Дагъистаналда чачанал-гIавухъалгун лъарагIазул рукIарал протесталъул акцияздаса хадуб республикаялда ахIвал-хIал цIидасан хIалуцун букIана «Дагъистаналда ахIвал-хIал лъица хIабургъинабулеб бугеб?» ай «Кто подрывает ситуацию в Дагестане?» абулеб автор рехсечIеб макъалаялдаса хадуб.
Гьенир кьолел рукIана чачаназул парламенталъул спикер ГIабдурахIаманов Дуквахаца 2006 соналда абун рукIарал рагIаби.
http://mahachkala.bezformata.ru/listnews/kto-podrivaet-situatciyu-v-dagestane/10001791/
Гьезда рекъон, Хасавюрт, Гъизляр и ЦIияб Лак мухъ рукIун руго тарихалдасанго чачаназул ракьал ва гьедин гьезие рес щун букIун буго Каспий ралъдахъе нух бахъизе.
Гьаб бакIалда ракIалде щолев вуго россиялъул солдатаз Индиялъул ралъдалъ чакмаби чуризе бицунев вукIарав россиялъул ЛДПРалъул лидер Владимир Жириновский.
Гьебго магъалаялда хъвалеб буго жакъа гIавухъаз цIидасан гIуцIизе тIалаб гьабулеб ва цебе жидер букIарабин абулеб ГIавухъ мухъ гIуцIиялъул амру къабул гьабун букIанин 1943 соналъул 5 октябралда. Гьеб гIуцIунги букIун бугин цебе Хасавюрт мухъалъе кколел рукIарал ракьазда. Бицен гьабулеб амру нахъе бахъун букIун буго 1944 соналъул 7 марталда ва гьелъул бакIалда гIуцIун буго ЦIияб Лак мухъ. Гьедин ГIавухъ мухъин абураб территориалияб бутIа картаялда букIун буго гIицIго 5 моцIалъ.
Тарки мухъ цIи гьабизе тIалаб гьабулеб букIана Пятигорскаялда съездалде ракIарун рукIарал лъарагIазги.
http://kavpolit.com/rezolyuciya-chrezvychajnogo-sezda-kumykskogo-naroda/
Гьез кIвар буссинабулеб букIана, гьезул пикруялда, Дагъистаналъул цIияб нухмалъиялъул лъарагIазде данде чIараб политикаялде. Гьеб съездалъул делегатазул цояс бицунеб букIана Чачаналда лъарагIазе лъикI бугеб куцалъул ва Дагъистаналда гьебго миллаталъе квеш бугеб куцалъул ва вецIцIулев вукIана чачан администрациялъул бетIер Къадиров Рамзан.
Гьеб комментарий РИА Дагестан сайталдаса нахъе гьабун букIана 24 сагIаталда жаниб. Лъаларо гьеб бараб бугищали информациялъул Министерлъун лъарагIав вукIиналдаяли.
Дагъистаналда жидерго разилъи гьечIолъиялъул лъазабулеб букIана гIавухъалгун лъарагIаз гуребги. Москваялда пресс-конференция кьун букIана жанисел ишазул министерлъиялъул рукIарал ва ругел хIалтIухъабаз.
Гьез бицунеб букIана министерлъиялда финансазул ва кадразул рахъалъ къануналде данде кколарел ишал гьарулел ругин ва гьенир хъулухъал ричулел ругин.
http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/%20220838%20/
Гьезулго рагIабазда рекъон гьел киналго къанун хвезабурал хIужабазул цIикIкIунисезул гIайиб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министр МухIамадов ГIабдурашидида.
МухIамадов вуго Дагъистаналъул нухмалъиялда ГIабдулатIипов Рамазан таралдаса жиндирго хъулухъ цIунарал министразул цояв. Гьелъие гIиллаги буго субъектазул жанисел ишазул министрал улкаялъул президент Владимир Путиница тIамулел рукIиналда.
Чачаналъа араб анкьалда бачIараб цIияб хабар хурхараб букIана Франциялдаса магъалоялъукьа лъутун Россиялъул гражданлъи босарав актёр Жерар Депардьее Грозныялда кьураб рукъалъухъ къануналда рекъон магъало кьезе кколеб букIиналда. Грозный-Сити абулеб гIемер тIалаязул комплексалда щуго рукъалъул квартира кьун букIана гьесие Къадиров Рамзаница.
http://izvestia.ru/news/545720
Россиялъул Магъалоязул кодексалда рекъон, цо чияс цоги чиясе сайгъат гьабураб буголъиялда лъола магъало. Гьебги рикIкIуна буголъиялъул базар- багьаялдаса. Гьединаб магъало кьезе кколареб буго гIицIго гIагарал чагIаз цоцае кьураб буголъиялдаса.
Россиялда бащдаб лъагIалидаса дагьаб заманаялъ гIумру гьабулел чагIаз, гражданлъи бугониги кьезе кколеб буго жиндир сайгъаталъул базар-багьаялъул 30 % бащадаб магъало.
Грозный-Ситиялда ругел рукъзазул цо метралъул багьа бащалъулеб буго 80 азарго гъурщида. Депардьее кьураб рукъалъул кIодолъи буго 200 квадратияб метр ва гьелъул багьа бахунеб буго 16 млн. гъурщида.
Гьедин Депардьеца кьезе кколеб магъалоаялъул къадар бащалъулеб буго 4,8 миллиона гъурщида ай 120.000 евроялда.
Гьелде тIадеги гьес кьезе кколеб буго буголъиялъул абулеб магъалоги. Грозныялда гьеб бащалъулеб буго 500 азарго гъурщидаса хирияб буголъиялъухъ 0,3 проценталда. Амма кин бугониги гьел киналго магъалоял Франциялда кьезе кколездаса дагьал руго.
http://www.kavkaz-uzel.ru/articles/221000/
Гьебго заманалда Новосибирскалдаса блогерас прокуратураялде хъван буго гIарза. Гьелда абулеб буго пачалихъияб ва муниципалияб буголъиялдаса рукъ язихъаллъун лъазарурал гIадамазе гурони кьезе бегьуларин, гьебги гьединазул читIиралда ирга щвараб мехалдайин. Узухъда Чачаналда рукъ щвезелъун Депардье читIиралда вукIинчIо ва цIобол ахазул гектарал ругев гьев язихъавлъун лъазавураб документги гьечIо.
Ахиралдаги Къадировасул пресс-хъулухъалъ лъазабуна Грозный-Сити пачалихъалъул гIарцуде бараб букIинч1ин.