Пайда гьечIеб къуват

Изну гьечIого яргъидгIуцIаразул ункъгояв Хасавюрталда чIванилан лъазабулеб буго Терроралде данде чIараб миллияб комитеталъ.
Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъул баяналда рекъон 23 сентябралда Хасавюрталда тIоритIулел рукIана оперативиялгун цIех-рехалъулал тадбирал. Гьел тадбирал гьарулаго полициялъулаз хIалбихьана 14-леб моделалъул «ВАЗ» автомобиль чIезабизе.

Амма автомобилалда жаниса низам цIунулузде кьвагьдей бахъанилан лъазабулеб буго пресс-хъулухъалъ. Полициялъулазги кьвагьадана автомобилалде. Гьеб кьвагьа-гIанхъиялда низам цIунулезул щивго лъукъичIо ва хвечIо. Автомобилалда жанир рукIарал чIвана низам цIунулез.

Машинадул салоналда жаниб батана ункъго жаназа. Чiваразул цIарал мухIкан гьаруна низам цIунулез. Гьезда гъорлъ руго Хасавюрталда гIумру гьабулел 23 сон барал АхIмад Ибрагьимов ва Ваха Гебертаев, Хасаюрт мухъалъул Новосельское росулъа 30 сон барав ИсмагIил Темирбулатов ва гьебго росулъа 22 сон барав ГIимран Гагаев.

Лугьа-бахъин ккараб бакIалда низам цIунулезда ратун руго «Калашниковасул» кIиго автомат, гуллабазул чанго гъутухъ, Ф-1 граната, динияб литература ва батIи-батIиял дараби.

Терроралде данде чIараб миллияб комитеталъул лъазабиязда рекъон, чIваразда гьоркьосан лъабгоял кколаан диверсиялъулабгун терроралъулаб къокъаялде гъорлъе унеллъун. Ибрагьим АхIмадов вукIана гьезул кумекчилъун. Комитеталъ лазабухъе, дол лъабгояз 13 сентябралда къуваталъулазе гъорлъчIел гьабуна Хасавюрталда. Ккараб кьвагIа-гIанхъиялда низам цIунулел идарабазул цо хIалтIухъан хвана.

Тунка-гIусиялгун кьвагьа-гIанхъиял гьоркьоса къотIичIого халат рахъунел руго Дагъистаналда.

Экспертаз рикIкIунеб буго гьел гIемерлъарал кьвагьиялгун кьвагьдеял гIагараб заманалда лъугьине ругин, щайгурелъул низам цIунулезухъ кодор изну гьечIого яргъидгIуцIарал жалго рачIиналъул хIужжабиги гIемерлъулел руго, къуваталъулазги кIвар кьун хIаракат бахъулеб буго рохьилал чIвазе.

Мисалалъе, араб рузман къоялда полициялде вачIана изну гьечIего яргъид гIуцIаразе кумек гьабулев вукIарав чи. Гьесда хурхун цIех-рех рагьана низам цIунулез. Араб анкьалда рохьилазда гъорлъе унев ункъояв вачIана полициялде. РакIалде щвезабилин, августалъул байбихьуда хасаб операциялда жалго кверде рачIана изну гьечIого яргъид гIуцIараб къокъаялда гъорлъе унев лъабгояв.

Жибго Хасавюрт мухъалда щибаб анкьалда низам цIунулез гьарулел руго оперативиял тадбирал. Мисалалъе, цодагьалъ цебе ЦIияб Сасикь росу сверун ккун букIана къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз. Жибго росда жанир гьел рачIинчIо амма ЦIияб Сасикь гIагарда бугеб рохьил бутIаялдехун вертолетаздасан кьвагьдана ва хадур рагъулазул къокъаби рортана рохьор. Гьенисан автоматазул кьвагьдеялги ва кьвагьиялги рагIулел рукIанилан лъазабулеб букIана росдал чагIаз.

Гьелдаго релъарал тадбирал тIоритIана гьал къоязда Буйнахъск мухъалъул Эрпели росулъги, Кизляр мухъалъул Шаумян росулъги.

Эрпели росдал сверухълъиялда тIоритIарал оперативиял тадбирал кIиго къоялъ унел рукIана. Росдал гIадамаз лъазабулеб буго, Эрпели гIагарда бугеб рохьосан кьвагьдари рагIулеб букIанин. Низам цIунулезул лъазабиязда рекъон, гьеб рохьор цIехолел рукIана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул базаби. Гьел ратаралищали къуваталъулаз жеги мухIкан гьабичIо.

Шаумян росдал сверухълъиялдаги изну гьечIого яргъид гIуцIаразде гъорлъе унел ралагьулел рукIанин лъазабулеб буго Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялда. Гьел лъазабиязда рекъон, цIехолеб букIана Гъизляр ва Тарумовка мухъазда терроралъулал такъсирал гьарулел изну гьечIого яргъид гIуцIарал. Гьел ратаралищали низам цIунулез лъазабичIо жеги.

Шаумян росдал гIадамазни абулеб буго рагъулазул къокъаби жибго росулъ жанир рачIанин ва цо-цоял минабазда щибго абичIого чIухь-балеб букIанин. Цояв росдалчиясул хаселалъе гIачиязеилан росарал харил туказда рагъулас цIа рекIинабунилан абулеб буго Шаумян росдал гIадамаз. Гьев чиясул вацгIал рагIулаан рохьлазда гъорлъе уневлъун.

«Инсанасул ихтиярал цIуниялъе гIоло» абураб багъа-бачариялъул цевехъан Лев Паномаревас «Эркенлъи» радиоялъе абуна низам цIунулез жидерго хIалтIи къануназдалъун бачичIони рекъел чIезабизе захIмат букIинаанин.

Лев Паномарев: «Низам цIунулез жидеего бокьараб гьабулеб буго. Гьел гIенеккулел гьечIо Шималияб Кавказалъул регионалъул нухмалъулездацин. ГIадамал хIинкъулел руго къуваталъулаздаса амма гьединго гIадамазул лъикIаб бербалагьи гьечIо рохьилаздехунги. Гьелдалъун низам цIунулез хIаракат бахъизе ккола къануналъул гIорхъабаздаса борчIунареб хIалалъ жидерго хIалтIи бачизе.

Рохьилазул гIагаразде гьужумалги гьарун рекъел чIезабизе кIоларо. Цо-цоял низам цIуниялъул системаялдаса хIакимзабаз абулаан чияр пачлаихъаздаса къуватазе бокьун бугин Шималияб Кавказалда ахIвал-хIал хIалуцинабизе ян. Амма жидерго хIалтIул хIасилал лъикIал кколел гьечIеллъунги бихьун ургъунго къуваталъулаз гьеб пикру тIибитIизабулеб буго хасго Кавказалда»

Экспертаз рикIкIунеб буго Дагъистаналда тIоритIулел «Кавказ-2012» абурал рагъулал малъа-хъваяз ругьун гьаризе ругин къуваталъулал эффективияб хIалалъ терроралде данде къеркьезе. Амма гьез тIаде жубалеб буго цохIо къуват хIалтIизабун жо ккеларилан.