«Стратегиялъул тIанч» ("Strategy Page") абулеб интернет сайталда загьирабураб макъалаялда бицен унеб буго Исламал ва Цолъарал Штатазул дандечIеялъул. КигIан хIалуцараб хIалалда гьеб кIиябго рахъ цоцаде данде чIун бугониги Америкалъ Исламалде данде рагъ бачунеб гьечIин абулеб буго доб макъаладаялда.
«Ислам ва Магърибгун хIакъикъаталдаги гьечIеб рагъ» абулеб макъалаялъул байбихьуда (Islam And The Non-Existent War With The West) мисалалъе бачун буго гьадинаб хIужжа: Америкалъул Цолъарал Штатазул тIадегIанаб даражаялъул рагъулав бетIерас дагьалъ цебе амру гьабун бугоан ахирисеб микьго соналда жаниб штабалъул колледжалда билълъанхъизабун букIараб цIалул программаялъул цIидасан хал гьабун, Исламалда ва Магърибалда гьоркьоб бугеб рагъул хIакъалъулъ киналго баянал нахъе рахъизе.
«Исламалъул перспективаби ва исламияб радикализм» - ян абулеб рехсараб цIалул программаяллда абулеб букIана гIемерал бусурбабазул рухIаниязул хIисабалда гьаб заманалда Ислам-дин Магърибалъулгун рагъул хIалалда бугин. Гьелда бан Цолъарал Штатазул тIадтараз официалияб къагIидаялда лъазабулеб бугин жидеца Исламалде данде рагъ бачунеб гьечIин.
Гьелдалъун магърибалъул церехъабаз хIаракат бахъулеб буго бусурбан улкабазда жидедехун баккараб тушманлъи ва рокьукълъи дагьлъизабизе. Хасго гьеб сабаблъун гIемерал соназда жанир Цолъарал Штатаз официалиял документаздаса «ислам» ва «терроризм» абулел рагIаби лъулъан нахъе инарулел ругин абулеб буго Strategy Page интернет-сайталда загьирабураб макъалаялда. Гьеб гуребги ахирисеб мехалда тIадтараз цIакъ цIодорго тIоритIулел руго рехсараб ишкалалда хурхарал щинал данделъаби.
Гьале ахирисеб мисал. Гуантанамоялда бугеб америкалъул рагъулабгун ралъдал базаялда 5 маялда байбихьана 2011 соналъул II сентябралда Цолъарал Штатазде гьабураб гьужумалда хурхараб рагъулаб трибуналалъул цебеккунисеб данделъи. ТIаде кIанцIиял гIуцIцIаразул аслиявлъун рикIкIунев Халид Шайих МухIаммадиде ва гьесул ункъго ишцоязде гIунтIизарулел руго боржаробазда рекIкIарал гIадамал кьовид гьари, рагъул низам биххи, гражданиял гIадамазде тIаде кIанцIи гьаби ва цогидал бакIал гIайибал.
ТIоцебесеб нухалъ гъозие диван гьабизе къасд гьабун букIана 2008 соналъул риидал. Шуго сон туснахъалда барав Шайих МухIаммад Халидица доб мехалда жинде гIунтIизабулеб гIайибалъе мукIурлъана 2001 соналъул 11 сентябралда гьарурал тIаде кIанцIиял авалалдаса байбихьун ахиралде швезегIан жинцаго хIадур гьабун буго ян абун, ва тIаде жубана жиндие шагьидлъизе бокьун букIанин. Адвокатазул хъулухъалдаса гьес инкар гьабун букIана ва доб заманалда Америкалъул президентлъун вукIарав Джордж Бушица хIалтIизабулеб политикаялда гьес абуна гьеб бугин хъанчал раразул цIияб чабхъенилан.
Цолъарал Штатазул иргадулав президентлъун вахъарав Барак Обамаца хъващтIан лъазабуна жинца гьоркьоса къотIизе бугин рагъулал комиссияз гьабулеб цIех-рех ва къазе бугин Гуантонамоялда бугеб туснахъ. Амма Конгресс гьелда разилъичIо.
