Гъизилюрталда прокуратураялъул хIалтIухъан чIвазе къасд гьаби, Буйнахъскалда гIадатиял гражданиял чIвай, Хасавюрталда чи викъи – гьединал лъугьа-бахъинал ккана Дагъистаналда ахирисе къоязда жаниб.
Августалда анцIила анлъабилеб къоялъул радал Гъизилюрталда кьвагьи ккана шагьаралъул прокуратаураялъул хIалтIухъан Муса ИмангIалиевасул минаялъул азбаралъуб. Гьеб лъугьа-бахъиналда живго прокурорасе щибго ккечIо, амма зарал ккана минаялъе. Низам цIунулезул хIисаюалда кьвагьулеб алат прокурорасе лъун батилин гьесул хIалтIи сабаблъун.
«ЦIех-рех гьабулев чIвазе хIалбихьи», «Къануналда рекъечIого ярагъ тIибитIизаби», «Къануналда рекъечIого кьвагьул алатал гьари» - Уголовияб Кодексалъул гьел къануназдалъун рагьана такъсир гьабиялъул иш.
Хасавюрталда чIвана шагьаралда бугеб мажгиталдаса къватIиве вачIарав Заурбек МухIамадов. Гьеб лъугьа-бахъин бихьарасал рагIабазда рекъон МухIамадовасе нух къанин «Газелалъги» «Приораялъги». КIиябго автомобилалдаса къватIире рахъун рачIун руго маскаби гьурмада хурал камуфляж ретIарал 6-7 чи. Гьез кьвагьдана МухIамадовасде ва гьев чIвана. Лъугьа-бахъин ккараб бакIалдаса нахъе унаго гьез цадахъ босана чIварасул жаназаги гильзабиги.
Гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалда лъалеб гьечIо. Амма министерлъиялъул хIалтIухъанас аноним хIисабалда бицана чIварав кколин Хасавюрталъул мэр Сайгидпаша ГIумахановасул хъаравуллъунин.
Гьебго мехалда Хасавюрталда ккун вачун ун вуго Гелани Саипов. Гьесда хурхунги министерлъиялдаса анонимас абуна гьевги ГIумахановасул хъаравуллъун вукIанин.
Викъарасул адвокат Рустам Юнусовас лъазабулеб буго Саиповасул мина сверухъ ккун букIанин хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз. Минаялда жаниб гьез чIухь бан буигин ва живго Саипов цадахъ вачун ун вугиг. Саиповасул гIагарлъиялъ абулеб буго гьев гIадатияв бизнесменлъун вукIанин ва кинабгIаги къануналда мекъи бихьулеб ишалде гъорлъ карав чилъун вукIинчIин.
16 августалда Буйнахъск мухъалъул Манасаул росда гIагарда бугеб рохьил бутIаялда лъабго гIолиласдехун кьвагьдон буго изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унез. Гьедин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ. Гьенив хун вуго цо гIолилав, хутIарал кIигоял захIматго лъукъана ва азарханаялда регизаруна. Риларал гIачи ралагьизе ун рукIун руго гьел рохьор.
Низам цIунулезулги рохьилазул дандечIеялда гIадатиял чагIазе зулму щолеб бугин рикIкIунеб буго экспертаз. Гьезул рагIабазе мисаллъун бачине бегьила МухIамадсагIид Маматовгун ккараб.
14 билеб июлалда Каякент мухъалъул Утамыш росулъ тIобитIараб хасаб операциялда чIварав МухIамадсаид Маматовасул гIагарлъиялъ тIалаб гьабулеб буго Маматов чIваялда хурхун хасаб цIех-рех гьаби.
РакIалде щвезабила, доб хасаб операциялда чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унеллъун рикIкIунел анкьгояв. Хасаб операциялда низам цIунулез сверун ккун букIана росулъ гIумру гьабулеб Арслангереевазул хъизаналъул ферма. Низам цIунулезухъе щвараб оперативияб информациялда рекъон гьенир рахчун рукIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унеллъун рикIунел.
Хасаб операциялда чIварав МухIамадсаид Маматовасул эмен АрслангIалица бицана журналистазе жиндир вас гьеб фермаялда вукIинчIин. Инсул рагIабазда рекъон, МухIамадсаидихъе кIалъан йиго фермадул хважаинасул эбел. Гьелъ гьарун буго гьесда фермаялдаса лъималги васасул чIужуги нахъе рачине вачIаян, щайгурелъул жидер автомобиль хун бугин ва фермаялда тунка-гIуси гIадаб жо багъаризехъин бугин.
Фермаялдаса цодагьалъ рикIад МухIамадсаидил автомобилалде кьвагьдон руго низам цIунулел, живго МухIамадсаид чIван вуго. Гьесул инсуца гьединго абуна моргалдаса васасул жаназа анлъго къоялъ кьолебу букIинчIин. Моргалда жаназа мекъи цIуниялъ гьеб турун-махIцун щун буго гIагарлъиялъухъ.
