Инсанияталъ "рикlкlадаб" космосалде нух бахъулеб буго

I

20I4 соналда жаниб гIелмуялъул ва технологиязул рахъалъ букIине бегьулеб I0 кIвар кIудияб хIужаялъул бицунеб I0 макъала кьолеб буго New Scientist абураб даптаралъ. Гьел хIужабаз инсаният дагьабги гIагарлъизабизе бегьула цебе фантастикияблъун кколеб букIараб хIакъикъаталде. Макъалабазда кIвар кьолеб буго космосалде, «Восток» хIор, Google-алъул «гIакъилал» цIороберазде ва цогидалде.
Космос нилъеде «гIагарлъулеб» буго

2014 соналда планалда буго кIиго космикияб аппараталъул хIалбихьи гьабизе. Гьелъ рес кьезе бегьула гIадамал ахир-къадги Марсалде ритIизе.
NASA-ялъ сентябралда биччалеб буго ункъго сагIаталъ ракьалда сверун боржинесеб Orion абураб халатаб манзилалъ ва заманалъ сапар бухьине бажарулеб космикияб гама.

Исанаго космосалде биччалеб буго SpaceX хасаб компаниялъ балеб Falcon Heavy абураб космикияб ракета. Гьелъул къуват гIолеб буго Марсалде юкалъул I3200 киолограмм щвезабизе. Гьеб кколеб рагIула дунялалда бищунго къуватаб ракета. Амма гьелъул къуват гIолеб гьечIо къваригIунеб кинабго юкгун гIадамал Марсалде ритIизе. Гьелъ рес кьолеб буго «багIараб планетаялде» экспедициялъ сапар бухьинелдего цебеккунго юк битIизе.

20I3 соналда ракьда аскIосан боржана комета ISON. 20I4 соналда инсанияталъ тIобитIизе буго «жавабияб визит»: Европаялъул космикияб агентлъиялъул Rosetta абураб космикияб аппарат чIезе буго Чурюмовасулгун Герасименкол кометаялда тIад. 20I4 соналъул ноябралда космикияб гамидаса батIалъизесеб модуль Philae букIине буго кометаялда тIад чIараб тIоцебесеб аппарат. Борталда бугеб лабораториялъ цIех-рех гьабизе буго кометалъул тIаса бакIалъул ва хIасилал ритIизе руго ракьалде.

Бугищ гIумру цIорол хIоралда жаниб?

2013 соналда россиялъул гIалимчагIазда бажарун буго 4 километралъул бицалъи бугеб арктикаялъул цIоролъ бугеб 500 метралъул гъварилъиялъул Восток абураб хIоралъул лъин босизе. 20I4 соналда гIалимчагIазда цебе бугеб масъала ккола жаваб батизе, бугищ кIудияб тIадецуй бугеб, канлъи щолареб, эстремалияб температура, тIубараб изоляциялда бугеб хIоралда жаниб гIумру абураб суалалъе.

Homo Erectus-алъул клон гьабиялъул нухда

ДНКаялъул кумекалдалъун динозавразул клонал гьаризе бажарула гIицIго киноялда. Амма гIалимчагIазе кIудияб икъбал щолеб рагIула некIсияб рухIчIаголъиялъул геномал цIалиялъул рахъалда. 20I4 соналда рес буго цо миллион соналъ цебе букIараб Homo Erectus абураб чиясда релъараб рухIчIаголъиялъул геном гIуцIизе.

Инвалидазги хIазе буго футбол

Бразилиялда букIинесеб футболалъул чемпионаталда тIоцебе торгIоялда рищун гIуцIарал командаялъул спортсменасул гуреб хIетIе хъвазе бугеб, тIоргIо кьабизе буго гъоркьияб бащалъи хIалтIуларев инвалидас. Гьелъие ресал раккизаризе руго, пикрабазул къуваталдалъун хIалтIулеб экзоскелет биччазе байбихьун хадуб. Гьанже гьелда тIад хIалтIи унеб буго планалда рекъон.

