Цолъарал штатазул ЦΙехх-реххазул бюроялъ лъазабулеб букΙуна терроризмалде данде къеркьеялъул ишалда щолел бергьенлъиязул хΙакъалъулъ. Тероризмалде хурхен букΙиналъ чи ккун хадуб, гьелъ гΙадатияб къагΙидаялда жамгΙияталда лъазабула иргадулаб вахΙшияб терракт гьабичΙого хутΙизабунин жидецаян. Амма диваналъул нус-нус документазул хал гьабун, жиндирго цΙех-рех гьабун хадуб, цогидаб пикруялде вачΙун вуго Калифорниялъул Беркли университеталъул хΙалтΙухъан, журналист Тревор Ааронсон. Гьелъул хΙакъалъулъ гьес бицун буго ЭР-лъул мухбир Гьизер Майерие.
Ааронсоница абулеб буго ФБРалъ аресталде гъоркье росаразул аслияб къадаралда киданиги бажаризе букΙинчΙин жидедего гΙунтΙизарулел гΙайибазда рекъарал такъсирал гьаризеян, ФБРалъ гьезие къваригΙунел шартΙал чΙезарулел рукΙинчΙебаниян. «Террористияб фабрика» абураб техьалда авторас хъвалеб буго, Цолъарал штатаз ФБРалда бугин бищунго кΙудияб гΙайибин, улкаялда жанир гьарулел террористиял тΙадекΙанцΙиял гΙуцΙиялъулги, гьезие гΙарац биччаялъулгиян.
Техьалъул авторасул пикруялда, Цолъарал штатазул хасаб хъулухъалъ гьединал такъсирал гьариялде рачΙинарулел руго бусурбабазда гъорлъан, хасго иммигрантазда гъорлъан жидерго информатораллъун лъугьарал гΙадамазул кумекалдалъун. Гьелъ гьел жидерго информатразде руссинарулел мехалда пайда босулеб буго гьей тайпаялъул гΙадамал букΙине кколеб къагΙидаялда цΙунун гьечΙолъиялда бан, хасго гьезул терроризмаялде хурхеналъул щаклъи бугони. Гьеб идараялъул хΙалтΙухъабаз жидерго тадецуй гьабиялъе ралагьулел руго иммиграциялъул къанунал хвезарулел гΙадамал.
Ааронсонил рагΙабазда, терроризмалда хурхараб 500-гΙанаб ишалда бан цΙехх-рехх унеб мехалда, баянлъун буго такъсиразул бащдабгΙанаб къадаралда информаторазул гΙахьаллъи букΙараблъи. Цо-цо нухалда гьезул кумекалдалъун терактал гьаризе риччан гьечΙо. Амма цогидал ишазда информаторазул хΙалтΙи релъараб букΙун буго провокаторазул хΙалтΙуда. Гьез такъсирчиясе ресал рагьини щиб, такъсирал гьариялъе къваригΙун алаталцин чΙезарулел рукΙун руго.
Тревор Ааронсон: «ФБРалъ, валагьулев вуго гьезул хΙалтΙухъабаз абухъего «батΙа чΙараб бацΙ». Гьев гΙадатияб къагΙидаялда вукΙунев рагΙула Аль-Каидаялъул рахъ кколев, ресукъав чи. Жидерго информаторлъун гьединав чи лъугьараб мехалда гьев ФБРалъ гъорлъе ккезавулев вуго терактал хΙадурулел рукΙиналъул щаклъи бугел къокъабазде гъорлъе. Хадуби абуни, гьел терактал гьариялде ккезарулел руго. Ахир-къадги гьел гьелъие гΙоло жавабчилъиялдеги цΙала.»
Ааронсоница абулеб буго, информаторазул кумекалдалъун ккурал унго унгоял терористал рукΙуниила. Гьес мисал хΙисбалда ракΙалде щвезавулев вуго Фейсал Шахзад, дагьаб хутΙун буго гьес Нью Йоркалда Тайм-Свеялда теракт гьабизе яги Нью Йоркалъул метроялда бомба кьвагьизабурав Наджибула Зази.
Тревор Ааронсон: «Гьединал кквезе щварал такъсирчагΙи дагьал гьечΙо. Амма гьездаго цадахъ рехсолел рукΙуна информаторазул баяназдалъун ккурав Ι50 гΙанав чиги. Гьезул киданиги рукΙинчΙо финасазул ресал ва гьезда киданиги лъалеб букΙинчΙо тероористиял планазул хΙакъалъулъ щибниги. Гьединал гΙадамазе гΙицΙго ФБРалъ кьуна кинабго жо – бомбаби, транспорт, жидедаго церелъурал масъалаби тΙуразариялъе кинабго. Жидедагойин абуни, гьеб гьабизе гьезда бажаризе букΙинчΙо. Узухъда, цΙехх-рехалъ загьир гьарулел далилал бихьизабулебги буго, гьел гΙадамазул тероризмалде хурхен цебе букΙинчΙеблъи. ЗахΙматго букΙуна божизе теракт гьабиялъе гьединал гΙадамазул ресал рукΙараблъиялда.»
ЭР: Кинаб къагΙидаялда гьединал гΙадамал ралагьулел?
