Турказул къайидулъ цинтIаго батараб "хIинкъи"

Россиялда пропагандаялъул машинаялъ лъазабулеб буго Москваялъ Анкараялде данде гьарурал санкциязул зарал Туркиялъул экономикаялъе цIикIкIараб букIине бугин. Гьебго бицунеб буго жал эксперталин абулел цо-цо чагIазги. Тарихаз бицунеб батIияб буго. Туркия кколеб буго Россиялъул дармил тIоцебесеб партнер, Россия абуни Туркиялъе кколеб буго 13-билеб партнерлъун. Гьелде тIадеги, информалатаз лъазабухъе, Туркиялъ Китайгун гьанжеялде гьабун буго Россияги гьоркьоб биччан Европаялде къайи-баччиялъул къотIи. Амма Дагъистаналъул даранчагIазул ракIчIун буго Россиялъул политика битIараб букIиналда.

Россиялъул президент Владимир Путинил хIукмуялдалъун Турциялда данде лъазарурал экономикиял санкциязул хIасилалда Россиялъе ккезе бугеб зарал кIудияб гьечIин абулеб буго экспертаз. Гьезул рагIабазда рекъон бищунго кIудияб зарал гьелъ гьабизе буго жибго Турциялъул экономикаялъе. Турциялда хIадур гьабураб гIемераб къайи-цIа бачIуна Дагъистаналдеги. Амма ричарухъабазул, гьединго гIадатиял гIадамазул пикруялда рекъон гьеб дагьабги лъикI буго. Гьел санкцияз рес кьезе бугин нилъерго гьанир хIадур гьарурал нигIматал гIезаризеян абулеб буго гьез.

Гьел санкциязул хIасилалда къотIизарун руго Россиялде Турциялдаса бачIунеб букIараб къайи-цIагун, кванил нигIматазул цо-цо тайпаги, Россиялдаса Турициялде гьарулел рукIарал рорженалги, гьединго Россиялда ругел хIалтIи кьолел идарабазе гьукъун буго 2016 соналдаса байбихьун Турциялдаса чи кинаб бугониги хIалтIуда лъезеги.

Санкциял лъазариялдалъун Россиялъе ккезе бугеб зарал кIудияб букIине гьечIилан рикIкIунеб буго экономист Михаил Чернышовас, бищунго кIудияб зарал жидеего Турциялъе букIине бугилан абуна гьес.

Михаил Чернышов: «Дир пикруялда рекъон бищунго зарал щвезеб бугеб рахъ туризм ккола. Кванил нигIматазул импорт абуни, тIоцебесе иргаялда кидаго Турциялдасан нилъехъе рачIунел рукIарал ‎помидорал, цитрусалъулаб пихъ, гьезул цо дагьаб гIунгутIи букIине бегьула, амма гьелги хисун цогидал ралагьизе ресги буго. Россиялъул экономикаялъе зарал гьелдасан букIинаро, амма Турциялъул экономикаялъе гьединаб гIемераб къадаралда къайи-цIа къватIибе инчIогун хутIиялда бан кIудиял проблемаби рукIине бегьула».‎

Гьел санкциязда гьоркьоб хас гьабун рехсезе бегьула Россиялде Турциялдаса рачIунел кванил нигIматал ва гьеб гуреб цогидабги къайи-цIа. Мисалалъе, Дагъистаналъул ретIел-хьит бичулел базаразда бащадалдаса цIикIкIун бугин абизе бегьула Турциялда хIадур гьабураб къайи-цIа. Амма цIар Турциялъул чIваниги гьезул 90-саги цIикIкIун процент гьанибго Россиялъул шагьаразда хIадур гьабулилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе ретIел-хьит бичулезул цояв Шамилица, гьединлъидал бицинегIанасеб батIалъи гьениб ккезе гьечIилан.

