Щиб Донбассалда къваригIун бугеб чачаназе?

Чачанал Донбассалда

Украиналъул машрикъалъул рахъалда унеб конфликталда гIахьаллъулеб рагIула чачаназул кIиго батальон. ТIоцебеселъе кьун рагIула Джохар Дудаевасул цIар. Гьелъул командир ГIиса Мунаев чIван рагIула дагьалъ цебе. КIиабилеб - Шейх Мансурил цIаралда батальон гIуцIун буго 2014 соналъул хаслихълъиялда.

Гьел батальонал гIуцIун руго аслияб къагIидаялда Европаялъул улкабазда гIумру гьабун ругел чачаназдаса. Гьелъул хIакъалъулъ нижер радиоялъул мухбирасе бицун буго кIиабилеб батальоналда сепаратистазул къокъабазде данде вагъулев Мансурин жинде абулев чияс.​

ЭР. – Сунца мун гьесизавурав, хъизанги тун, парахатаб улкаги тун, гьениве, щибаб къойил гIадамал холеб, кьвагьиял кколеб, хIакъикъаталдаги рагъ унеб бакIалде иналде? Кинаб бугеб гьелъие багьана?

Мансур: «Дун Украиналде вачIиналъул аслияб багьана ккола Россиялъул армиялъ чачаналъ кIиго рагъалъул заманалда гьабураб геноцид. Гьеб гьанжеги халат бахъунеб бугинги абизецин бегьулеб батила. Гьел соназда цIакъ гIемер чачанал гъурана. ГIадамал рухIана, чIвана. Чвана гIолохъаби, руччаби, лъимал, херал чагIи. Чачаназул бищунго лъикIал гIадамал тагIана кире ккаралали лъачIого, хутIарал туснахъазда руго. Ахирисеб къого гIанаб соналда жаниб дир халкъалъ кIудияб балагь къулчIизе ккана. Гьанже Кремлалъул хунта лъугьун буго Украиналде тIаде. Украиналда Россилъул рагъулал рукIиналда хурхун нижер щаклъицин гьечIо. Украиналъулазул рахъ кквей гьеб ккола гъурарал чачаназухъ къисас боси гIадаб жо, нижер бичIчIеналда».

ЭР. - Лъалищ нужеда, дандияб рахъалдаса нужеде ишаналдасахун чачаналги ралагьун рукIин?

Мансур: «Лъала. Ниж гьанире рачIинелдего Россиялъул рахъ ккун рагъулел ратана нижее бакIалъулал, ай, Украиналъул гражданлъи бугел чачаналги, жал чачанал ругин чIарал осетиялги, цогидалги. Гьел ФСБялъ гьесун рукIана украиналъулазде данде, гьелейин чачанал нужедего дандецин рагъулел ругинги абун. Гьел гьединго гIахьаллъулел рукIана россиялъулазе ракIалъе гIолел митингаздаги, гьезда релъарал цогидал тадбираздеги.

Гьелда хадуб Украиналъ хIукму гьабун букIана киналго чачанал жидерго улкаялдаса нахъ къотIизе. Амма, ниж Украиналъе хIалае рахъун хадуб, гьез гьединаб галиялдаса инкар гьабуна. Нижеца гьениб бихьизабуна, чачаназул хIакъаб гьумер. ГIемерисел украиналъулаз нижее баркала кьолеб букIана.

Жакъаги Украиналъул халкъалда ва талъиялда лъала ва бичIчIуна кир унго-унгоял чачанал ругелали ва кир чачан мацIалда кIалъалел гIадамал ругелали».

ЭР. - Дуца ракI чIун абулеб буго, нуж данде чIун ругин Россиялъул рагъулаздейин. Гьедин батани, кинал ругел нужер гьелъие далилал? КIисса нужеда лъалеб, гьел россиялъулалищ ругел, яги жибго Донецк областалъул гIадамалищ ругелали?»

Мансур: «Нужеда бихьун батизе бегьула интернеталдалда тIибитIизабураб видеоялда нижеца ккурав Россиялъул рагъуласул гьикъа-бакъи гьабулеб куц. Видеоялда нижеца гьесие кьолел руго гIадатиял суалал. Дос бицунелъ бихьизабулеб буго гури гьев Россиялъул рагъулав вукIин. Гьединал асир гьарурал нижехъ гIемер руго. Нижеца киназулго гуреб видео тIибитIизабулеб интернеталда. Нижеца асир гьарурал кьола специалистазухъе.

Нижер ракI чIараб буго, нижеде данде Россиялъул профессионалиял рагъулал данде чIун рукIиналда. Путиница гIорхъоде битIун буго кIудияб къуват. Нижеда гьез къуватаб яргъидаса кьаби щвезабулеб буго. Нижер ракI чIараб буго, гьез цIия-цIиял тIадкеканцIиял гьарулел рукIиналда ва гьел гьужумал хIадур гьарулел рукIиналда. Нижер ракI чIараб буго гIарадабаздаса, «Градаздаса» гьел кьвагьдун гIадатиял гIадамал холел рукIиналда.

Нижехъе Россиялъул гIадатиял рагъулал гурелги, кколел руго гьединго ГРУялъул офицералги. РакIалда бугищ, кIиго лъукъарав вихьизавулев вукIанин телевидениялъ? Гьел нижеца ккун рукIана. Амма нижеца гурел гьел рихьизарун рукIарал. Гьел кьун рукIана рагъулазул цIех-рехчагIазухъе, гьез рихьизаруна гьел дунялалда. Путиница гьезда жиндирго мугъ бихьизабуна, гьездаса инкар гьабуна, гьел рагъулал кколарин, гьел жидеего бокьун рагъизе арал кколинги абун. Гьединал мисалал нижер цIакъ гIемер руго».

ЭР. - Балъголъи батичIони, абе кир нуж ругел ва кинаб ахIвал-хIал бугеб сверухълъиялда?

Мансур: «Шейх Мансурил цIаралда батальон буго гьанже Широкино абураб росда аскIор ругел позициязда. Россиялъулазул тIоцереселго гьужумазе нижеца лъикIаб жаваб кьуна гьениб. Нижеца интернеталда лъолеб видео, нужедаги бихьулеб батила. Нижеца нижго нижецаго реццун гуреб гьеб лъолеб гьениб, нижеца гьеб гьабулеб буго гIадамазда щиб нижеца гьаниб гьабулеб бугебали лъан букIиналъе. Нижеца, чачаназ ва нижеда цадахъ ругел цогидаз гьезул къуват талхизабулеб букIин киназдаго лъан букIине бокьун буго нижее.

Широкинаоялдаса дорегIан ана Россиялъулал. Амма цогидал бакIазда церего гIадин гьел хутIулел руго. Гьанже ниж хIадурулел руго гьезул гьужумал нахъ чIвазе».