Гьалулеб хьагищ, тIегьараб ахищ?

Дагъистаналъул росулъ бертин

«Щибизе Россиялъе Кавказ?» абураб цIаралда гъоркь гьал къоязда «Комсомольская правда» газеталда бачIараб макъалаялда гьелъул автор Дарья Асламовалъ бицен гьабулеб буго жинца Дагъистаналде бухьараб сапаралъул, гьенир ругел гIадамазул, гьез бицаралъул ва гьезул бербалагьиязул. Россиялдаса Кавказ батIа тIезабизе кколин рикIкIунев чи гьелда дандчIван гьечIо, амма Россиялъе Кавказ щибизе абураб суалалъе жавабги авторалъ кьолеб гьечIо.
«...Кавказ Россиялдаса кибениги унеб гьечIо. Россия буго Кавказалъукьа лъутулеб ниж гьениса лъутулел ругеб ххвелги гьабун». Дагъистаналъул президентасул гьел рагIаби кьолел руго Дарья Асламовалъ «Щибизе Россиялъе Кавказ?» абураб макъалаялда. Гьеб пикруялда релъарал ругин абизе бегьула гьелда дандчIварал цоги дагъистаниязул пикрабиги. Гьел кколел руго Хважалмахи ва Генуб гIадал росабазул бегавулзабиги, школазул директоралги, республикаялда машгьурал журналисталгун адвокаталги.
Авторалъе кIудияб асар гьабун бугоан цогияб Россиялъул гIадамазде дандеккун республикаялъул гIадамазул менталитеталъ. Жинда аскIоб кинаялиго гIадан кьвагьарай кафеялда дандачIвазе рачIа, яги бухIараб тукада дандбитIун бугеб кафеялде рачIаян абулеб букIанин гьениб гIадамаз ва гьеб гьезие гIадатияб иш бугоанин хъвалеб буго гьелъ.
Жеги асламова гIажаиблъизаюн йиго яс росасе кьолаго «БахIарав хъалин бухIулев, гъаракъи гьекъолев жо вугин вагьабияв гурин»,- цебе квешаб пишалъун букIараб хъалиян бухIиги гIаракъи гьекъейги гьанже лъикIаб гIамаллъун бихьизабулеб букIинги.

Жинда сверун гIемерал бахIсал рукIараб Кавказ Россиялдаса батIа тIуни гьелъул букIине бегьулеб къисматалъул хIакъалъулъ «Байрамалъул мегIер» абулеб тIехь хъварай Дагъистаналдаса Гъаниева Алисада гьикъана нижеца щибизе Россиялъе Кавказин?

Гъаниева Алиса: «Россиялъе Кавказ кидаго букIана тIабигIияб геополитикияб гIурхъи хIисабалда. Тарихалда жанибги бугеб бакIалде балагьунги Кавказ Россиялъе кидаго букIана жанубияб гIорхъода гьеб цIунулеб хъалалъун. Россиялъул къватIисеб политикаялдаги, узухъда, гьелъул кIвар кIудияб буго».

ЭР: Россиялъе КавказалъулгIан кIудияб бугищ Кавказалъе Россиялъул кIвар?

Гъаниева Алиса: «Дида ккола бугин. Россиялъе Кавказалдасаги Кавказалъе Россия хIажатаб буго хасаго Шималияб Кавказалъе. Кавказ Россиялъул буго. Гьанже гьеб камизеги гьелъие бокьилищха? Гьеб политикиябгун моралияб гуребги экономикияб камилъунги букIине буго. Кавказ кваназабураб гIелаян гьаракь къинегIан гIурса миллатчагIи ахIданиги Россиялъ Кавказалдаса цIикIкIун кваназарулел регионал гIемерал руго. Гьезул сияхIалда Шималияб Кавказ къойилъе гурони унаро.
Гьеб регионалъе кьолел дотациязул кигIан бицаниги гьениса босулебги дагьаб гьечIо. Гьеб киналдего тIаде Каспий ралъдалъе нухги буго гьенисан. Краснодаралъул ракьалъулги кIудияб бухьен буго Кавказалъулгун. Кавказ камуни Россиялъе ЧIегIераб ралъадги камизе рес буго».

ЭР: Щиблъун кколеб дуе Дагъистан: гьалулеб хьагищ, тIегьараб ахищ, лъимерлъиялъул махIалгун гьаркьалищ?

Гъаниева Алиса: «ЗахIматго буго абизе. Дида ккола гьеб лъабабго бугин дие Дагъистанин. Гьениб гьеб кинабгоги цоги гIемерабги цоцалъ жубан буго. Гвангъараб тIогьол цIураб ВатIанги унтулеб хьордолеб ругъунги- кинабго цадахъ буго дие Дагъистан. Дие гьеб цоги буго гьитIинаб бакIалде кинабго бакIарараб тIолабго дунялалъул модельги».

ТIадехун бицен гьабураб макъалаялда жеги кьолел руго президент ГIабдулатIиповасул рагIаби. Гьес абулеб буго жинца россиялъул президент Владимир Путинида абун букIанин нужее тушманлъи къваригIун батани Кавказалдаса лъикIав тушман нужее щоларин-нусго соналъги гьелъ нужее хIалхьи тезе гьечIин.
Нужее гьудуллъи къваригIун батани-гьебги Кавказалда гьаризе бегьулин. Кавказалъулаз гIумруги бер къанщун кьолин гьудуласе гIолойин. Кавказалъул тушманищ гьабилеб гьудулищ гьабилебали нужедаго бараб бугин.