул гьедигΙанаб къадаралъул гΙадатияб диетаялда гъорлъ буго хΙутΙ-хъумур.
Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул квен-тΙеххалъулгун росдал магΙишаталъул идараялъул ахирисеб докладалда абулеб буго магърибалъул жамгΙиятазги гΙамал гьабизе кколин жакъа «ракΙ сверизабулеб квеналде» ругьунлъизеян.
Кьужна, най, хΙут, цΙунцΙра, гарцΙ, релъеда кунчΙ ва гьезда релъараб цогидаб хΙут-хъумур кколеб буго гΙемераб белок жиндилъ бугеб рухΙчΙаголъи. Гьеб кванилъ хΙалтΙизабиялъ, идараялъул пикруялда, экологияб балансалде асар гьабуларин хъвалеб буго «Кваназе бегьулеб хΙутΙ-хъумур: кванилъ хΙалтΙизабиялъул перспективаби ва квен-тΙехалъул хΙинкъигьечΙолъи» абураб докладалда. Идараялъул пикруялда росдал магΙишаталда хΙутΙ-хъумуралдаса пайда букΙине буго живго инсанасеги рукъалъул хΙайваназеги. Хасго гΙадамал ракъун хутΙулеб регионазда.
ГарцΙилъ гΙакдал гьаналде данде ккун белок рагΙула лъабго нухалъ цΙикΙкΙун. Цингиги гьелда гъорлъ буго инсанасул чорхое цΙакъ къваригΙунеб ва пайдаяб цинк ва махх.
Гьеб цΙияб жо кколаро, мисалалъе, жанубиябгун машрикъалъул Азиялда. Гьенир хΙутΙ-хъумур бижинабулел магΙишатал руго гьанжеялдего. Гьенибго хΙалбихьулеб буго гьеб бизнесс индустриалдияб даражаялде борхизабизе.
Кванил нигΙматазулгун росдал магΙишаталъул идараялъул кванил сурсатазул бутΙаялъул директор Ева Мюллерица абулеб буго, хΙутΙ-хъумуралъул гΙадамазе квен-тΙехх ва хΙайваназе рагΙи-хер хΙисабалда потенциал кΙудияб бугин. Магърибалъул улкабазда гьеб хΙалтΙизабиялъул перспективаялде гьей балагьун йиго оптимизмгун. Гьелъул рагΙабазда магърибалъул улкабазул цо-цо рестораназул менюялда буго жакъа гьединаб квен. Гьелъго кΙвар буссинабулеб буго, цебе гΙатΙгояб ччугΙа жиндилъ хΙалтΙизабулеб япониялъул сушиги европаялда нахъ чΙвалеб букΙиналде. Гьанжейин абуни, гΙемерисез гьелъухъ лъикΙаб багьа кьолеб бугин, жубалеб буго Мюллерица.
Ева Мюллер: «Дир пикруялда, перспективалда хΙутΙ-хъумуралъул квен кваназе буго Магърибалъул улкабазда. Кинаб пайда гьелдаса букΙунеб?
Нилъеда лъала дунялалда халкъ цΙикΙкΙунеб букΙин. Белок гъорлъ бугеб квеналъул къварагΙел тΙадеги цΙикΙкΙине буго. ХΙутΙ-хъумуралдалъун гьеб къварагΙел тΙубазабизе рес буго. Кьаралъиялъулгун кΙудияб цΙаялъул проблема бугеб Магърибалда гьеб пайдаяб элементалъ кумек гьабизе бегьула сахаб диета хΙалтΙизабизе.»
Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъ шеф-поварал ва рестораназул бетΙергьаби ахΙулел руго хΙутΙалъул «статус борхизабиялде», гьеб ризго кванилъ хΙалтΙизабун. Европаялъул ва Цолъарал штатазул цо-цо бакΙазда гьеб гьанжеялдего гьабулебги буго.
.
Инсанияталъул лъабго миллиардгΙанав чиясе гарцΙалъул букΙа, кьужнаялъул букΙа сас ракΙ гΙодобе биччазабулеб табигΙияб сас гуребги ккола тΙагΙамияб кванил гьаракьги. Цолъарал милллатазул гΙуцΙиялъул хΙисабалда дунялалъул халкъалъул гьедигΙанаб къадаралъул гΙадатияб диетаялда гъорлъ буго хΙутΙ-хъумур.
Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъул квен-тΙеххалъулгун росдал магΙишаталъул идараялъул ахирисеб докладалда абулеб буго магърибалъул жамгΙиятазги гΙамал гьабизе кколин жакъа «ракΙ сверизабулеб квеналде» ругьунлъизеян.
ГарцΙилъ гΙакдал гьаналде данде ккун белок рагΙула лъабго нухалъ цΙикΙкΙун. Цингиги гьелда гъорлъ буго инсанасул чорхое цΙакъ къваригΙунеб ва пайдаяб цинк ва махх.
Гьеб цΙияб жо кколаро, мисалалъе, жанубиябгун машрикъалъул Азиялда. Гьенир хΙутΙ-хъумур бижинабулел магΙишатал руго гьанжеялдего. Гьенибго хΙалбихьулеб буго гьеб бизнесс индустриалдияб даражаялде борхизабизе.
Кванил нигΙматазулгун росдал магΙишаталъул идараялъул кванил сурсатазул бутΙаялъул директор Ева Мюллерица абулеб буго, хΙутΙ-хъумуралъул гΙадамазе квен-тΙехх ва хΙайваназе рагΙи-хер хΙисабалда потенциал кΙудияб бугин. Магърибалъул улкабазда гьеб хΙалтΙизабиялъул перспективаялде гьей балагьун йиго оптимизмгун. Гьелъул рагΙабазда магърибалъул улкабазул цо-цо рестораназул менюялда буго жакъа гьединаб квен. Гьелъго кΙвар буссинабулеб буго, цебе гΙатΙгояб ччугΙа жиндилъ хΙалтΙизабулеб япониялъул сушиги европаялда нахъ чΙвалеб букΙиналде. Гьанжейин абуни, гΙемерисез гьелъухъ лъикΙаб багьа кьолеб бугин, жубалеб буго Мюллерица.
Ева Мюллер: «Дир пикруялда, перспективалда хΙутΙ-хъумуралъул квен кваназе буго Магърибалъул улкабазда. Кинаб пайда гьелдаса букΙунеб?
Нилъеда лъала дунялалда халкъ цΙикΙкΙунеб букΙин. Белок гъорлъ бугеб квеналъул къварагΙел тΙадеги цΙикΙкΙине буго. ХΙутΙ-хъумуралдалъун гьеб къварагΙел тΙубазабизе рес буго. Кьаралъиялъулгун кΙудияб цΙаялъул проблема бугеб Магърибалда гьеб пайдаяб элементалъ кумек гьабизе бегьула сахаб диета хΙалтΙизабизе.»
Цолъарал миллатазул гΙуцΙиялъ шеф-поварал ва рестораназул бетΙергьаби ахΙулел руго хΙутΙалъул «статус борхизабиялде», гьеб ризго кванилъ хΙалтΙизабун. Европаялъул ва Цолъарал штатазул цо-цо бакΙазда гьеб гьанжеялдего гьабулебги буго.
Гьизер Майер (ЭР)