АрслангIали Маматовас гьединго абуна МухIамадсагIид чIваялда хурхун киналгIаги цIех-рехалъул тадбирал тIоритIичIин. «Бокьун буго лъазе щай гьев чIварав», - илан бичIизабулеб буго АрслангIалица ва тIаде жубалеб буго: «МухIамадсаигIдида документал рихьизареян лъицаниги абичIо, кинабгIаги дандекъеркьейги гьесул рахъалдасан букIинчIо, гьесухъ ярагъги батичIо», - ян.
АрслангIалил рагIабазда рекъон, гьесул васасда лъалеб букIинчIо щал фермаялда рахчун рукIаралали. ЧIварасул инсуца гьединго абуна фермадул хважаинас гьикъа-бакъиялда гьерсал рицулел ругин. Фермадул хважинасни абулеб буго МухIамадсагIид Маматов жинда цебегоялдаса нахъе лъалев вукIанин ва ахирисеб лъабго соналда жаниб гьев рохьилазул кумекчилъунги вукIанин.
Гьел рагIаби гьересиял ругин абулеб буго чIварсул инсуца ва тIаде жубалеб буго: «МухIамадсагIид Тюменск ракьалъул Нижневартовск шагьаралда хIалтIулев вукIана ахирисел соназда. Рохьилалгун гьесул бухьенал рукIине рес гьечIо».
Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталда абуна хасаб операциялда чIварал МухIамадсагIид Маматовасдаги Шамил АхIмадовасдаги хурхун щвараб информациялъул цIех-рех гьабулеб бугин. Амма гьабсагIаталъ цIех-рехчагIазухъ бугеб информациялда рекъон Маматовги АхIмадовги кколел руго рохьилазул кумекчагIилъун.
Маматовасул эмен АрслангIалица инсанасул ихтиярал цIунулезухъе гIарза хъвана, жиндир вас чIваялда хурхун хасаб цIех-рех гьабиялъе прокуратура тIамизе хIаракат бахъеян.
«Дагъистаналъул улбул» абураб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъул нухмалъулей Светлана ГIисаевалъул рагIабазда рекъон, хасаб операциялда чIварав анкьго чиясда хурхун кьураб хасаб сияхI буго. Гьеб сияхI ЦIех-рехалъул комитеталде щун буго Экстремизмалде данде къеркьолеб централдаса.
Гьеб идараялъул нухмалъулев АхIмад БатгIалиевас хъвалеб буго сияхIалда, Россиялъул Уголовияб кодексалъул «терроралъулаб акт» ян абулеб 205-леб къануналъул рахъалъан Маматовас гьарурал такъсиразул информация жидехъ гьечIилан. Амма гьебго сияхIалда хъвалеб буго Маматов диверсиялъулабгун терроралъулаб къокъаялде гъорлъе уневлъун кколилан.
Гьедин лъазабуна Светалана ГIисаевалъ. Гьелъ гьединго тIаде жубана, Маматовасул гIарзаги хIисабалде босун, жидер гIуцIиялъ къагътал ритIанин ЦIех-рехалуъл комитеталде, прокуратураялде, Россиялъул президентасул администрациялде, Дагъистаналъул нухмалъулесухъе ва цогидал идарабазде.
Пенсиялда вугев полициялъул капитан Руслан Расуловас абуна «Эркенлъи» радиоялъе полициялъул хIалтIулъ гIунгIутаби рукIиналъ республикаялда бугеб ахIвал-хIал жеги хIалуцинабулеб бугин.
Руслан Расулов: «Дагъистаналда гьечIо низам цIунулел идараби. ЦIар буго, амма низам цIунулел идараби гьечIо. Рохьилаз къанунал хвезарулел руго щайгурелъул гьел Россиялъул къануназдаса рази гьечIо. Гьеб лъикIаб иш бугин абулеб жо гуро. Абизе бокьун буго: къанануздалъун хIалтIулел низам цIунулез къанунал хвезарулеб мехалъ – ахIи-хIур бахъинабизе кколеб жо гьеб бугин».
Дагъистаналда гьединаб ахIи-хIур жиб-жиб къоялъ бахъине кколин абуни мекъи ккеларо. Гьаб жакъа бугеб оперативияб хIалги гьадигIан хIалуцараблъун букIинароан, низам цIунулезда жидерго хIалтIи лъалеб букIарабани. Полициялъул реформа тIобитIулаго Дагъистаналъул низам цIунулезда гъорлъан профессионал нахъе рехана».
ЖамгIияв хIаракатчи ва адвокат Расул Къадиевасги абун букIана «Эркенлъи» радияолъе Дагъистаналъул полициялъул хIалтIулъ чанги гIунгутIаби ругин. Гьесул рагIабазда рекъон, полициялъулал такъсирлъиялде данде къеркьоларо, статистикаялъе гIоло хIалтIулел руго.