Обамае щвана байбихьараб лъугΙинабизе рес

Барак Обама вищана иргадулаб ункъго соналъе Цолъарал штатазул президентлъун. Гьес гьаркьал кьолезда лъазабуна, жиндие бокьун бугин 2008 соналда байбихьарал ишал рагΙалде рахъинариялъе шансал щвезейин. Гьел ишал хурхарал ругин накабазде кколеб букΙараб миллияб экономика чΙаголъизабиялда, банкалъул реформабазда, климат хисиялда ва сахлъи цуниялда сверун тадбиразда. Китайялъ, Ираналъ, Афгъанистаналъ, Россиялъ ва Азиялъулгун Парахатаб океаналъул регионалъул улкабаз гьанже америкаялъул рищиязул хΙассилазде балагьун гΙуцΙулел буго жидерго планал абун бицунеб буго жиндирго макъалаялда ЭР-лъул мухбир Гьизер Майерица.
Гьаркьал кьолезда цеве вахъунаго Барак Обамаца американиязда гьарулеб букΙана, жиндие цойги болжал кьейин, 2008 соналда байбихьараб хΙалтΙи рагΙалде бахъинабизеян абун.

Барак Обама: «Гьаб нухда нахъе руссиналъул магΙна гьечΙо, нилъ дорегΙан щвана. Нилъер гΙемер хΙалтΙи буго медикияб хъулухъ лъикΙлъизабиялъул нухда. Нилъер цΙакъ гΙемераб хΙалтΙи буго цебе, хΙалтΙул бакΙал цΙиккинариялъул ишалда. Нилъеца цΙакъ гΙемер мугΙалимзаби хΙалтΙуде росизе ккола. Нилъеца цΙакъ гΙемер школаби цΙигΙуцΙизе ккола. Нилъер цΙакъ гΙемер студентал руго учузаб тΙадегΙанаб лъай щвезе кколел. Нилъер гΙемерал рагъулал руго рукъуре рачине кколел. Гьедин гурищ Цолъарал штатазул президентасул хъулухъалде дица кандидатура лъураб.»

Жакъа гьес гьеб хΙалтΙи халат бахъинабулеб буго. Обамал хадусеб ункъо соналъул планал абизегΙан батΙиял гьечΙо, президентасул цебесеб болжалалда рукΙараздаса. Гьанже экономика бигьа-гьабун лъикΙаб нухалде буссунеб буго. Жакъа цересел соназде данде ккун, американиязе хΙалтΙи балагьизе бигьалъулеб буго. Амма америкалъул президент экономикиял суалазда тΙадчΙезе вуго хадувги.

Дагьалъ цебе MSNBC кабелалъул телеканалалъе интервью кьолаго, Обамаца лъазабуна, жив вищулев вугони, жиндир приоритет хурхараб букΙине бугин пачалихъалъул налъи дагьлъизабиялда, хвезабулеб бюджеталъул гΙарац дагьлъизабиялда, бечедазул магъалаби цΙикΙкΙинариялда.

Гьес гьединго абулеб буго кΙвар буссинабизе бугила индустриялъул, энергетикаялъул, инвестициязул инфраструтуралъул цебетΙеялдейин. Гьелъин абуни, рес кьезе бугин бизнес цебетΙезабун, гΙадамазе цΙиял хΙалтΙул бакΙал рагьизе.

Руго гьединго тΙоцебесеб болжалалда рагΙалде рахъинаричΙел реформабиги. Гьесул администрациялъул гьанжеги гΙемер хΙалтΙи хутΙулеб буго банказул реформабазул нухда, гΙемер хΙалтΙи хутΙун буго "Obamacare" абулеб сахлъи цΙуниялда хурхараб къануназул комплект щвалде щвезабиялда. Гьел къанунал хΙалтΙизе байбихьизе ккола 2014 соналдаса байбихьун.

Экспертаз гьединго риккунеб буго, Обамца иммиграциялъул политикаялдеги кΙвар буссинабизе бугин. Рищиязда цебесеб кампаниялъул ахиралда Обамаца лъазабуна журналистазда, гьал рищиязда жив бергьине кколин, щайгурелъул республиканияб партиялъул кандидатаз кΙвар кьечΙого толеб, амма Цолъарал штатазда бищунго хех цΙиккунеб латинамериканиязул халкъалъул проблемаби рагΙалде рахъинаризе хΙаракат бахъизе бугин жинцайин.