Лъабго эбел-инсул лъимер?

Британиялъул парламенталъ экстракорпоралиябин абулеб лъимал гьарулеб къагIидаялъе изну кьуни, исана тIоцебесеб лъимер гьабизе бегьула лъабго чиясдаса. Гьеб къагIидаялъ рес кьезе бугин, абулеб буго гIалимчагIаз, митохондриалиял унтаби ругел руччабазе жидерго лъималазухъе гьеб унти кьечIого хутIизе. Биоэтикаялъул рахъалдаса экспертазул аслияб бутIаялъ рикIкIунеб буго ДНКялъул 0.I процент кьурай донор, лъимералъул эбеллъун рикIкIиналъе багьана гьечIин я юридикияб, я этикияб рахъалдасайин.

Интернеталъул букIинесеб ва «гIакъилал» цIороберал

Кинаб бугеб багьа божилъи хвеялъул. 20I4 соналда загьирлъизе бегьула интеренеталдасахун хал кьвеялъул информация къватIиб чIвазабиялъул хIасил. Экспертазул къиматалда исана ва хадусеб соналда америкаялъул интернет-гигантазе ва технологиял компаниязе камизе бегьула 35 млрд доллар. Амма руго позитивиял рахъалги: интрнеталдаса пайда босулез гьанже цIодорго хIалтIизабулеб буго жиндирго хасаб информация. Гьеб гуребги глобалияб интрнет бикьизе бегьула гIемерал бутIабазде. Чанго улкаялъ, гьездаго гъорлъ Германиялъ, Бразилиялъ, лъазабулеб буго жидерго миллияб маршрутизация гIуцIизе ракIалда букIиналъул хIакъалъулъ.

20I4 соналда гьединго тукабазда ракIкIизе бегьула «гIакъилал» цIороберазул тIоцебесеб модификация. Гьанжеялде гьаруна гIемер тестал. Хирургаз гьел цIороберазул кумекалдалъун трансляция гьабуна жидедаго операция бихьулеб къагIидаялъул медикиял цIалул идарабазул студентазе. Критиказ абулеб буго, гьел цIоробераз ахир лъезе бугин инсанасул хасаб гIумруялъейин. Гьелъ инсанасул гIумру тIубанго хисизабулин.

Водородалъ хIалтIизабулеб автомобиль

1937 соналда Hindenburg дирижаблалда цIа ккеялъ ахир лъуна водород цIатари хIисабалда хIалтIизабиялъе. Амма бищунго тIадагьаб химикияб элемент нахъ буссунеб буго. Hyundai команиялъ 20I4 соналда байбихьулеб буго водород хIалтIизабулеб Tuscon Fuel Cell автомобиль биччазе. Гьелъ цIатариялъул элемент - бакалдаса водород цолъизабулеб буго гьваялдаса бачIунеб кислородгун. Гьелъул хIасилалда унеб буго химикияб реакция, гьелъул энергия буссинабулеб буго электроэнергиялде.

Гьеб автомобилалъе цIатари цIезабиялъе кьваригIунеб буго кIиго-лъабго минут. ЦIураб бакI гIолеб буго 480 километралъе.

2014 соналда нилъ хIадурал рукIине ккола бокьараб жоялде. Гьединаб буго аслияб микру Климат хисиялъул рахъалдаса экспертазул хIукуматаздагьоркьосеб къокъаялъул докладалъул. Гьеб бахъизе буго исана марталда. Жакъаялде ракI чIей цIикIкIун буго Европаялъул жанубияб рахъалда, ГIагараб Машрикъалда, Цолъарал Штатазул жанубиябгун машрикъалъул ва Австралиялъул жанубияб рахъазда бухIараб климат букIиналъул.

Амма шималиял бакIазда – Скандинавиялда ва Канадаялда гьарзалъизе бегьула гIагсалдаго цIадал ва гIазу. Амма дунялалъул хутIарал бакIазда климаталъул прогнозал гьаризе гьанжеги захIматго бунимн лъазабулеб буго гIалимчагIаз.