«Спектр» абураб интернет-сурсаталда бахъараб макъалаялда гьелъул автор Орхан Искандерзодаца кьун буго «Ислам босарал гΙурусал гΙурус чагΙилъун хутΙуларин» абураб цΙар. Гьединаб пикруялде гьев вачΙун ватизе бегьула макъалаялда гьес исламалде руссунезда хурхун данде ракΙарарал батΙи-батΙиял экспертазул бербалагьиял ракΙалде росун.
Ямалазулгун ненцазул автономияб округалъул муфтий ХΙапизов ХΙайдарица гΙурусаз ислам босиялда сверун пикраби загьир гьарулаго абун буго, «гьединаб жо букΙине кколарин: жакъа цо дин, метер – цогидабин». Гьесул пикруялда, гьеб Россиялъе хΙинкъи бугеб тенденция ккола ва гьединазул киналго гурел рукΙунел ракΙ-ракΙалъ божулел ва диналде руссарал.
Шималияб Кавказалъул исламиял цΙех-рехазул централъул бетΙер Гереев Русланица абулеб буго гΙурусаз ислам боси кколин Россиялъул православияб гьатΙаналъул ва пачалихъиял хъулухъчагΙазул загΙипаб хΙалтΙул хΙассилин.
«Кибниги гьечΙо гΙурус халкъ рухΙияб рахъалдаса цΙуниялъул хΙалтΙи.Гьединлъидал тΙоцере гΙурусал лъугьунел руго гьекъолдиялъул, наркоманиялъул, тоталитариял сектабазул ва радикалияб исламалъул къурбаналлъун. РухΙияб рахъалдаса цΙунун гьечΙолъиялъул хΙассил ккола гΙурус ясал бигьаго «хьвадулел бомбабазде» руссинаризе бажарулеб букΙиналъе гΙилла.» - ян абулеб буго Гереевас.
ЭР. Кколищ гьеб ислам босарал гΙурусал аслияб къагΙидаялда радикалияб исламалде руссунел ругин абураб?
Руслан Гереев: «У, аслияб къагΙидаялда, ккола. Гьединал аслияб къагΙидаялда исламалде руссунел руго салафиязул идеябиги къабул гьарун. Гьеб тенденция гьанже машгьураб буго аслияб къагΙидаялда гΙолилазда гъорлъ. Гьелъие багьанаги буго баянаб. Мунго балагьеха, идеялъул рахъалдаса салафизм бигьаяб буго. Салафиязул какалъе къваригΙуна кΙигогΙан минут. Гьез как балеб мехалда хΙалтΙизабулеб буго гΙицΙго суннаялъ тΙалаб гьабулеб, парз. ГΙадатиябин абулеб диналъул къагΙидаби захΙмалъизарун руго вирдазул тΙалабаз. Гьединлъидал гΙолилазда бихьулеб буго, щиб бугеб тΙадегΙанасул тΙалаб, щиб бугеб гΙадамаз ургъараб."
«ГΙурус миллаталъул бусурбан чи ккола чияразда гъорлъ жидерго чи, жидеразда гъорлъ чияр чи. Православиял гΙурусазул бербалагьиялда гьев ккола хиянатчи. Амма «тΙабигΙиял» бусурбабазда гъорлъги гьев хутΙулев вуго кΙиабилеб сорталъул бусурбанчилъун, хасго гьел имамаллъун рахъине риччалел гьечΙелъул. Жал хΙакъал бусурбаби рукΙин рихьизариялъе, гΙурусал чанги унел руго ракΙалде гьечΙел галабазде, чанги гьел галаби ратула терроризмалда хурхаралги» - ян лъазабун буго «Спектр» сайталъе Волга мухъалъул регионалиял ва этникиялгун диниял цΙех-рехазул централъул (РИСИ) гΙелмияв хΙалтΙухъан Василий Ивановас.
Санкт-Петербергалдаса, жакъасеб исламалъул цΙех-рех гьабулев АхΙмад Джафароглуца абулеб буго, радикал-исламистазе гΙурус миллаталъул бусурбанчи кколин жидее бокьа-бокьараб гьабизе тΙамизе бегьулев чи. Гьев вуссинавизе бегьулин хвалде ине хΙадурав террористасдегиян.
Россиялъул исламияб комитеталъул бетΙер ХΙайдар Джемалица абулеб буго гΙурусаз ислам боси цΙикΙкΙиналъул тенденция кколин россиялъул жамгΙияталда сахаб идея гьечΙолъиялъул хΙассилин. Коммунистияб иделояги нахъе ун хадуб, гΙурус чиясул ракΙалъе гΙолеб, сахаб иделогия баккиялъе киналгΙалги шартΙалги рукΙинчΙин абулеб буго гьес. Гьесулго пикрялда, Ямалазулгун ненцазул автономияб округалъул муфтий ХΙапизов ХΙайдарица загьир гьарулел пикраби ккола официалиялин абулеб дибирзабазул контролалда гъоркъан хΙакъал бусурбаби унел мехалда загьир гьабулеб рескъотΙиялъул гьаракь.
ХΙайдар Джемаль: «Бусурбабазул интерес гьечΙо официалиял дибирзабазде. ГьечΙо гьезул гΙадамазде кинаб букΙаниги асарги. Гьанже ислам мажгитазухъ гьечΙолъиялда бан, тΙубанго нахъе ун бугин абизе бегьула чалмаби ретΙарал хъулухъчагΙул контролалдаса гъоркьан. Гьединлъидал дида ккола гьев ХΙайдар ХΙапизовас гΙадинал гьаркьал кколин заманалъул ишарайин. Гьеб тенденциялъул кΙудияб даража бихьизабулеб ишара. Гьелъул кинабгΙаги асар букΙунаро ситуациялде."
ХΙайдар Джемалилго гΙадал пикраби загьир гьаруна нижер программаялъе Руслан Гереевасги Ямалазулгун ненцазул автономияб округалъул муфтисул лъазабиялда хурхун.
Герев Руслан: "Нилъер Конституциялда бихьизабун буго диналъул эркенлъи. Чиясул изну буго бокьараб дин босизе яги гьелдаса инкар гьабизе. Гьеб гьесул ихтияр ккола. Ислам ахирисеб дин ккола. Гьелъ гΙадамал ахΙулел руго жиндихъего. Цогидал диназде данде ккун гьеб ахΙи цΙакъ къуватаб буго. Гьеб ккола гьелъул машгьурлъиялъул багьана. Гьединлъидал гьев ХΙапизовасул рагΙаби чΙоросел рагΙаби ккола. Диналъул хъулухъчиясул махшел гьечΙолъиялъ баккизабуна жакъасаб хΙалуцараб ахΙвал-хΙал.
Дица кидаго рикΙкΙунеб букΙана, мажгиталъул нухмалъулев вукΙине кколин божи бугеб динияб лъай щварав чиян. Гьев вукΙине ккола тΙолабго дунялалдаго машгьурал диниял центразда лъай щварав чи. Шибги лъаларел, подвалазда лъай щварал чагΙи, рачΙунел руго мажгитазде. Гьез диналда божилъи хвезабулеб буго. Гьединазул рагΙабаз гΙадамазда гьоркьоб божилъиги хвезабулеб буго.»