Диналъул эркенлъи мукъсанлъизабулеб буго

30 июлалда Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъ загьир гьабуна дунялалда диниял эркенлъаби цІуниялда сверун жиндирго доклад. "ГІарабазул ихалда" хадуб гьеб ккола гьединаб тІоцебесеб документ. Вашингтоналда Карнеги Фондалда гьеб доклаладалъул презентациялда кІалъалаго, пачалихъияй секретарь Гьиллари Клинтоница лъазабуна гьеб документ кколила дунялалъул диниял чагІазул ихтиярал хвезариялъул хІакъалъул сигналилан.

Диналъул эркенлъиялъул рахъалдасан инсанасул ихтияр цІуни парахатал, хІинкъи гьечІел, ракълилал жамгІиятазул аслияб элемент кколеб букІин ракІалде босани, жакъа абизе бегьула, дунял нахъе хъуштІулеб бугин, лъазабуна Гьиллари Клинтоница ва жубана, "гІарабазул ихалъул" контексталда, мисралъул хІукуматалъ коптазде данде гьабулеб зулму чІезабизени щиб, гьеб жибго гІахьалаб батана гьезие зулму гІуцІиялде.

Цолъарал штатазул пачалихъияй секретарь Гь. Клинтон диналъул эркенлъиялъул хІакъалъулъ докладалъул презентациялда.

Пачалихъияб департаменталъул докладалда абулеб буго гьединго, Китаялда 2011 соналда гІемерлъун ругин диналъул рахъалдасан инсанасул ихтиярал хвезариялъул хІужжабиян. Щималияб Кореялда, докладалъул авторазул пикруялда, динияб эркенлъиялъул магІнаялде данде кколеб кинабгІаги ишарацин гьечІила. Гьеб кІиябго улкаялда хурхунгуребги, Пачалихъияб департаменталъул ургъел ккезабулеб буго Бирмаялъ, Ираналъ, СагІудиязул ГІарабиялъ, Суданалъ, Узбекистаналъ ва Эритреялъ. Гьез гьединго кІвар буссинабулеб буго, демографиялъул рахъалдасан кІудиял хиса-басиял ругел Европаялъул улкабазда ксенофобия, антисемитизм ва бусурбабазде квешаб бербалагьи загьирлъулеб букІиналдеги.

Докладалда рекъон, Россиялда аслияб къагІидаялда диналъул эркенлъиялъул адаб гьабулеб буго. Гьелдаго цадахъ гІисинал диниял жамгІиятазде тІадецуй гьабиялъул хІужжаби хутІулел ругин, хъвалеб буго доклалдалда. 20ІІ соналда гІисинал диниял гІуцІабазде тІадецуй гьабулеб букІана экстремизмалъул гІайибалги гІунтІизарун. Инкар гьабулеб букІана гьединал гІуцІиязул регистрация гьабизе. Диниял хІаракатчагІазе улкаялде рачІиналъе ресал къотІизарулел рукІана гьезие визаби кьезе инкар гьабун.

Диналъул эркенлъиялъе гІорхъаби чІезариялъул хІужабилъун риккунеб буго Пачалихъияб департаменталъ гьединго, диниял тадбирал тІоритІулеб бакІазде щвезе гІадамазе квал-квал гьабиги, гьединал гІуцІабазул гІахьалчагІазул цоял аресталде гъоркье росиги. Россиялда дин пачалихъалдасан батІа гьабун букІаниги, улкаялъул нухмалъиялъ жиндего гІагарлъизарун руго ГІурусазул православияб гьатІан ва цо-цо гІадатІияллъун риккунел диниял жамгІиятал.

Докладалда гьединго абулеб буго, " Экстремистияб хІаракатчилъиялъул хІакъалъулъ къанунги" Россиялъул хІукуматалъ хІалтІизабулеб бугила диниял гІуцІиязде гьужумал гьариялъе, гьелъул гІахьалчагІи ккун гьел диваналде цере чІезариялъе, гІисинал диниял гІуцІиязе гІорхъаби чІезариялъул мурадаздаийла. Гьединаб тІадецуй россиялъул нухмалъиялъ гьабулеб букІана мисалъе турциялъул гІалимчи СагІид Нурсил асарал рахъулезде, Иеговал нугІазабазде, китаязул Фалангун абураб багъа-башариялде, саентологазде. Гьеб киналдаго цадахъ гІисинал радикалиялгун миллатачилъиялъул газетазда рахъулел рукІана жугьутІал, бусурбаби какулел ксенофобиял макъалаби. Россиялда бусурбабазул 19 къокъа террористияблъун лъазабун, гьукъун буго. Докладалъул автораз абулеб буго, гьединал гьукъияз россиялъул нухмалъиялъе рес кьолеб бугин жидеего бокь-бокьарав бусурбанав аресталде гъоркье восизеян, гьединал къокъабазулгун хурхен бугин абун гІайибги гІунтІизабун.