БетIерав прокурор Марк Мартинс якъинго бичIчIизабуна гIакъуба кьеялдалъун инсанасухъа бахъараб мукIурлъи рагъулаб низамалъ къабул гьабуларин, гьединлъидалин суравалда Шайих МухIаммадица гьабураб лъазаби махIкамаялъ гIадахъ босизе кколарин. Аммаила тIаде жубана гьес гьелдалъун гьев ритIухъ гьавизеги рес гьечIин:
Марк Мартинс: «ВахIшияб бербалагьиялдалъун ва гIакъуба кьейялдалъун бахъараб мукIурлъиялъ кинабго хIалтIи шакаблъун гьабулеб хIужжа гуро гьеб. Киналго улкабазул диваназ гьеб нахъ чIвалеб буго».
Исана 4 маялда тIобитIараб Рагъулаб Трибаналалъул тIоцебесеб данделъиялда Халид Шайих МухIаммадица ва гьесул ункъго ишцояс инкар гьабуна диваналъул процессалда гIахьаллъи гьабиялдаса. Гьез гIинтIамулел рукIинчIо диванчиясухъе ва тилмачасухъе, жавабал кьолел рукIинчIо цониги суалалъе ва чIечIого ралел рукIана какал.
Халид Шайих МухIаммадиде ва гьесул ишцоязде гIунтIизабулеб гIайиб – 2001 соналъул анцIила I сентябралда Америкалде гьабураб гьужум хIадур гьаби. ГIайибияллъун рикIкIунезул цоясул адвокат Черил Борманица диваналъул данделъиялде ячIана бусурбабазул ретIел ретIун ва тIалаб гьабуна гьенир ругел цогидал руччабазги кIаз бай.
Гьединал ишаз санагIат гьечIеб хIалалда ккезарулел ругин бусурбан улкабазда хIалтIулел гражданиял ва рагъулал хъулухъчагIи, щай гурелъул гьезда батIияб иш бихьулеб букIиналъул, - ян абулеб буго Strategy Page абулеб интернет-сайталда загьирабураб макъалаялда. Гьелда далил хIисабалда бачунеб буго гьадинаб хIасил: тIолго дунялалда терроризмалда хурхарал такъсирал аслияб къагIидаялда гьарулел ругин ункъго бусурбан улкаялда. Гьелги ккола ГIиракъ, Апгъанистан, Сомали ва Пакистан.
Ислам дунялалда гIадамазе цIакъ бокьуларин гьеб хIужжаялъе кIвар кьезе. Бусурбабазул рухIанияз ризго такрар гьабулеб буго Ислам-дин – раклъилаб дин бугин абун. Аммаила тарихалъги гьанжесеб хIакъикъаталъги гIаксаб бихьизабулеб бугин. Гьелъие чанги гIиллаги бугин. Исламияб радикализмалъул суал данбалаго Strategy Page абулеб интернет сайталъ абулеб буго гьеб бижараб бугин хIакимлъуда цIогьал ва ришватчагIи рукIунел улкабазда.
Теориялъул рахъалъан Исламияб республика, исламияб пачалихъ гIуцIун, гьадиниб нахъе ккараб улкаялда ругел щинал масъалаби бигьаго тIуразаризе хIакъикъаталдаги рес батилин. Халкъалъе рес швела къадру бугел гIадамал рищизе, рухIаниязда кIвела политикиял хIукмабазда вето лъезе. Амма Strategy Page интернет сайт бачунезул хIисабалда Исламиял республикаби чIаголъи бугел улкаби гурин.
Мисалалъе гьез бачунеб буго дунялалда цохIого цо бугеб Ираналъул Исламияб республика. Гьенир ругел жанисел проблемабаздаса жеги кIудияб проблемалъун кколин къватIисел улкабазулгун гIаммаб мацI бати.