Криминалиял гIодоркъоял

Арал гIодоркъоял Шималияб Кавказалда цогидал къоялго гIадин рагъулаб хIалуцин дагьлъичIел, зулму цIикIкIарал ва биял тIураллъун ккана ва криминалияб ахIвал-хIал Шималияб Кавказлда ва хасго Дагъистаналда дагьабниги гIодобе буссинчIо.
Шамат къоялъ Гъизилюрт мухъалда къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазда 10 кг. тротилалъул къуват бугеб кьвагьулеб алат батана. «Кьвагьулеб алат батана Гъизилюрт шагьаралдаса кIиго километралъ рикIкIад, Росдал магIишаталъул министерлъиялъул Сулахъалъулаб филиалалъул минаялда аскIоб»-илан бицана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул Пресс-хъулухъалда. Гьединго гьез бицана оперативияб хIалтIул хIасилалда чIезавизе кIванин ва ккун вугин рехсараб кьвагьулеб алат лъурав чи.

Гьесул гIагарлъиялъул ва гьудулзабазул рукъзабахъ чIухь балаго, МахIачхъалаялда Ярыгинил къотIноб бугеб рокъоб батана 7 кьвагьулеб алат ва цо таманча. Кьвагьулел алатал рахчун ругоан батIи-батIиял рукъалъул алатазда жанир ва гьезул гIаммаб къуват бахъана 19 кг тротилалъул цIайиялде.
Гьеб кьвагьизабиялъе гIоло аскIор ругел рукъзабахъа гIадамал гочинаризе ккана. Кьвагьулел алатал хIадуриялъул ва цIуниялъул щаклъи бугев 11 чи ккун вуго, киналъулго цIех-рех гьабулеб бугилан бицана Жанисел ишазул министерлъиялъул хIалтIухъанас.

Цойги лъугьа-бахъин ккана 14 абилеб октябралда Каспийск шагьаралда. Къаси сагIат 11 тIубараб гIужалъ жиндир рукъалда аскIове Дагъистаналъул цIех-рехалъул комитеталъул цо бутIаялъул нухмалъулев Ашурбеков Нурлан щварабго гьесул машинаялде кьвагьдана Лада Приора тайпаялъул машинаялдаса щалали чIезаризе кIвечIел чагIи. Суравчи лъукъана.

Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялда бицана рехсарав хIалтIухъан бищунго кIвар бугел такъсириял лъугьа-бахъиназда тIад хIалтIулеб хасаб бутIаялъул хIалтIухъан кколин. Цоги кIвар бугел хIалтIабазда жаниб гьес бачунеб буго августалъул ахиралда шайих СагIид-Афанди чIваялда хурхараб уголовияб хIалтIийилан бицана Эркенлъи Радиоялъе ЦIех-рехалъул идараялда.

ЧIванкъотIун суравчи чIвазе къасд тIамиялъе мухIканаб гIилла жеги чIезабун гьечIо, кIвар бугеблъун бихьулеб буго цIех-рехалъул идарабазда гьесул хIалтIуда хурхараб гIиллайилан бицунеб буго Россиялъул прессалъ.

Ахираб заманалда Дагъистаналда рагъулал тунка-гIусиязулъ чIаголъи бихьизабулеб буго рохьилаз гуреб, пачалихъалъул рахъ ккурал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазилан рикIкIунеб буго политолог Гереев Русланица. Гьелъие рукIине бегьулел гIиллабазул бицана гьес.

Гереев Руслан: «Ахираб заманалда Дагъистаналъул ва тIубанго Шималияб Кавказалъул геополитикияб кIвар цIикIкIана. Чанго пачалихъалъулгун гIорхъабиги ругеб, ралъдалгун ракъдаллъиялъул нухалги ругеб республика букIиниселда транспортияб центрлъун лъугьине ккола. Регионалда рагъулаб къуват цIикIкIинабиялдаса бичIчIула федералияб централъ гьаниб гIадлу гьабизе тIаде босун букIин. Гьеб тIоцебесеб иргаялда бараб буго кватIичIого Сочиялда рукIине кколел Олимпиялъул хIаязда.

КIиабизеги, сверухъ ругел пачалихъазда: Гуржистаналда, Азирбижаналда, Гьоркьохъеб Азиялъул пачалихъазда хIалуцин букIине бегьула, щайгурелъул НАТОялъул рагъулал къуватаз Ираналда кьаби щвезабизе рес буго. Гьединаб ахIвал-хIалалда Кавказалъул регион аскIоб бугеб рагъулъе цIачIаго букIине ккани Россиялъе къваригIун буго гьаниб гIодобиччай.

Гьединлъидал кинабго къуваталъул идарабазе, Жанисел ишазул министерлъи батаниги, цоги рагъулал къуватазул идараби ратаниги, кьун буго буюрухъ республикаялда ва регионалда гIадлу гьабеян. Гьеб буго федералияб централъул ахирисеб хIалбихьи Шималияб Кавказалда гIадлу гьабизе, щайгурелъул цебехун гIемерал ресал кьун рукIана бакIалъулал къуваталъул идарабазе ва гьанире ритIун рачIарал федералиял къуватазул бутIабазе. Къокъго абуни, федералияб централъул сабур лъугIун буго».