«ThinkProgress» абураб либералияб политикияб сайталъул бетΙерияв редактор Джад Легамица абулеб буго, Обама нахъ вуссине бегьулин климат хисиялда хурхарал суалаздегийин. ТΙоцебесеб болжалалда гьес гьел суалал тун рукΙанин гьез экономикаялъул проблемаби тΙадеги гъварилъизабиялъе рес букΙараблъиялда банила.

Джад Легам: «Дир пикруялда, Цолъарал штатазда загьирлъулел гьава-бакъалъул шартаз, хасго дагьалъ цебе машрикъалъул рахъалъул рагΙаллъиялда букΙараб «Сэнди» ураганалъ, гьев ургъизе тΙамизе бегьула климат хисиялъул проблемаялда тΙадги. Дир пикруялда, буго хьул гьес цо-цо инициативазул рахъ кквезе букΙиналъул. Гьеб букΙине бегьула хурхараб атмосфераялде углерод биччаялъе квотаби чΙезариялда яги щиб букΙаниги цогидалда.»

КъватΙисеб политикаялда хурхунги президентасул кΙиабилеб болжал тΙоцебеселдаса бихьулеб къагΙидаялда батΙияб букΙине гьечΙо. Гьенибги гьес гΙамал гьабизе буго бай-бихьараб иш рагΙалде бахъинабизе. Мисалалъе, гьес гΙамал гьабизе буго 2014 соналде рагъулазул контингент нахъ бачΙиналде Афгъанистаналда ругъул операциябазул къадар минимумалде бачине. Гьес халат рахъинаризе руго Ираналде данде рилъанхъизарулел хъачΙал санкциябиги.

Рищиязда цебе республиканияз лъазабулеб букΙана, нагагьлъун Обама цΙидаса вищани, вищичΙого хутΙиялъул хΙинкъиял нахъе ун хадуб, гьес эркенаб къагΙидаялда жиндиего бокьа-бокьараб гьабизе бегьулин, гьес гьанже жиндирго планал рагΙалде рахъиниричΙого тезе рес бугин.

Катонил институталъул улка цΙуниялъулгун къватΙисеб политикаялъул рахъалдаса вице-президент Кристофер Приблица абулеб буго гьеб мекъаб пикру кколин. КΙиабилеб болжалада гьесул аслиял пикраби хурхарал рукΙине ругин, щиб жинца нахъ толин абуралда, кинаб мустахΙикъав чи жинда хадув гьеб хъулухъалде вачΙине кколин абуралда. Цингиги кΙочене бегьуларо, кинал политикиял лъалкΙал хутΙулелали, цингиги, бугогури президентасул политикияб партияги.

Кристофер Прибл: «ЖамгΙияталъе данде кколареб къватΙисеб политика билъанхъизабулеб бугони, гьелдаса кΙудияб хΙинкъи букΙине бегьула гьесул партиялъе. Дир пикруялда, гьев гьелда тΙадги ургъула. ХΙакъикъаталдаги, Бушил кΙиабилеб болжал букΙараб мехалда нилъеда бихьулеб букΙанагури хΙинкъи бугеб инициатива чΙезабураб куц. Гьес хΙалбихьун букΙана къватΙисеб политикаялда цо-цо хиса-басиял гьаризе. Мисалалъе, гьес хΙалбихьун букΙана ГΙиракъалда рагъ дагьалъги гΙатΙилъизабизе. Амма жамгΙият гьесде данде бахъун чΙана доб мехалда.»

Приблица кΙвар буссинабулеб буго цебесеб болжалалда Обамаца байбихьарал ишаз баянал хΙассилал кьолел рукΙиналде. Гьес мисал хΙисабалда рехсолеб буго Ираналде данде гьарулел санкцияби. Гьесул рагΙабазда, гьел санкцияз ираналъул банкалъул системаялъе захΙмалъаби раккизаруна, нартил индустриялъул сфераялдаги руго проблемаби, гьелъул валютаялъул къимат бихьулеб къагΙидаялда гΙодобе ккана.

Гьесулго пикрялда, Обамаца Ираналда хурхун гьединаб политика халат бахъинабузе буго.

Обамаца Москваялъулгун лъазабун букΙараб «Перезагрузкаялъги» кьуна, Приблил пикруялда, пайда. Москва разилъана Ираналъулги Афгъанистаналъулги суалазда хурхун гьоркьорлъаби гΙуцΙизе. Гьес абулеб буго хадубги Москва разилъизе бегьулин гьединго Сириялда хурхун гьоркьорлъаби гΙуцΙизегиян.