Тревор Ааронсон: «ФБРалъул цΙуниялда гъоркь вугев информаторас яги агентас аслияб къагΙидаялда гьединал ратΙа чΙарал бацΙал божизарула жив АльКаидаялъул яги цоги террористияб къокъаялъул гΙахьалчи вукΙиналда. Хадуб гьес абулеб буго, жиндир бугин террористиял планал гΙумруялде рахъинариялъе къваригΙарабщинабин. Жинда бажарулин бомбабиги, транспортги, цогидаб къваригΙарабщинабги кьезейин. Ахир-къадги гьединаз гьел бомбаби машинаялда лъун къваригΙараб бакΙалда кьвагьиязабиялъе телефоналдаса номер кьурун хадуб, гьединав чи кколев вуго.»
Кколищ гьеб букΙинецин рес букΙинчΙеб такъсиралъе ФБРалъ квербакъи гьабулеб бугин абурабин лъураб суалалъе жаваб кьолаго, Ааронсоница абулеб буго, у, гьеб гΙицΙго гьедин бугин. Жибго ФБРалъ гьединал гΙайибал нахъ чΙвалел руго. Амма лъазабулеб буго информаторазул кумек жидеца хΙалтΙизабулеб бугин Цолъарал штатал тероористиял тΙадекΙанцияздаса цΙуниялъул мурадгунин.
Техьалъул авторасул пикруялда, Цолъарал штатазул хасаб хъулухъалъ гьединал такъсирал гьариялде рачΙинарулел руго бусурбабазда гъорлъан, хасго иммигрантазда гъорлъан жидерго информатораллъун лъугьарал гΙадамазул кумекалдалъун. Гьелъ гьел жидерго информатразде руссинарулел мехалда пайда босулеб буго гьей тайпаялъул гΙадамал букΙине кколеб къагΙидаялда цΙунун гьечΙолъиялда бан, хасго гьезул терроризмаялде хурхеналъул щаклъи бугони. Гьеб идараялъул хΙалтΙухъабаз жидерго тадецуй гьабиялъе ралагьулел руго иммиграциялъул къанунал хвезарулел гΙадамал.
Ааронсонил рагΙабазда, терроризмалда хурхараб 500-гΙанаб ишалда бан цΙехх-рехх унеб мехалда, баянлъун буго такъсиразул бащдабгΙанаб къадаралда информаторазул гΙахьаллъи букΙараблъи. Цо-цо нухалда гьезул кумекалдалъун терактал гьаризе риччан гьечΙо. Амма цогидал ишазда информаторазул хΙалтΙи релъараб букΙун буго провокаторазул хΙалтΙуда. Гьез такъсирчиясе ресал рагьини щиб, такъсирал гьариялъе къваригΙун алаталцин чΙезарулел рукΙун руго.
Ааронсоница абулеб буго, информаторазул кумекалдалъун ккурал унго унгоял терористал рукΙуниила. Гьес мисал хΙисбалда ракΙалде щвезавулев вуго Фейсал Шахзад, дагьаб хутΙун буго гьес Нью Йоркалда Тайм-Свеялда теракт гьабизе яги Нью Йоркалъул метроялда бомба кьвагьизабурав Наджибула Зази.
Тревор Ааронсон: «Гьединал кквезе щварал такъсирчагΙи дагьал гьечΙо. Амма гьездаго цадахъ рехсолел рукΙуна информаторазул баяназдалъун ккурав Ι50 гΙанав чиги. Гьезул киданиги рукΙинчΙо финасазул ресал ва гьезда киданиги лъалеб букΙинчΙо тероористиял планазул хΙакъалъулъ щибниги. Гьединал гΙадамазе гΙицΙго ФБРалъ кьуна кинабго жо – бомбаби, транспорт, жидедаго церелъурал масъалаби тΙуразариялъе кинабго. Жидедагойин абуни, гьеб гьабизе гьезда бажаризе букΙинчΙо. Узухъда, цΙехх-рехалъ загьир гьарулел далилал бихьизабулебги буго, гьел гΙадамазул тероризмалде хурхен цебе букΙинчΙеблъи. ЗахΙматго букΙуна божизе теракт гьабиялъе гьединал гΙадамазул ресал рукΙараблъиялда.»
ЭР: Кинаб къагΙидаялда гьединал гΙадамал ралагьулел?
Тревор Ааронсон: «ФБРалъул цΙуниялда гъоркь вугев информаторас яги агентас аслияб къагΙидаялда гьединал ратΙа чΙарал бацΙал божизарула жив АльКаидаялъул яги цоги террористияб къокъаялъул гΙахьалчи вукΙиналда. Хадуб гьес абулеб буго, жиндир бугин террористиял планал гΙумруялде рахъинариялъе къваригΙарабщинабин. Жинда бажарулин бомбабиги, транспортги, цогидаб къваригΙарабщинабги кьезейин. Ахир-къадги гьединаз гьел бомбаби машинаялда лъун къваригΙараб бакΙалда кьвагьиязабиялъе телефоналдаса номер кьурун хадуб, гьединав чи кколев вуго.»
Кколищ гьеб букΙинецин рес букΙинчΙеб такъсиралъе ФБРалъ квербакъи гьабулеб бугин абурабин лъураб суалалъе жаваб кьолаго, Ааронсоница абулеб буго, у, гьеб гΙицΙго гьедин бугин. Жибго ФБРалъ гьединал гΙайибал нахъ чΙвалел руго. Амма лъазабулеб буго информаторазул кумек жидеца хΙалтΙизабулеб бугин Цолъарал штатал тероористиял тΙадекΙанцияздаса цΙуниялъул мурадгунин.
Хизер Майер (ЭР)