Гьединго цохIо ретIел-хьит гуребги Дагъистаналдаса Турциялде рачIунел кванил нигIматазда гьоркьор руго батIи-батIияб маркаялъул чаял, сапнал, пихъ-мичI ва гьеб гуреб цогидабги нигIмат. Гьединал нигIматал ричулел базаралда хIалтIулей Гульнараца абуна «Эркенлъи» радиоялъе, гьел санкциял лъазарунилан абун щибниги зарал ккезе гьечIила Россиялъе, хасго Дагъистаналъе дагьабги пайда бугила гьелъул, щайгурелъул инсанасул черхалъе зарал бугеб гурони нигIмат гьез къватибе биччаларила.

Гульнара: «Кун бажарулеб нигIмат гьезул букIонароха, кинабниги стандарталда дандекколареб, пайдаги гьечIеб жо букIона гьез къватIибе биччалеб. Мисалалъе росилин гьениса рачIунел печенаби, берцинлъиялъе тIаде щиб букIаниги жалги гьарун риччала гьел къватIире, амма тIагIам гьезда букIонароха. Гьединго босилин гьезул DURU абураб кверал чурулеб сапун. ГIадамаз гьеб босула гьелдаса бугеб берцинаб махI бихьун, амма гьеб бугоха бацIцIадаб химия, чурун хадуб кверзул хъалги бакъвазабула гьелъ. Нилъерго гьанир хIадур гьарулел сапнал гIемер лъикIал руго гьездаса. Жибго гIадамазул бер гуккулеб буго гьел нигIматал жанир лъурал берцинал гъутухъаз, гьелъ махасароде ккун босулеб буго халкъалъ гьеб. Гьединго чайги бацIцIадаб химия буго Турциялда хIадур гьабураб».

ХIасил-калам Турциялда бачIунеб щинаб кванил нигIматалда горкьоб цониги сахаб нигIмат гьечIилан абулеб буго йичарухъан Гульнараца. Амма санкциял лъазарунилан абун гьелъ гьукъилин гьанибе бачIунеб къайи-цIайилан абураб жоялда жий божуларилан абуна гьелъ Щайгурелъул цIан битIун Турицялда бачIинчIониги цогидал пачалихъазул къотIи-къайги гьабун, батIи-батIиял нухал ратизе ругин бизнесчагIазилан рикIкIунеб буго гьелъ.

«Эркенлъи» радиоялъ цIех рех гьабурал гIадатиял гIадамазги загьир гьабулеб буго гьебго пикру. Нилъерго гIунги тIокIал ресал ругила кванил нигIматал гIезаризе, расги тIагIам гьечIеб гьезул нигIмат добаго теян абулеб буго гьез.

Амма киналго дагъистанияз гуро Турциялда хурхун Россиялъ лъазарурал экономикиял санкциязул рахъкколеб бугеб. Мисалалъе журналист ва бакъбаккул улка лъазабулев Тимиркъаев Ильясица рикIкIунеб буго Путин гIедегIун вугин санкциял лъазаризеян.

Тимиркъаев Ильяс: «Дица гьел санкциязул рахъ кколаро, щайин абуни, дун цIалараб ДГУялъул бакъбаккул рахъ лъазабиялъул факультеталдаса щибаб соналъ чанго студент витIула Турциялде практикаялде. Гьанже кIиябго пачалихъалъул дандеккунгутIи сабаблъун гьел хутIизе руго практикаги гьечIого. Гьеб цо кIиабизе бугони, чанги даранчи лъала дида Дагъистаналда жидерго даран-базаралъул иш битIахъего Турциялда бухьинабурал, гьезулги дармил иш чIезе бего. Гьелдалъун цогIаги дагъистаниясе зарал кколеб бугони дун дандечIарав вуго гьел санкциязда».

Турциялде данде экономикиял санкциял лъазариялдалъун рес бугила Россиялда ругел цо-цо кванил нигIматазул багьаби эхеде рахинеян лъазабуна улкаялъул хIукуматалъ. ЦIакъго кIудияб къадаралда рахинчIониги гьел цIикIкIине ругилан абулеб буго гьеб баяналда.