Гьеб анкьалда Хасавюрталда аскΙоб гΙавухъаз къан букΙана Ростов –МахΙачхъала трасса. Гьединаб къагΙидаялда гьез протест загьир гьабулеб буго 1944 соналда депортация гьабун жал махΙрум гьарурал жакъа Новолак мухъалда ругел бакΙал нахъ руссинариялда хурхараб дагъистаналъул хΙукуматалъул хΙукму гΙумруялде бахъинабиялъул болжал чΙечΙого нахъе цΙалеб букΙиналде.
1991 соналъул сентябралда, Россиялъул Федерациялъул ТΙадегΙанаб мажлисалъ депортация гьабурал халкъазул реабилитациялъул къанун къабул гьабун щуго моцΙалдаса, Дагъистаналъул халкъазул конгрессалъ къабул гьабуна цебе букΙараб ГΙавухъ мухъалъул цΙар нахъ буссинабиялъул резолюция. ХΙукму гьабун букΙана гьединго хΙал гьабун гьенире ритΙарал тумал МахΙачхъалаялде аскорехунги гочинарун, гΙавухъазул бакΙал нахъ руссинаризе. Гьелда хурхараб программа рагΙалде бахъинабизе кколеб букΙана 1996 соналдаго. Амма церелъурал масъалаби жакъаги тΙуразарулел гьечΙо. Цо-цо экспертазул пикруялда, гьеб хурхараб буго дагъистаналъул нухмалъиялъ гьеб масъала приоритетяблъун риккунеб гьечΙолъиялда. Цогидазул пикрялда, гьелъие биччалеб гΙарац цогидал мурадазе хΙалтΙизарун ратизе бегьула яги хасаб чантинибе ккезабун букΙине бегьула.
Лиз Фуллер: «Протесталда гΙахьаллъулел гΙавухъазе бокьун букΙана гьеб суалалда сверун ГΙабдулатΙиповгун дандчΙвазе, амма гьес инкар гьабун батизе бегьула. Гьеб ситуация арбагΙ къоялда ГΙабдулатΙиповас журналистазе гьабураб лъазабиялъги хΙалуцинабун букΙине рес буго. Гьесул рагΙабазда, гΙавухъаз гьабулеб галиялда нахъ ахΙвал-хΙалалъул дестабилициабиялъул мурад бугел гΙадамазул инициатива букΙине рес буго. Гьелдаго цадахъ гьедингоги божи гьечΙеб этникияб балансалъе квешаб асар гьабулеб буго цебесеб нухмалъиялъ гьеб суал кΙвар кьечΙого тун букΙиналъги.»
ГΙавухъазул акциялъул координация гьабулев вукΙарав Рамзан Хизиевасул рагΙабазда, гьезул харабазул тΙалабалда рекъон, гΙолохъанал гΙахьалчагΙаз кΙиго моцΙалъ чΙезабун буго жидерго акция, республикаялъул цΙияб нухмалъиялъе жидерго суалалда хурхун тадбирал гьариялъе заман букΙиналъе.
-----------------------------
Дагъистаналъул бетΙерасул ишал тΙуразаризе тΙамун хадуб ункъабго анкьалъ, ГΙабдулатΙипов Рамазаница бихьизабулеб букΙана цевесев нухмалъулесдаса хутΙараб ирс жиндие ракΙалъе гΙолеб гьечΙолъи. Амма гьес лъикΙаб къимат кьуна, гΙодоб ярагъги лъун, ракълилаб гΙумруялде нахъ руссине бокьарал гΙолохъабазе гьединал нухал рагьулеб комиссиялъе. Гьеб лъикΙаб идея колин, лъазабуна гьес журналистазда.
Лиз Фуллер: «Гьебго заманалда ГΙабдулатΙиповас лъазабуна, комиссиялъе щварал икъбалал дагьал ругин. Гьес цебелъей гьабуна гьеб комиссиялъул хΙалтΙи къувалъизабизе квербакъи гьабулеб Рекъел чΙезабиялъул комиссия гΙуцΙиялъулги. Гьединаб комиссиялъул масъалалъун гьесда бихьулеб буго, нухмалъиялде ва жамгΙияталде ццим бахъун ругел гΙолилал рохьоре нух бахъизеялде ккезаричΙого, гьеб нух мекъаб букΙиналда божизарун, гьединаб галиялдаса инкар гьабизаби ва гьенире арал нахъ руссинари.»
Лъиениги балъголъи кколаро рехсараб комиссиялъул хΙалтΙуе саботаж къуватиял структурабазул бутΙруз, гьездаго гъорлъ ЦΙехх-реххалъул комитеталъул нухмалъулев Алексей Саврулиница, гьабулеб букΙин.
Гьеб комиссиялъул бетΙер Ризван Къурбановасги цебесеб соналъ лъазабун букΙана, Жанисел ишазул министерлъиялъул цо-цо хъулухъчагΙазги абулеб бугин, ярагъ гΙодоб лъезе бокьарал гΙолохъабазулгун гара-чΙвариял гьари, гьезие малъиял гьари жидер хΙалтΙи кколарин.
Амма гьелдаго цадахъ Миллияб антитерористияб комисссиялъул бетΙер Александр Бортниковас Пятигорскалда букΙараб данделъиялда лъазабуна, гьеб комиссиялъул хΙалтΙи пайдаяб бугин. Гьес бецана дагъистаналъул гьединаб комиссиялъул хΙалтΙи ва лъазабуна, гьединал комиссиязул хΙалтΙул къагΙидаби дагьалъги гемерлъизаризе кколин.
---------------------------------------
Административиял гΙорхъабазда хурхарал суалазул хΙукмаби къабул гьари Федерациялъул субъектазул компетенциялда гьечΙониги, Чачан республикаялъул бетΙер Рамзан Къадировас хиса-басиял гьарун руго Сунжа мухъалъул гΙорхъабазда хурхун. Гьеб хиса-баси тасдикъ гьабун буго республикаялъул парламенталъ. Ι8 октябралдаго къабул гьабун букΙаниги, гьеб хΙукму гьанжегурони загьир гьабун гьечΙо.
Лиз Фуллер: «Сунжа мухъ бикьун букΙана чачанал ва гъалгъал цоцадаса ратΙалъун жидекго республикаби гΙуцΙараб Ι992 соналда. 2003 соналъул марталда АхΙмат-ХΙажи Къадировасги Мурат Зязиковасги гъулбасараб къотΙи-къаялда рекъон, Чачан республикаялде гъорлъе унеб букΙана гΙицΙго Ассиновская ва Серноводск абурал муниципалитетал. Гъалгъазул рахъалда тана Сунжа мухъ. Амма Рамзан Къадировас абулеб буго Сунжа мухъ кидаго букΙанин чачаназул территорияйин. Гьанже гьес къануналда гьарурал хиса-басиязда рекъон, Асиновскаялда ва Серноводскалда цадахъго рехъсолеб буго Вознесенское, Аки-Юрт, Гъарабулахъ, Нестеровское, Слепцовское, Троицкое ва Чемульга.»
Гьеб къанун къуваталде лъугьана 9 февралалда.
Гъалгъазул рахъалъулгун гьеб суалалда сверун кΙалъа-басаял тΙоритΙиялъе гΙуцΙараб хасаб комиссиялъул вакильзабаз лъазабулеб буго, жидеда кколеб бугин Назраналъ гьединал кΙалъа-басаязда хурхарал контактаздаса инкар гьабулеб бугин.