УстIарчилъиялъул мисал камуни миллаталъул сипатги камила

Дагъистаналъул ЧIохъ росу 1960-билел соназда.

ЧIохъ росу бугин рагьараб зодикь унго-унгояб музейилан абулеб буго гIадамаз. ГIалимзабазул хIисабалда гьеб росдал архитектураялъул азарго соналъулаб тарих буго. КъанагIатаб махшалида рарал чIахъадерил некIсиял рукъзал гьанже лъалкI течIого паналъизе бегьулин абураб ахIи-хIур багъаризабулеб буго журналистазги, гIалимзабазги.
Гьалкъояз Россиялъул ТВЦ абулеб телеканалалъ бихьизабураб сюжеталда бицен унеб букIана чIахъадерил гъура-чункарал цо-цо рукъзазул. Гьеб гIицIго ганчIал гурин, гьеб бугин халкъалъул чIагояб тарих. Ва гьелъул тIалаб-агъаз гьабичIони гьелдаго цадахъ камула миллияб бичIчIиги, ян абулеб букIана рехсараб телесюжеталда мухбирасги жалго чIахъадерицаги.

ТIубанго биххун бугин ГIусманияб къайсарлъиялъул маршаллъун вукIарав МухIаммад Фазил Пашал рукъ, гьадинабго къисмат букIине рес буго Шамил имамасул наиб Нахибашев Закарьял рукъалъулги.

...Гьеб тIоцебесеб нухалъ бараб ахIи гуро.Чанго соналъ цебе «Арал гIелазул дунял. ЧIохъ росу» абулеб тIехалъул автор цIар арай гIалимчIужу Тахнаева ПатIиматица мухIканго бицана жиндирго гIагараб росдал тарихалъулги пашманаблъун бихьулеб букIинеселъулги.

Тахнаева ПатIиматица къокъ гьабун гьадин бицунеб буго жиндирго гIагараб росдал тарихалъул.

Тахнаева ПатIимат: «Архитектуралъул рахъалъан ЧIохъ хIакъикъаталдаги къанагIатаб росу буго. ХIХ гIасруялда росу цIидахъан бан букIана щайругелъул 1845 соналда ЧIохъ Аргутинскиясул аскарияз тIубанго биххун букIиндал. Хадуб гIурусаз гьениб бана щулияб хъала. 1859 соналда гьеб хъалаги биххун букIана.

ГIурусаз жидерго цIияб хъала бана Гъуниб магIарда. Росулъийин абуни гIадамаз цIияб ракълилаб гIумру байбихьана.Берцинал рукъзал рана гIурус пачаясе хъулухъ гьабулел ресалда рукIарал чIахъадерица.

Хадуб гIун бачана офицеразул гIел. Гъозул лъималазе лъикIаб лъай щвана россиялъул цIалул идарабазда. Россиялъул берцинал шагьарал рихьарал гьез гьединалго берцинал рукъзал рана жидерго гIагараб росулъги. КъанагIатаб архитектура буго гьезул».

Тахнаева ПатIиматица кIудияб пашманлъигун бицунеб буго Россиялъул инкъилабалдаса нахъе ЧIохъ росулъ ккараб-щиналъул. ГIемерал цIар арал чIахъадерил рукъзабахъ батIи-батIиял пачалихъиял ва жамгIиял идараби гIуцIун рукIанин. Ва гьезул тIалаб-агъаз гьабулеб букIинчIин я хъулухъчагIаз, я гIадатиял гIадамаз.

Масала ЧIохъа Мамалавасул минаялда бесдал лъималазул рукъ гIуцIун букIана. Лъалеб букIахъе лъималазе тарбия кьечIони гьел гIалхьулаллъун рижила, ян абулеб буго гIалимчIужуялъ. Гьале гьадин кканила доб лъималазул рукъобги, ва ЧIохъа Мамалавасул мина гьанже пашманаб хIалалда бугин гьелъул хIасилалда, ян гьабулеб буго Тахнаева ПатIиматица.

Тахнаева ПатIимат: «Хадуб советиял хъулухъчагIаз лъавуде рачIарабгIадин байбихьана росдал архитектура цIунизе. Гьеб жигаралъе нухмалъи гьабулеб букIана академик Мовчаница. 1960-билел соназда Дагъистаналде вачIун ва гьениб бугеб ахIвал-хIал бихьун гьес кIудияб жамгIияб ахIи-хIур багъаризабун букIана. Гьединго Парукъ Дибировасулги букIана гьениб кIудияб хIаракат. Гьезда хехго бичIчIана гьаб махщалил, устIарчилъиялъул мисалал камуни миллаталъул сипатги камизе бугеблъи».

Кинха ккараб доб ищ?

1977 соналда «Советский Художник» абулеб басмаханаялда къватIибе биччан букIана «МугIрузул сиял» абулеб тIехь. Гьелъул автор архитектор Аркадий Гольдштейница Дагъистаналъул гIемерал бакIаздеги щван доба жинда бихьаралъул хIакъалъулъ хъвана. Гьес какулеб букIана гIадатиял гIадамалги пачалихъиял хъулухъчагIиги гьез миллияб ирс цIунулеб гьечIолъиялъухъ. Аслияб къагIидаялда гьес какулеб букIана республикаялъул культураялъул министерлъи.

А.Гольдштейница 1970-билел соназда Сугръалъ росулъ бахъараб сурат.

Гьеб тIехьалъулъ миллияб рокьукълъиги батун Коммунист партиялъул Дагъистаналъул обкомалъ гIарз битIана Москваялде ва Централияб Комитеталъ рехсараб тIехь гьукъана. Улкаялъул киналго библиотекабазухъа Аркадий Гольдштейнил тIехь бахъун букIана.

Жакъа бугеб ахIвал-хIал гIадахъ босани, Гольдштейница бицараб битIараб букIанин абизе бегьула ян абулеб буго Тахнаева ПатIиматица.

ЧIохъ росдал къисматалда релъараб бугин Дагъистаналъул цогидал гIемерал берцинал росабазул къисматги, ян хIасил гьабулеб буго гIалимчIужу Тахнаева ПатIиматица. Гьелъул хIисабалда
гIайибиял руго тIалъиялда ругел гурелги - жидерго умумузул рукъзал рехун толел жалго гIадамалги.