ТΙоцебесеб февралалда Цолъарал штатазул пачалихъияй секретаралъул хъулухъалдаса нахъе ана Гьиллари Клинтон. Щибха тараб гьелъ жиндаго хадуб америкаялъул аслияй дипломаталъул хъулухъалда йикΙаго? Гьелъие жаваб кьолаго, ЭР-лъул мухбир Ричард Солашица абулеб буго, нахъе ине заман щвараб мехалда гьелъул букΙанин гΙуралъ кΙудияб рейтингин ва президент Барак Обамаца абухъе, гьей нахъе уней йигин Цолъарал штатазде божилъиялъул даража цΙидаса тΙаде унеб мехалдайин.
СВS телеканалалъе интервью кьолаго, Обамаца лъазабуна, Клинтон хутΙизе йигин историялда бищунго лъикΙал пачалихъиял секретаразул цояй хΙисабалдайин.
Пачалихъияй секретарь хΙисабалда гьей чΙечΙого щолей йикΙана батΙи-батΙия пачалихъазде. Гьелъ гΙага-шагарго нахъ тун буго 1 миллион мил. Щун йиго 112 улкаялде.
Гьелъул кумекчиясул рагΙабазда, Клинтон йикΙана свак лъаларей хΙалтΙухъан ва гьелъул хΙалтΙул къо богода гурони лъугΙунеб букΙинчΙо, хасго пуланаб улкаялда хΙалуцараб ахΙвал-хΙал загьирлъулеб мехалда.
Гьейгун цадахъ хΙалтΙулел рукΙараз кΙвар буссинабулеб буго дипломатиял интрументазда цадахъго гьеллъул кΙвакΙараб позиция загьир гьабизе бугеб махщелалдеги. Хасго гьеб махшел загьирлъулеб букΙун буго Ираналде данде гьарулел хъачΙал санкциязда сверун халкъазда гьоркьосел бахΙсал унеб мехалда.
КΙудияб асар букΙун буго гьелъул хьвада-чΙвадиялъул гьединго Ливиялда халкъазда гьоркьосел къуватал хΙалтΙизариялъул суалалда хурхунги, Бирмаялъулгун дипломатиял бухьенал чΙезариялъул суалаздаги. Гьелъул жигарлъиялдалъун Цолъарал штатаз дагьалъги щулалъизаруна Европаяллгун гьоркьорлъаби. Гьелъ цΙакъ кΙудияб кΙвар буссинабулеб букΙана дунялалда руччабазул ихтиярал цΙуниялъул суалалде.
2012 соналъул 11 сентябралда Бенгази шагьаралда дипломатияб идараялде тΙаденкΙанцΙун, цолъарал штатазул вакил чΙваялда бан Клинтонил репутация хвезе бугин рикΙкΙунеб букΙана цо-цо экспертаз. Амма гьел мекъал ратана.
Гьелдаго цадахъ аналитиказ кΙвар буссинабулеб буго, пачалихъияв секретарлъун вукΙарав Генри Киссинджерил гΙадаб халкъазда гьоркьосеб хΙалуцин гΙодобе ккезабулеб хΙалтΙул масштаб гьелъул букΙинчΙеблъиялде. Яги Джордж Маршаллил улкаялъул къуват цΙикΙкΙинабун, цогидазул жидерго къуват цΙикΙкΙинабиялъул магΙна хвезабиялъул теориягΙадаб жо гьелдаса хутΙун гьечΙеблъиялде.
Гьезго абулеб буго гьединго, гьей гьеб хъулухъалда йикΙаго, рагΙалде бахъинчΙин халкъазда гьоркьосел кΙудиял проблемабазул цогΙагиян. Гьез жубалеб буго, гьелъул хΙалтΙулъ щибниги экстраординарияб букΙинчΙин.
Гьиллари Клинтонил аслиял критиказул цояв кколев вуго гΙелмиябгун техникияб къватΙисеб политикаялъул Брукингсил цΙаралда бугеб институталъул директор Майкл О’ Хэлон. Гьес пачалихъалъул историялда бищунго лъикΙал пачалихъиял секретаразда гъорлъ Клинтон гьес лъолей йиго цо болъоялъ гъоркье. Амма гьесго абулеб буго, Клинтоница бищунго ракΙалда чΙолеб хΙалтΙи Азиялда гьабунин. Гьель Бирмаялъулгун дипломатиял гьоркьорлъаби гΙуцΙанин. Гьей гΙахьалъанин китаялъул форумаздайин. Обамал администрациялъ азиялъул рахъалдехун галаби гьарулеб мехалда гьелъул гΙемер хΙалтΙи букΙанин улкаялде адаб бижинабулебин.
Гьелдаго цадахъ гьебго Азиялда хурхун какулейги йикΙана гьей. Хасго 2009 соналда, хъулухъалда хΙалтΙизе байбихьун чанго анкьалдаса, гьей какулей йикΙана, «инсанасул ихтиярал хвезарулел рукΙиналда бан Пекиналде тΙадецуй гьабулеб бугони, Китаялъулгун экономикиял гьоркьорлъаби хвезе бегьулин», абураб лъазабиялда хадуб. Инсанасул ихтиярал цΙунулел хΙарактчагΙазги квешаб къимат кьуна гьеб лъазабиялъе. "The Washington Post" газетаялъ лъазаби риккана гьелъул гъалатΙлъун.
Америкаялъул къватΙисеб политикаялъул эксперт Айрон Дэвид Миллерица абулеб буго ХъахΙаб рукΙалъ нагагь гурони кьолеб букΙинчΙин Клинтоние рес «ГΙемер тΙад ургъизе кколеб стратегия» хΙалтΙизабизеян. Гьесул рагΙабазда Афгъанистаналде ва Пакистаналде хасав вакил хΙисабалда президентас витΙанин Ричард Холбрук. Абизе бегьулин гьениб гьес пачалихъияй секретаралъул хΙалтΙи гьабулеб букΙанин.
Айрон Дэвид Миллер: «Гьелъ бищана жиндирго хΙалтΙул къагΙида. Дица гьелде абула «планетарияб гуманизмин». У, гьел суалал кΙвар кΙудиял ккола. Дица рикΙкΙуна гьеб гьединаб бигьаяб гΙадатиябго хΙалтΙи кколарин ... жинсиял суалал, геялгун лизбияназул ихтиярал, дискриминациялде данде къеркьей, прессаялъул, социалиял медиасурсатазул эркенлъиялъул суалал, табигΙат цΙуниялъул проблемаби. Гьел ккола 2Ι-билеб гΙасруялъул кΙвар кΙудиял суалал. Гьел гΙемер рорхизарулел рукΙиналда бан, хасго пачалихъияй секретараль такрар гьарулеб мехалда гьел кколел рукΙана гΙадатиял суалаллъун.»
Миллерил пикруялда, гьанжеги гьедигΙанго заман ун гьечΙо, пачалихъияй секретарь хΙисабалда , клинтоница гьабураб хΙалтΙуе къимат кьезе.
Жийго Клинтонаца хъулухъалдаса нахъе иналда хурхараб данделъиялда лъазабуна, жидеца гьабураб хΙалтΙудаса жий чΙухΙарай йигин.